ВАКЦИНАЛЪУКЬА ХIИНКЪУЛЕБ ЗАМАН АНА

 

           Коронавирусалдаса цIунизелъун республикаялда цIидасан гIорхъичIваял гьаризе руго.

           6 июлалда республикаялъул нухмалъиялъ тIобитIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана пандемия байбихьаралдаса Дагъистаналда хъвай-хъвагIай гьабунин ковидалъ унтарав 36,8 азарго чиясул.

         ДРялъул Роспотребнадзоралъул управлениялъул нухмалъулев Николай Павловасул пикруялда рекъон, гьанжегIан гIемерал гIадамал хасалогицин унтун рукIинчIо. Гьелги, аслияб куцалда, 30-59 сонилъ ругел чагIи ккола.

       Гьединлъидал Павловасда лъикIаблъун бихьулеб буго цIакъго гIемерал чагIи ракIарарал тадбирал гьукъизе, рекIелгъеялъе гIадамалги лъималги унел централ къазе, 65 соналде рахарал ва гьелдаса тIаде арал чагIи хIалтIуде риччачIого, исана 31 июлалде щвезегIан рокъор чIезаризе (амма вакцинация гьабурал ва сертификат кодоб бугел чагIи жалго тезе).

         ХIукуматалъул вице-премьер Мурад Казиевас бицухъе, гьабсагIаталда республикаялда буго вакцинаялъул 34 азарго доза. Кинабниги бачIун букIун буго 190 азарго доза.

        Сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъул рагIабазда рекъон, жакъа къоялда республикаялъул больницабазда вегун вуго коронавирусалъ унтарав 3,6 азарго чи. 1-6 июлалда хун вуго 99 чи.

        60 проценталъниги вакцина гьабурал районазда гьоркьор руго Кули, ЧIарада районал, БежтIа участок, Южно-Сухокумск шагьар. 70 проценталъ гьеб гьабурал бакIал руго Агул, ГIахьвахъ, Хьаргаби, Гъуниб, Дахадаев, Лак районал.

      Коронавирус тIибитIиялда данде чIезелъун ва гьелъ лъугьинарурал унтаби сах гьаризелъун гъоркьиса республикаялъул бюджеталдаса биччана 2,6 млрд гъурущ.

        Исана биччалеб буго 260 миллионалдаса цIикIкIун гъурущ. Вице-премьер Нюсрет ГIумаровас бицана гьеб мурадалъе гIоло гьанже нахъра- талие тезехъин бугин жеги цо миллиардалде гIагарун гъурущ.

     Республикаялда тIадбан унеб буго вакцина гьабиялъул иш. Узухъда – руго гьелда данде чIаралги. Гьединлъидал нижеца кьолел руго гьанже гIагар вакцинаялъул хIалбихьарал цо-цо чагIазул пикраби.

 

СагIид Ниналалов, журналист, ДГУялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев:

      — Гъоркьиса пандемия байбихьаралдаса нахъе дун дандчIвана гIемерал гIадамалгун, гIахьаллъана батIи-батIиял тадбиразда, волонтёрлъи гьабун, дараби росун хьвадана больницабазде, садакъаде бакIарараб квен-тIех щвезабуна ресукъал гIадамазухъе. Гьеб мехалда, талихIалъ, коронавирусалъ унтичIо я дун яги дир гIага-божарал.

   Амма гьанже улкаялдаги республикаялдаги лъугьараб ахIвал-хIал дие рекIее гIолеб гьечIо. Нагагь Москваялде ва цогидал шагьаразде индал унти бахани, щибдай дица гьабилаян абураб хIинкъи бижулеб буго. Гьединлъидал ракIалде ккана вакцина гьабизе. Укол гьабураб бакI унтун гурони, тIокIаб батIияб хисабасиги ккечIо. Вакцина гьабун хадуб хIалхьиялда лъабго къоялъ рокъор чIезе кколин абулелъул, кивениги вахъинчIого чIела дунги.

