Дагъистаналдаги QR-код

 

 

Итни къоялъ ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана коронавирусалде данде къеркьолеб оперативияб штабалъул данделъи. Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловас лъикIаблъун бихьизабуна цо-цо идарабазда QR-кодал хIалтIизаризе ккелин абун. Гьесго абуна 65-ялдаса тIаде сонал рарал, вакцина гьабичIел хIалтIулел чагIи дистанциялъулаб къагIидаялде рачине, гьединго маскаби раялда хадуб халкквезеги ккелин абун.

Данделъиялъул ахиралда Сергей Меликовас тIадкъана, анкьил ахиралде щвезегIан, цо-цо идарабазда QR-код гьечIого жанире риччалареб къагIида гIуцIизе хIадурлъи гьабеян.

Гьединаб хIукму гьабиялъе гIиллалъунги ккана Дагъистаналда коронавирусалъ унтаразул ва холезул къадар цIикIкIунеб букIин.