70 проценталъ гьабуна вакцина

 

      ЦIикIкIунеб буго коронавирусалъ унтарал гIадамазул къадар. Гьелда бан цо чанго регионалъ, гьезда гьоркьоб Дагъистаналъги, хIукму гьабуна хIалтIухъабазул 60-ниги проценталъе чара гьечIого вакцина гьабизе. Гьал къоязда ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул хIалтIухъабазги вакцина гьабуна. Коронавирусалде данде кIиябго вакцина гьабуразул къадар бахана 71 проценталде, кIиго чиясе тохтурзабаз ихтияр кьечIо гьелъие.

     Вакцина гьабилалде тохтурзабаз бицана гьелъул хIакъалъулъ ва гьаби- зе бегьунгутIиялъе ругел гIиллабазул хIакъалъулъ. Прививка гьабурал хIалтIухъабазда гьоркьоб хадубккун тIобитIана цIех-рехги. 50 проценталъ бицана, жидер чорхол хIалго хисичIин абун ва лъабгояс абуна цо чанго къоялъ цIакан бахун букIанин абун. «Коронавирусалъ тIубанго хи- сизабуна нилъер дунял. Дир эбел къадаралде щвана COVID-19 сабаблъун ва лъагIелгун бащдабгIан заманалъ дир рекIелъ букIана гIагарал чагIи унтизе гурин абураб хIинкъи. Гьединабго хIинкъигун гIумру гьабулеб батила нилъер кIудияб гIелалъги. Дие бокьун гьечIо, дун сабаблъун, цогидав чи хвезе. Вакцина гьабиялъ нилъее рес кьола цIуна-къан рукIине, хвалдаса рорчIизе. Гьеб ресалдаса пайда босана дица ва дир чорхол хIалалъул хиса-басиго гьечIо», — ян бицана министрасул кумекчIужу Гулнара ГIабдусаламовалъ.

ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул пресс-хъулухъ