Бакълъулазул тIоцевесев прокуро

КIочонареб лъалкI тана тарихалда Бекмирзаевазул хъизамалъ

 

2018 соналъул 12 январалда 296 сон тIубана Россиялъул прокуратура гIуцIаралдаса. Исана гьебго къоялъ, 110 соналъ цеве, Гумбет районалъул МелъелтIа росулъ Мавлутил Бекмирзал хъизамалда гьавуна бакълъулазул мухъалда тIоцеве вахъарав прокурор ва судияв Бекмирзаев МухIамад.

Доб букIун батула, дун Гумбет районалде прокурорлъун витIун моцIгIанасеб заман бачIеб мех. МелъелтIа, дир кабинеталде, саламги кьун, вачIана гъункараб черхалъул цо херав. ТIад ретIараб сси бугеб ратIлидеги берцинго кIкIвараб магжидеги дандекколареб жолъун букIана, кодор ккурал, гIемер хIалтIизариялъ цIвак-цIвакарал магьидул чIумал. ТIаде балагьун бихьулеб букIана, гьев цеве гIадатияб хъулухъалда вукIарав гурев, жиндирго къиматги лъалев, лъиде аскIове вачIун вугевалиги бичIчIулев чи вукIин. Хъваш-баш гьабун хадуб, херас рагIизабуна диргун гьоболлъи ва бихьизабуна районалъул прокуратураялдаса рикIкIад гьечIеб жиндирго мина ва ахIана гьоболлъухъ. Гьесухъе щведал бихьана, дида МухIамад сундаго хадувгъурав, калам къокъав чи вукIин. Бокьарав хьиндалав урхъилеб гIадаб букIана гьесул минаялда цебе бугеб пихъил ахги. Пихъил гъутIбузе кумекалъе ва гIадамазе сахлъиялъе МухIамадица хьихьун ругоан наял, бугоан васасул хъизамалъ тIалаб-агъаз гьабураб гьитIинабго фермаги.
Дица чанго нухалъ суал кьуниги, рагIичIеб ххвелги гьабун, МухIамадица жиндирго хIалтIул цIакъго мукъсанго гурого бицунароан, амма такрар гьабулаан, цIакъго захIматаб заман букIиндал лъаларила, кигIан битIун гьабуниги баркала дагьаб хъулухъ букIанила.
МухIамад вукIана прокуратураялъул ветеран гуревги, пенсионерги, гьединлъидал дун щибаб байрам баркунги щолаан гьесухъе. 1908 соналъул 12 январалда гьавурав МухIамадие цIакъ рекIее гIолеб букIун буго рагъулаб хъулухъ, гьединлъидал гьев 1930 соналъул байбихьуда, кьун гIарзагун, БагIараб армиялде уна. 1931 соналда лъугIизабула Ленинградалъул 42-абилеб рекIаразул дивизиялъул 19-абилеб полкалъул школа. ХIалтIула взводалъул командирасул кумекчилъун ва 1932 соналда взводалъул командирлъун. Армиялъул хъулухъалдаса МухIамад тархъан гьавула, рагъулал хIалбихьиязда щвараб сакъатлъи сабаблъун. ЛъикIго гIурус мацIги лъалев, хъвай-цIалиялъе бажариги бугев, полкалъул школаги лъугIарав МухIамад 1934 соналда тIамула Гумбет районалъул халкъияв следовательлъун. ЛъугIизабула МахIачхъалаялда рагьун букIараб хасаб юристазул школа. Хадув хIалтIула Болъихъ, Гумбет ва ЧIарада районазда судиявлъун. 1946 соналдаса 1951 соналде щвезегIан хIалтIула Гумбет ва Ведено районазда прокурорлъун.
ВатIаналде къоккедал, цоцада хадур гьитIинал вацалги рагъде ун, хIукуматалъул хасаб хIукмуялда рекъон, рагъдеги витIуларого вугев Му­хIамадие расги бигьа букIинчIо, рагъул заманалъул къануназда рекъон, судалъул кьварарал хIукмаби къотIизе.
КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьаралдаса гьеб лъугIизегIан, Бекмирзал МухIамад вукIана Болъихъ районалъул халкъияв судиявлъун. Араб гIасруялъул лъеберабилел ва кIикъоабилел соназ­да судалъул ва прокуратураялъу­л хIал­тIухъаби гIемерисел унтун яги херлъун жидерго хвелалдалъун хвечIо, гьезда хадубги гIунтIулеб букIана гIажалалъул саламгун бачIунеб тIухьидул гулла. Рагъда чанго нухалъ бигьа букIана вихьулев тушмангун вагъизе, амма судалъул ва прокуратураялъул хIалтIухъабазе захIмат букIана, рихьун цадахъ ругониги, нахъасан речIчIулев хIалихьат лъазе. Гьедин ракIалдещвезабулаан ветеранас доб захIматаб заман.
