Эверест квегъарав магIарулав

МахIачхъалаялда хIасил гьабуна «ЛъагIалил инсан–2017» абулеб регионалияб конкурсалъул. Киналго разилъун, жюриялъ гьеб хIурматияб цIар кьуна Эверест квегъарав дагъистанияв, альпинист Рашид ХIажиясуловасе.
Конкурсалъулаб комиссиялъул председатель, ДГУялъул кафедраялъу­л заведующий ХIамид Му­хIамадовас абуна, «Каспий-Медиа» регионали­яб журналистлъи це­­бе­тIе­забиялъул цент­ралъ ва «Море-ТВ» телеком­па­ниялъ конкурс гIуцIун бу­кIанила регион цебе­тIе­забиялда кIудияб бу­тIа лъурал ва халкъалда гьоркьор машгьурал ча­гIи тIатинариялъул, кIо­догьариялъул мурадалда.
Гьес квегъана Эверест ва дунялалъул тIохда (8848 метр) чIвана Дагъистаналъул байрахъ», - ян абуна ХIамид МухIамадовас.
Дагъистаналъул альпинизмалъул федерациялъул президент Петр Леоновас абуна: «Цебе Дагъистаналдаса лъицаниги гIахьаллъи гьабун букIинчIо Джомолунгмаялде гьарулел экспедициязда.
Экспедициязде унел хар­жазул масъала тIубалеб бу­кIарабани, Дагъистана­лъул альпинистаз Эверест це­бего квегъилаан. Рес кка­рабго, Рашидица гьел мугI­рузул тIогьиб гIагараб улка­ялъул байрахъ чIва­на», - ян.
Эверест мукIур гьабурав Рашид ХIажиясуловасе ша­па­къаталъе кьун бу­кIана «Эдельвейс» абураб орденги.
ХIурматияв Рашид, дур бахIарчилъиялъе, къо­хIе­хьеялъе, цебелъураб масъа­ла тIубазабиялъе ба­хъулеб жигаралъе ва яхI-намусалъе мукIурал ру­го киналго дагъистани­ял. 2017-абилеб Рашидил сонлъун кколеб буго: мун вахана дунялалъул тIох­де ва мустахIикълъана «Лъа­гIалил инсан» абураб цIа­ралъе. Дуца дунялалдаго рагIизабуна мугIрузул улка­ялъул цIар. Баркула ду­да тIаде щолеб 2018 сон, гьа­рула дуе ва дур хъиза­малъе талихIаб гIумру, щу­лияб сахлъи.
Нури Нуриев