Дагъистаналъул тарихалда 300 магIаруласул цIар

Анцухъа ГIали

(1947-1996)

Азербайжаналъул Милли-мажлисалъул депутатлъун вукIарав ГIали гьавуна 1947 соналъул 1 июналда Азербайжаналъул Белокан районалъул Магъамалар росулъ.
Гьесул эмен ГIабдулкъадир ккола ХХ гIасруялъул 20-абилел соназда ЛъаратIа районалъул Анцухъ росулъа гIумру гьабизе Белокан районалде арав магIарулав.
ГIали кколаан хъизамалда бищунго гьитIинавлъун. КIудиял вацал ГIалидибир КIудияб ВатIанияб рагъда тIагIана, Асилдар чIаго вуго, ГIалихан хвана 2009 соналда.
Белоканалда ГIабдулкъадирица цоги чIужу ячана — Кьенсерухъа лъай бугеб тухумалъул яс Назани.
ГIали вукIана гьелъие Тамарадаса хадув гьавурав вас.
1970 соналда захIматаб унтудаса хадув гьесул эмен хвана ва вукъун вуго Белоканалда.
ГIали гIуна МахIачхъала шагьаралда, яцалда аскIов ва, гьениб къасисеб школаги лъугIизабун, тIадвуссана Белоканалде.
Жиндирго захIматалъулаб нух байбихьана геологоразведкаялъул идараялда хIалтIиялдаса. Хадув ГIали вачана Белоканалъул соказул заводалде шоферлъун.
ГIали вукIана хIинкъи-къай гьечIев, хIалтIизе бажари бугев, гIадамасе кумек гьабизе хIадурав чи. ГIумруялъул 20 сон тIубайдал, гьев вукIана кIудияб, цебетIолеб заводалъул бетIерав инженерлъун. Заводалъ къватIибе биччалеб къайи къватIисел улкабаздеги битIулаан. КватIичIого гьев тIамуна заводалъул генералияв директорлъун. ГIалица, хIажаталщинал цIиял станокалги росун, завод гIатIид гьабуна ва биччалеб къайи дагьабги цIикIкIинабуна.
ЗахIматалдаса хIинкъуларев гьев лъугьана Закаталаялдагун Белоканалда, ай ЦIоралда ругел магIарулазул цевехъанлъун ва Азербайжаналъул политикияв хIаракатчилъун.
90-абилел соназда гьев чанго нухалъ къабул гьавуна Азербайжаналъул президент ХIайдар ГIалиевас, гьенир ругел магIарулазул суалал дандразе.
1996 соналда гьев чIвана Баку-
ялда.

Саламов АхIмад
(1947)

Тохтур, Дагъистаналъул пачалихъияб премиялъул лауреат.
Гьавуна Гъуниб районалъул ЧIохъ росулъ 1947 соналъул 27 январалда, учителасул хъизамалда.
1970 соналда гьев витIана Гъизляралъул больницаялде цаби-гIусазул тохтурлъун хIалтIизе.
1972-1974 соназда АхIмадица лъугIизабуна Дагъмединституталъул клиникияб ординатура, гьелдаса нахъе хIалтIизе лъугьана больницаялда отделениялъул заведующийлъун.
Гьеб отделение поликлиникаялде сверизабун хадуб, гьев тана гьелъул бетIерав тохтурлъунги.
АхIмадица 33 соналъ нухмалъи гьабуна республикаялъул Северияб рахъалъул цаби-гIусал цIуниялъул хъулухъалъе ва гьеб лъикIазул кьеразулъе бачана.
Гьев ккола тIолгосоюзалъул ва Россиялъул стоматологазул съездазул делегат, тIадегIанаб даражаялъул тохтур.
1992 соналда гьесие кьуна «Дагъистаналъул мустахIикъав тохтур» абураб цIар. АхIмад 1990-1995 соназда вищана Дагъиста-
налъул Верховный Советалъул депутатлъун ва чанго нухалда Гъизляр шагьаралъул собраниялъул депутатлъунги.
АхIмад ккола, рагъулал шартIазда гIадамал цIунулаго бихьизабураб бахIарчилъиялъе гIоло «Бихьинчилъиялъул» орденалъе муста-хIикълъарав тохтурги. Гьесдаса хадув Россиялда гьединаб шапакъат кьуна машгьурав лъималазул тохтур Л. Рошалие.
2011 соналда АхIмадие медицинаялъул хIалтIухъабазе сайгъат гьабураб тIоцебесеб памятник баялъе гIоло кьуна республикаялъул пачалихъияб премияги.
2013 соналдайин абуни Дагъистаналъе гьабураб ракIбацIцIадаб хъулухъалъе гIоло АхIмад Саламов мустахIикълъана «Дагъистаналъул Халкъияв бахIарчи» абураб цIаралъеги.