1951 соналдаса нахъе МухIамад хIалтIула районалъул росдал магIи­ша­талъул нигIматал гIезариялъул ва гьел хIадуриялъул гIуцIабазда, гьабула 13 соналъ мелъелдерил Тельманил цIаралда букIараб колхозалъе нухмалъиги. Колхозалъ гIи-боцIи гIезабиялъулъ росарал бергьенлъабазул нугIзаллъун руго МухIамадие щварал батIи-батIиял даражабазул шапакъаталги. БатIаго тIехь хъвазе бегьила, председательлъун хIалтIулаго, МухIамадица колхозалъул гIаммаб магIишат цебетIезабиялда хурхун гьарурал хIалтIабазул хIакъалъулъ. Пенсиялде ун хадувги МухIамад рахIаталда чIечIо, байбихьана нухал къачIазе ва диналда тIадчIезе.
МелъелтIаса гIалимчиясул васас бицана, Нечаявкаялде устарасухъе унаго, машинаялда цадахъ кканила Бекмирзал МухIамад. Жиндие гьев большевик цадахъ ккезеги бокьичIила, хIукмуги гьабунила, кIудиясухъе дагьавго лъалхъун, чияр бералдаса вахчун ине. Амма жив чIун хутIанила, жаниве вачIунев дунги, къватIиве вачIунев МухIамадги кIудиясул кавудахъ цоцалъ тункидал. РагIицин абичIого, гьев анила, гьалгъан гьесда хадуб балагьун хутIарав живги КIудиясул лъадуца рокъове ахIанила. Ниж кIиялго МелъелтIаса рукIин лъалей гьелъ бицанила гьаб хадуб рехсараб хIакъикъат.
МухIамад Болъихъ судиявлъун хIалтIулаго, расги гIайиб гьечIев чи жиндир рос, гьес хIукмуги гьабун, жанив тIамунила. ТIоцеве гьев нижехъе вачIиндал, гьев судияв лъарай жий гьесда хъачIго кIалъанила.
Бичасул хIукмуялъулъ маслигIат камулариланги абун, КIудияс, доб кьогIаб заманалъул хъулухъчи, баччизе кIолеб «юкги» тIад лъун, берцинал чIумалги сайгъат гьарун, тIарикъаталъул нухда тIовитIанила. Гьелдаса хадуб МухIамад хьвадана Дагъистаналъул гIалимзабазухъе, щвана киналго зияратазде, ана хIежалде. ТIуванго диналда тIадчIарав гьев, рокъоса къватIивецин вахъунароан, жиндирго рухIияб хисия­лъе ккараб гIиллаги лъиениги загьир гьабичIого ана гьев, мунагьал чурад, абадияб рокъовеги.
МелъелтIа прокурорлъун хIалтIулаго, дица МухIамадил минаялда аскIоб, сахаватал чагIаз кумекги гьабун, рагьун букIана дирго васалги росдал лъималги цIализе гьитIинабго мадраса. Гьеб рагьулеб къоялъги МухIамад, дица ахIаниги, гьениве вачIинчIо. Хадув вихьидал абуна, мун гьаниве дибирлъун гурила вачIун вугев, дудаго тIадаб хIалтIиги гьабун вукIайила, гьечIеб бакIалдаса тIаде рагIи балагьичIого. Кодор чIумал ругониги, кисиниб коммунистасул билет жеги цIунун бугев, лъеберабилел соназул большевик, божулев вукIинчIин тана дица гьадигIан бигьаго биххараб, амма гъодигIан захIматго гIуцIун букIараб пачалихъ, тIадбуссинарин абураб жоялда. МухIамадил вац ГIамирхан рагъда араб бакI лъачIого тIагIана, гьитIинав вац ХIабиб тIадвуссана офицерасул чингун ва керен цIурал шапакъаталгун. Дида батана 1931 соналда байбихьараб Гумбет районалъул прокуратураялъул буюрухъазул тIехьалда гьоркьоб гьенивго секретарьлъун хIалтIулев вукIарав ХIабибил берцинаб хатIалъ хъвараб гIарза. Гьес хъвалеб букIана, жиндир бакIалде дандекколей чIужугIаданги йосун, жив ВатIан цIунизе рагъде витIейилан. Бекмирзал ХIабибгун цадахъав Сайпудин пенсиялде инегIан хIалтIана райисполкомалъул ва райадминистрациялъул финансазул гIуцIиялъул нухмалъулевлъун, гьев вукIана Дагъис­таналъул мустахIикъав экономистги.
Щиб хъулухъалда ругониги, кинаб хIалтIи тIадкъаниги, Бекмирзал васаз гьеб борч, тIад чи кIалъаларедухъ, ракIбацIцIадго, квер хъублъичIого тIубазабуна. МухIамадил кIудияв вас Нуцалхан, тохтур-травматолог, хIалтIана унтаразул сахлъи цIуниялда тIад, гьев вукIана медицинаялъул гIелмабазул кандидатги, гьес дарсал кьун куцаразул рахъана бажари бугел тохтурзабиги. КIудияв вацасдаса нахъа ккечIого хIалтIана МухIамадил гьитIинав вас Чалабиги, гьев вукIана мугIалим. Гьес нухмалъи гьабулеб мелъелдерил школа букIана кидаго цебесеб кьерда. Бакълъулазул бахIарчияб ва бечедаб тарихалда цо кIочонареб лъалкI танин рикIкIуна дица Бекмирзаевазул хъизамалъ.

АхIмад ХIасанов,
Гъизляр шагьаралъул прокурорасул кIудияв кумекчи