   Дида цадахъ рукIарал чангоязе вакцина гьабичIо: цо гIаданалда тохтуралъ абуна сунде аллергия бугебали лъазабизе мун больницаялде ине кколин. Гьелдаса хадуб гурони гьабизе лъикIаб гьечIин укол. Цогидалъул бидулъ чакар цIикIкIун батана. Гьеб мехалда вакцина гьабизего бегьуларинги абун, гьей гIаданги нахъе йитIана. Дир абуни, бидул тIадецуйги, сатурацияги, цогидабги лъикI батана.

    Вакцина гьабизе букIин дида лъана соцсетазда ругел ДГУялъул чатаздасан. Гьенив хIалтIулев бокьарав чи вачIине бегьулин вакцина гьабизеян хъван букIана гьениб. Гьединлъидал кодоб паспортгун, СНИЛСгун, медицинаялъул страховкагун дунги ана гьениве.

    Вакцина гьабизе рачIаразда гъорлъ рукIана гIолохъаналги 65-йилъе рахинчIел преподавателалги.

 

 

Зайнаб ГIалимирзаева, МахIачхъалаялъул мэрасул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей:

 

 

    — Дун унтана гъоркьиса сентябралда. МоцIгIанасеб мех бана тIаде яхъине бажаруларого – тIилица бухараб жо гIадин букIана къаркъала.

    Хадуб мэриялдаго тIоцебе вакцина гьабурал чагIиги ниж ккана — дунги жеги кIиго ишцоявги. ЦохIо хIалтIухъаналъ хутIизегIан, жакъа къоялде вакцина гьабун буго нижер киналго хIалтIухъабаз. Тохтурас гьукъун буго гьелъие укол гьабизе.

     Вакцинаялдаса хадуб дир бетIер букIана унтулеб, свакан, бечIан букIана къаркъалаги. Цогидаз абуна жидер цIа-кан бахун букIанилан. Амма дида дандеккун, гьез бигьаго хIехьана гьеб. ЦIорораб мех букIиналъги, хIалтIул ишалъ сверизе ккеялъги, дие захIмалъана.

   Дица кIиабилеб укол гьабулеб мехалда, унтана нижер эбелги. Цееккунги ковидалъ унтун йикIарай гIадан йиго гьей.

   Ковидалдасагицин хIинкъи букIунеб буго гьелдаса хадур загьирлъулел гIаламатазул. Масала, гьанже сахлъанин ккараб мехалда, байбихьана беразул канлъи загIиплъизе, чIван лъураб жо гIадин букIана черхги.

     ЦоцIул унтарал чагIазул антителаби раккулелъул, гьез риччаларин кIиабизеги унтизеян бицунаан байбихьуда. Амма вакцина гьабилалде, дица гьелъул хIакъалъулъ гIемераб литература цIалана, кIалъана вирусологалгун, гьединлъидал гьез абуна антителаби анцIгоялдаса дагьал ратани, гьез нилъ цIунуларин.

    Гьединго вакцина гьабун хадур унтарал чагIиги лъала дида. Цо рахъалъ, гьезда гъорлъ руго жидеца укол гьабунилан хъварал гьересисертификаталги росун чIарал чагIи.

     Жибго вирусги бихьуларищха, хисун буго. ЦIакъго багIарараб мехалда гьеб холин, тIагIунин абулаан. Гьединлъидал гъоркьиса риидал гьадигIан захIматаб ахIвал-хIал букIинчIо республикаялда.

     Вакцинаялда тIасан Инстаграмалдагун Вацапалда хъвалебщинаб хIапу-чапур бихьидал, дир лъалехъвалез бицунеб рагIана, бидулъе биччан хадуб кристализацияги лъугьун, чипалде сверулеб рагIулин гьеб дару. Уйинха, дида аскIоса-гIебеде чIани, вай-фаялъул чIоралгицин щвезе бегьулин нужее абун, махсара гьабула дицаги.