АсхIабов АсхIаб
(1948)

СССРалъул гIелмабазул Академиялъул ва Коми Республикая-
лъул прикладнияб минералогиялъул рахъалъ (1988) пачалихъияб премиялъул лауреат (2007), Коми гIелмияб Централъул Президиумалъул председатель, Россиялъул ва Болгариялъул гIелмабазул Академиязул хIакъикъияв член.
Гьавуна 1948 соналъул 17 августалда ЦIумада районалъул Хуштада росулъ. ЦIалана росдал школалда, хадув 1963 соналда ана Воркутаялде ва гьениб гIарцул медалалда лъугIизабуна 10 класс. 1966 соналда цIализе лъугьана Пермалъул пачалихъияб университеталде. 1968 соналда вачIана МахIачхъалаялде университеталъул физикаялъул факультеталде ва гьеб лъугIизабуна 1971 соналда.
АсхIабица, Воркутаялде нахъги вуcсун, хIалтIизе байбихьана школалда физикаялъул учительлъун.
1972 соналда хIалтIизе лъугьана РАНалъул Коми гIелмабазул централда геологиялъул институталда. 1972-1975 соназда цIалана СССРалъул гIелмабазул академиялъул Коми филиалалъул аспирантураялда.
1977 соналда цIунана кандидатасул диссертация.
1981 соналда гьев вищана РАНа-лъул Уралалъулаб отделениялъул Коми гIелмабазул централда бугеб геологиялъул Институталъул эксперименталияб минералогиялъул лабораториялъул заведующий-лъун.
1989 соналда Ленинградалъул пачалихъияб университеталда цIунана гIелмабазул докторасул диссертация.
1997 соналъул 30 маялда АсхIаб вищана Россиялъул гIелмабазул академиялъул член-корреспондентлъун.
2006 соналъул маялдаса байбихьун хIалтIана Коми гIелмияб Централъул Президиумалъул председательлъун. 2008 соналъул февралалдаса — Коми гIелмияб Центра-лъул геологиялъул Институталъул директорлъун.
2011 соналъул 22 декабралда Ас-хIаб вищана Россиялъул гIелмабазул Академиязул хIакъикъияв членлъун (академик).
ГIумру гьабулеб буго Сыктывкар шагьаралда.

Къурачев МухIамадтIагьир
(1948)

Дагъистаналъул халкъияв артист, Россиялъул мустахIикъав артист, музыкалияб искусствоялъул рахъалъ республикаялъул пачалихъияб премиялъул лауреат, вокалалъул профессор.
Гьавуна Гъуниб районалъул ЧIохъ росулъ 1948 соналъул 19 декабралда. Росулъ школаги лъугIизабун, гьев ана Советияб Армиялде хъулухъ гьабизе. ТIадвуссун хадув хIалтIана Дагъистаналъул телевидениялда, лъугIизабуна Дагъпединституталъул музыкалияб факультет.
1990 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго «Дагъистан» абураб пачалихъияб ансамблялда дирижерлъун ва солистлъун. Гьес дарсал кьола ДГПУялъул музыкалияб факультеталдаги. Гьеб ансамблялда цебе МухIамадтIагьирица гIуцIана «МагIарулал» абураб Дагъистана-лъул киналго мацIазда кучIдул ахIулеб бихьиназул квартетги.
М. Къурачев ккола педагог, миллатал гIемераб Дагъистаналъул интеллигенциялъул чIухIилъун. Гьес цIунун руго авар миллата-лъул кочIол цересел къагIидаби, гIадатал. Гьединлъидал гIолеб гIелалъул гьунарчагIазе гьес кьолеб тарбия буго цIакъ кIвар цIикIкIараб.
МухIамадтIагьирица гIуцIана жидеца халкъалъул гIадатал, гIамал-хасият бихьизабулел анцI-анцI гьайбатал вокалиялгун хореографиялъулал композициял. Гьезда гьоркьор руго «Салам дуе, дир Дагъистан», «ГIагараб ракь», «МоцIрол гьумер бугей», «Суйдум», «КIиго тIегь» ва цогидалги.
М. Къурачев вуго машгьурав кочIохъан, кьурдухъан. Гьев сценаялда вугелдаса буго 50-ялде гIагарарал сонал. МухIамадтIагьир лъала Россиялда, гIагарал ва рикIкIадисел улкабазда. Гьесул руго гIемерал Россиялъул ва Халкъазда гьоркьосел конкурсазда росарал бергьенлъаби. М. Къурачевас кучIдул ахIула Россиялъул халкъазул батIи-батиял мацIазда.
Гьев вуго гIицIго кочIохъан гуревги, махщел цIикIкIарав композиторги. МагIарул гьунарчиясул бакъназда ахIулел Дагъистаналъул шагIирзабазул кучIдузул къадар 100-ялдасаги цIикIкIун буго. Халкъазул рекIелъ кидаго цIунун буго гьес ахIулеб Дагъистаналъул гимн.
РакIбацIцIадаб хIалтIуе гIоло МухIамадтIагьир Къурачев муста-хIикълъана «Гьудуллъи», «Дагъистан Республикаялда цебе гьабураб хъулухъалъе гIоло» орденазе ва гIемерал цогидал шапакъатазеги.