Бищун ковид тIибитIаразда гъорлъ Дагъистанги

 

25 октябралде ругел баяназда рекъон, ахираб кIиго анкьида жаниб СКФОялда коронавирусалъ унтун вуго тIадеги 17 азарго чи (6,3 процент). Унтул хъвай-хъвагIай гьабуразул гIаммаб къадар ккола 284 азарго чи.

Бищун гIемер унтизе байбихьун руго Cтаврополь краялда, Дагъистаналда, Кабардино-Балкариялда.

Гьедин бицана 26 октябралда тIобитIараб СКФОялъул субъектазул бутIрузул данделъиялда.

 

Оперштабаздаса харбал

 

  Гьеб округалда Россиялъул президентас тарав официалияв вакил Юрий Чайкаца бицана вакцинациялъул ишги квеш гьечIин округалда, амма ракIалда букIарабгIан лъикIги гьечIилан. СКФОялда буго вакцинаялъул нахърателги. ГIадамазе гьабун буго гьелъул 72 процент. Гьединлъидал Госуслугабазул сайталдасан гIарзаги хъван, иргаялда чIарал гIадамазе гьабизе кколин гьеб хехаб къагIидаялдаян абуна Чайкаца.

Гьелдаса хадуб ДРялъул бетIер Сергей Меликовасги тIобитIана коронавирусалда дандечIезелъун гIуцIараб оперативияб штабалъул данделъи.

Гьес тIадкъай кьуна, хIажалъи ккани, больницабазда тIадеги койкаби лъезе, коронавирусалде кIвар кьезе кколеб букIунилан, захIматал цогидал унтаби, батIи-батIиял патологиял ругел чагIазе букIине кколедухъ медицинаялъул кумек гьабизе, гьединго вакцина гьабиялъул гIаламатлъун кколеб QR-код бихьизабун гурони чи цо-цо бакIазде виччангутIизе.

Гьел бакIал ккола дармилал централ, 400 кв. метралдаса кIодо­лъиялъул (кванил нигIматазул гурел) тукаби, гIемерал чагIи жанир кваналел бакIал, кинотеатрал, спортзалал, фитнес-залал, руччабазул салонал.    

Сергей Меликовас абуна QR-код бихьизабизе гIадамал кин тIамилелали бицун, бизнесменазда, батIи-батIиял гIуцIабазул нухмалъулезда гьоркьоб бичIчIикьеялъул хIалтIиги гьабизе ккелилан. Гьереси-кодал рихьизарулел ругищали халкквезе ахIана гьес МВДялъул идарабиги.

Гьедин QR-код бихьизабулеб къагIида цогидал улкабазда араб риидалго билълъанхъизабун буго.

Гьеб данделъиялда бицана вакцина гьабичIел ва хроническиязде сверарал унтаби ругел 60 сонилъа арал чагIи моцIица рокъор тезе рукIиналъулги. Амма гьеб ахIвал-хIалалдаса пайдаги босун, хIалтIухъаби хъулухъаздаса нахъе ритIизе лъугьине бегьулин цо-цо нухмалъулел, гьелдеги кIвар кьезе ккелин абуна Меликовас.

Оперштабалъул баяназда рекъон, 25 октябралдехун республикаялда вакцина гьабун буго щунусазаргоялде гIагарун чияс. Амма дару гьабизе кколел гIадамазул 27 процент ккола гьеб.

Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловас рехсана хехаб куцалда коронавирус тIибитIулел районалги: Бабаюрт, Дахадаев, Гъизляр, МухIарамкент, Шамил, Сулейман-СтIал, Хив районал ва Дербент, Хасавюрт, Избербаш, Дагогни шагьарал.

ДРялъул сахлъи цIуниялъул министрасул ишал тIуразарулей Татьяна Беляевалъ бицана гьабсагIаталда республикаялда 2, 8 азарго койка бихьизабун бугила унтаразе, хIажалъи ккани, тIаде жеги 116 койкаги хIадурилила. Гьедин больницабазда вуго ковидалъ/пневмониялъ унтарав 2346 чи (гьезда гьоркьоб буго 48 лъимерги, 60-йилъа сонал арав 658 чиги, лъимаде йигей 40 чIужугIаданги).

Реанимациялда вуго 153 чи. Кислород кьолеб буго 717 чиясе. 

Беляевалъ бицана гIодоркъоязе кьолеб хадусеб анкьалъ вакцинация гьабулел пунктал хIалтIулел рукIине ругиланги.

 

«7 ноябралдаса хадуб цIикIкIина унтаразул къадар»

 

Къойилго унтаразулгун бухьеналда рукIунел тохтурзабазул цо-цояз гьадин бицана вакцинаялъулги ковидалъулги хIакъалъулъ «ХIакъикъат» газеталъе.

ГIабдурахIман Хайрулаев, Дагъистаналъул катастрофабазул медицинаялъул централъул кIудияв тохтур:

Миллион чияс гIумру гьабулеб МахIачхъалаялда ковидгун пневмониялъ унтаразул къадар гьабсагIаталдагицин гьедигIан кIудияб бугин абиларо дица — сордо-къоялда жаниб загьирлъула 85-95 чи. Амма анкьабилеб ноябралдаса хадуб унтаразул къадар цIикIкIинин ккола дида.

КIиго анкьалъ цебе къанагIат гурони рукIинчIо тIаде унтарал чагIи (масала, сордо-къоялда жанив — 50-60 чи).