      Гьеле гьединал харбал тIиритIизарулел чагIазул цоялъ хъвалеб буго Фейсбукалда: «АлхIамдуллилагь, сон берталъ йикIана дун. Амма дида гьениб кинабгIаги вирус батичIо», — ян. Цояс гьелъие гьадин жаваб кьолеб буго: «Дуда гьеб бахIарасул бакIалда столалда нахъа гIодоб чIун батилиланищ ракIалде ккун букIараб?» — ин.

    Гьединал тайпаялъул гIадамал чIун руго жидеца вакцина я жидеего, яги жидерго лъималазе гьабуларилан. Дица гьезда бичIчIизабула лъималазе гьеб гьадинги гьабулеб гьечIин.

 

Наталья Захарова, журналист, жамгIияй хIаракатчIужу:

 

   — «КовиВак» вакцинаялдехун дир цIикIкIун божилъи бачIана, щайгурелъул гьеб М. П. Чумаковасул цIаралда бугеб гIелмиял цIех-рехазул централда гьабураб букIиналъ. Амма дие къваригIараб мехалда, гьеб гьаниб букIинчIо.

   ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялдасанги жаваб кьун букIана дие «КовиВак» республи- каялдаго гьечIилан. ГIицIго гьаб анкьалда интернеталда хъван батана Дагъистаналде вакцинаялъул 30 азарго доза бачIунеб бугин.

     Гьедин, чанго къоялъ цее МахIачхъалаялъул аслияб майданалде, вакцина гьабулеб пункталде, щвана дун. Кутакалда магIнаял, щибаб жо мухIканго бичIчIизабулел тохтурзаби ратана гьенир. Гьез цин борцана температура, пульс, дида цебе рагьана дару жаниб лъураб къвачIа.

   Дида цеве 15 чиги ватана иргаялда чIун. Цереккунги захIматго унтарал, гьабулеб жоялъул магIнаги бичIчIулел гIадамал ругоан гьел. Гьез цадахъ рачун рачIунел ругоан жидерго эбел-эменги, лъудбигун россалги.

     Тохтурзабаз щивасда гьикъана нужее кинаб вакцина гьабилебилан. Амма гьелдаса нахъе чанго къо аниги, Госуслугабазул сайталда лъун гьечIо дие вакцинаялъул тIоцебесеб компонент гьабунин абураб баян. Дихъ кодоб сертификат бугониги, чара гьечIого пачалихъалъул порталалдаги букIине кколеб баян буго гьеб.

    Нахъисеб къоялъ цIа-кан бахун лъугьана. Гьебги лъаларо — вакцинаялъищ яги багIарун букIиналъищ бахарабали.

      Гьанже кIиабилеб компоненталъухъ балагьун чIелаха. «Спутник» букIарабани, кIиабизе гьеб лъабго анкьидасан гурони гьабулароан. «КовиВак» гьабула кIиго анкьидасан.

     Халкъазда гьоркьохъеб даражаялда босани, дунялалда «КовиВак» киндай къабул гьабилебали лъазе бокьилаан дие. Амма нилъер пачалихъалъ цIикIкIун цIайи «Спутникалдехун» гьабулеб букIин бихьулеб буго.

    Жибго халкъалъул бербалагьиги хисулеб буго. ТIадеялдаса тIаде раккулел штаммалги, дельтабиги, лямбдалги рукIаго, гIадамал хIинкъулел руго вирусалдаса.

     Школалда цIалулей дирго ясалъеги гьабизе бокьилаан гьеб вакцина. Балугълъуде рахинчIел лъималазеги гьеб гьабизе хIалбихьулеб буго Москваялда.

     ПалхIасил, вакциналъукьа хIинкъулеб заман ана.

Зульфия ХIАЖИЕВА