Коронавирусгун къеркьолаго унго-унгояб бахIарчилъи бихьизабурал тох­турзабазе баркалаялъул кагътал кьуна республикаялъул нухмалъулев Влади­мир Васильевас. Гьезие мустахIикълъана 10 000-ялдасаги цIикIкIун чи. Гье­динго хIурматиял шапакъатал ва цIарал кьун кIодо гьаруна сахлъи цIуниялъул 223 хIалтIухъанги.

 

 

Гьезда гьоркьоса «Реццалъе мустахIикъаб захIмат» абураб шапакъат щвана анкьго чиясе, 128-ясе кьуна «Республикаялъул мустахIикъав тохтур» абураб цIар, 41-ясе -«Республикаялъул сахлъи цIуниялъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб цIарги. ТIад цIар хъварал сагIтал сайгъат гьаруна 15 тохтурасе.

 

РФялъул президент Владимир Путинил указалда рекъон, «Пироговасул Ор­ден» кьун кIодо гьаруна республикаялдаса сахлъи цIуниялъул 20 хIалтIухъан. Гъоркьехун кьолеб буго гьезул сияхI:

 

ГIабдулмутIалибов Ибрагьим ГIабдулмутIалибович – отделениялъул заве­дующий.

ГIабдурахIманова ГIайшат АсхIабовна - отделениялъул заведующий.

Абуева Аида Агъаевна – тохтур.

Альбориев ГIабдула Хайрулаевич - отделениялъул заведующий.

Аслангерев ГIабдухIамид МухIамадович – тохтур.

ХIажиева Гюльжанат Сиражудиновна – тохтур.

ХIусенов Заур ГIалиевич – тохтур.

Идрисов ХIажимухIамад Идрисович - отделениялъул заведующий.

Идрисова ГIайшат Идрисовна – тохтур.

ИсмагIилов Халид МухIамадович - отделениялъул заведующий.

Къураев Наби Шамилевич – тохтур.

Къурбанов Мурад Мухтарович – тохтур.

МухIамадгIалиев МухIамадгIали Асадулаевич - отделениялъул заведующий.

Мурадова Валида РахIматулаевна – тохтур.

Рабаданов МухIамадрасул МухIамадович - отделениялъул заведующий.

СагIитаева ГIайшат ХIамзатовна - отделениялъул заведующий.

Султанбеков Руслан МухIамадович – тохтур.

ТIагьиров ХIусен МуртазагIалиевич – тохтур.

Ходжаев Эмил Зиядханович – тохтур.

Шамсудинов МухIамад ХIажимурадович – тохтур.

 

«ХIакъикъат» газеталъул редакциялъги ракI-ракIалъ баркула тохтурза­базда гьел шапакъатал. Горбода мусруги жемунин абухъего, нахъе къачIого, гIажалаб унтуца квелъ биччарал бакIазда сордо-къо батIа гьабичIого хIалтIарал гьелги гьезда цадахъ рукIаралги абадияб реццалъе мустахIикъал руго. АнцI-анцI тохтурасда гIажалги батана гьениб. Хваразе алжан насиб­лъун батаги. ЧIаго ругезе тавпикъги щулияб сахлъиги кьеги бигьаяб гуреб заманалда, захIмалъиги къулчIун, нилъер сахлъиялъе гIоло, гурун гъуждул­гун, бакIаб борч тIубазабизе. Аллагь разилъаги киназдасаго.