БокьанагIан унтаралги регизарулел руго больницабазда (Редукторныялда бугеб больницаялда, республикаялъул Ветераназул госпиталда, централияб больницаялда). Цо талихIалъ, гьединал унтаразе гьабсагIаталда эркенал койкабиги руго гьенир. ГIицIго щуго процентгIанасеб къадар букIуна унтаразул, рокъор чIун дару-сабаб гьабизе бокьарал. Гьел нижеца больницабазде рачинчIого, участкабазул тохтурзабазул халкквеялда гъоркь рукIине рокъор тола.

Нижеца больницабазде рачунел унтаразда гъорлъ руго цIакъ захIматалги. Гьел рукIуна рикIкIада росабалъа рачIарал, вакцинаги гьабичIого, иш ахиралде ккезегIан рокъор сах гьаризе чIолел чагIи. Масала, чанго къоялъ цеве дида лъикI лъалев чияс гьарана жиндир вац больницаялда вегизавеян. ГьабсагIаталда захIматаб хIалалда больницаялда вуго гьев. Гьезул рокъосезул цонигияс гьабун гьечIо вакцинаги.

Гьебго хIалалда больницаялда вуго Хьаргабиса дир гьалмагъасул вацги. Гьесги гьабун гьечIо вакцина. ПалхIасил, киналго захIматго унтарал чагIи вакцина гьабичIел ратулел руго.

Дагьал ругониги, лъималги унтулел руго. Сордо-къоялда жаниб – лъабго-ункъо лъимер.  

Цо-цо мехалда унтаразда гьоркьор дандчIвала цереккун унтун рукIарал чагIиги. Иммунитет дагьабниги загIипал чагIи цIидасан унтизеги рес буго. Амма иммунитет лъикIаб бугони, гьеб унтуда дандечIола.

Вакцинация гьабурал чагIиги унтулел ругилан бицунеб рагIула. Гьеб жо гьереси ккола. Гьединазул гIицIго 0,01 процент гурони унтизе рес гьечIо. Унтаниги, бигьаго унтула.

— Дуца абуна анкьабилеб ноябралдаса хадуб унтаразул къадар цIикIкIине бугилан. Сунда бан?

— Сунда банха букIинеб, эркенго сапарал гьаризе изну кьун бугелъул гIадамазе. ГIодоркъоял рукIинги хIисабалде босун, хIухьбахъизе ине къачIалел руго гьел. Гьале нижер хIалтIудаги руго гьединал чагIи.

Ахирисеб дежурство бугила жидер гьаб, гьелдаса хадур жал хъизаналгун цадахъ Турциялде ине ругила. Валлагь, нужеца добаса бищунго инжитаб штамм босун бачIинчIонихаян дицаги абуна.   

ХIуризадай Абуева, Буйнакск шагьаралъул поликлиникаялъул тохтур:

— Хас гьабун «Спутник-Лайталъул» цо компонент гьабизе къваригIун, нижер больницаялде гIемер рачIана Буйнакскиялдаса гурелги, цогидал шагьараздасагун сверухъ ругел росабалъаги гIадамал. Гьел кколаан ковидалъ цоцIул унтарал ва гьелдаса хадур лъугьарал антителаби цIикIкIинаризе бокьарал чагIи. Гьединго жидеца гIумру гьабулел бакIазда вакцина тIаде щвеялъухъ балагьун чIезе бокьичIел чагIиги руго гьел.

Гьаб нижер больницаялдаго гIадин, Буйнакскиялда вакцина гьабулел бакIал руго лъималазул поликлиникаялдаги диагностикаялъул централдаги.

Гьанже вакцина гьабизе рачIунезда гъорлъ гIемер руго рекIел, бидурихьазул унтаби ругел гIадамалги. Телевизоралдасан Малышевалъул, Мясниковасул ва цогидал передачабазухъ балагьун, Москваялдаса байбихьун улкаялда лъугьа-бахъунелъухъ гIенеккун хадуб, бижулеб буго гьезулъ вакцина гьабизе ккелин абураб пикру.

Вакцинаялда хадур рачIарал гIадамазул ригьалъул бицани, гIолохъаналги руго гьезда гъорлъ, гьоркьохъебгун чIахIияб ригьалъул чагIиги руго. 

Щаяли гIемерисез «Спутник» тIаса бищулеб буго, гьелъие лъикIго реклама гьаби батила гIилла. Ревакцинациялъеги бихьизабун бугелъулха гьеб.  

Жив ковидалъ унтилин хIинкъарав цо пациент вукIана дир. Дица гьесда абуна цин дур ургьисалабазул гIузру сах гьабичIого, вакцина гьабиларин абун. Гьединлъидал гьев медотводги хъван чIезавун вукIана. Хадуб дагьаб мадар лъугьиндал, вакцинаги гьабуна. Ковидалъ унтаралдаса чанго моцI инегIан чIезе кколел ругони, яги сах гьаризе бажаруларел, захIматал унтаби ругел чагIазе кьола медотводал. Гьелги кьола заманаялъе. ГIумруялъего гьединаб медотвод къанагIат гурони кьоларо. Масала, дир цо пациент вуго кIващул унти сах гьабизе кIоларев. РукIуна бронхит, пневмония багъарун, ургьисалал цIунун ва цогидаб унти хIалуцарал чагIи. Гьезие кьелебищ медотводали, ургъизе руго ниж.

Зульфия ХIажиева