Дагъистан республикалъун лъазабуралдаса 100 сон

Лъебергоялдаса цIикIкIун соналъ халатбахъараб Кавказалъул рагъ лъугIун хадуб, 1860 соналъул 5 апрелалда, Россиялъул пачаясул Кавказалда вукIарав сардарас тасдикъ гьабуна Дагъистан областалда ва Закатала округалда нухмалъи гьабиялъул положение, низам.

Областлъунги лъазабун букIана гьеб тарихалда тIоцебе Дагъистаналъул ракь цолъизабураб гIуцIи. Областалъул гIатIилъи бащалъулаан 29,8 азарго квадратияб километралда. Дагъистаналъул ракьалда рукIарал ханлъабиги цогидал политикиял гIуцIабиги хвезарун, Дагъистаналъул бетIерлъун тана генерал-губернатор. Областалъул центрлъун гьабуна Темир-Хан-Шура шагьар. Байбихьуда Дагъистаналъул область бикьана ункъо рагъул отделалде — севералъулаб, югалъулаб, гьоркьохъеб ва тIасияб. Хадуб область бикьана ичIго округалде: Авар округалъул центрлъун гьабуна Хунзахъ, ГIанди округалъул – Болъихъ, Гъуниб округалъул – Гъуниб хъала, Дарги округалъул – Лаваша, Гъазигъумеки округалъул – Гъазигъумеки, Хайдакъ-Табасаран округалъул – Маджалис, Кюра округалъул – Къасумкент, Самур округалъул – Ахти, Темир-Хан-Шура округалъул – Темир-Хан-Шура. Округазда жанир гIуцIана 42 наиблъи, наиблъиялъул щибаб росулъ тана бегавул. 

Россиялда революция.
Дагъистаналъе автономия кьей

Россиялда Февралалъул ва КIудияб Октябралъулаб социалистияб революция ккезегIан тIадехун рехсараб политикияб ва территориалияб гIуцIи хисичIого хутIун букIана Дагъистаналда. 1917-1920 соназда пачаяс тарав Дагъистаналъул ахирисев генерал-губернатор Вольскийги нахъе къотIун, хадуб хIапу-чапураб, чIара-хьвараб хIал гьечIеб ахIвал-хIал лъугьун букIана. Дагъистаналъул тIалъи къваригIун революциялъул рахъккуразул ва гьелда дандечIаразул хIалуцараб къеркьей унеб букIана. Цин Дагъистаналъул бетIерлъун ккана генерал Халилов, хадув Н. Тарковский. Нус-нус чи къурбанлъарав граждан рагъалдаса хадуб тIалъиялде рачIана большевикал ва гьез гIуцIана Дагъистаналъул революциялъулаб комитет.
1920 соналъул 11 ноябралда Дагъистаналъул ревкомалъ гьабураб хIукмуялдалъун 1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шура шагьаралъул театралъул минаялъуб (гьанже гьеб минаялъуб буго республикаялъул Тахо-Годил цIаралда бугеб музеялъул филиал) рагьана Дагъистаналъул халкъазул тIоцебесеб чрезвычайнияб съезд. Централъул вакил хIисабалда, съездалде рачIун рукIана Бакуялдасан Москваялде тIадвуссун унев РСФСРалъул Сов-
наркомалъул миллиял ишазул рахъалъ комиссар И. В. Сталин ва Г. К. Орджоникидзе. Съездалде рачIун рукIана ичIабго округалдаса 300 делегатги. Съезд байбихьана маркIачIуда, микьгоялде бащдаб хIалтIараб заманалда. Боголил как базе перерывги гьабун, гьеб халатбахъана анцIила кIигоялде бащдаб хIалтIизегIан. Съездалъул председательлъун вищун вукIана Жалалудин Къоркъмасов, секретарьлъун – Петр Ковалев. Съездалда делегатаз кIалъаял гьаруна гIурус ва миллиял мацIазда. МагIарулазе таржама гьабулеб букIана МухIамад-Мирза Хизроевас, лъарагIазе — Ж. Къоркъмасовас. Азербайжан мацIалъул таржама гьабулеб букIана Керим Мамедбековас ва Хан-МухIамадовас. Лезги мацIалда таржама гьабулеб букIинчIо, щайгурелъул гьезда азербайжан мацI, югалъул Дагъистаналда ругел цогидал халкъаздаго гIадин, лъалеб букIун. Гьеб мацI букIана югалъул Дагъистаналда ругел халкъазда гьоркьосеб мацIлъун. Тумазеги таржама гьабулеб букIинчIо. Гьезул делегатазда цоязда азербайжан, цогидазда лъарагI мацI лъалеб букIун.
Съездалда, Дагъистаналъе Россиялда гьоркьоб автономия кьейги лъазабун, кIудияб кIалъай гьабуна И. Сталиница.
Съездалъул хIинкъи гьечIолъи ва парахалъи цIуни тIадкъан букIана, съездалъул президиумалде жив вищун вукIарав ГIахьвахъа Шамхал СалихIовасул партизаназда. Шагьаралда гIадлу-низам чIезабиялда рукIана цогидал округаздаса багIарал партизаналги.
1921 соналъул 20 январалда гIуцIана Дагъистаналъул автономияб советияб социалистияб республика.
1921 соналъул 1-7 декабралда тIобитIана Дагъистаналъул советазул тIоцебесеб учредительнияб съезд. Гьениб къабул гьабуна ДАССРалъул конституция.
1922 соналъул 16 ноябралда ДАССРалде цолъизабуна Терский губерниялда гьоркьоб букIараб Гъизляр округ ва Ачикулак район.
1924 соналъул 13 февралалда ДАССРалда гьоркьобе бачIана Гъизляр уездалъул ракьги.
1928 соналъул 22 ноябралда округазул бакIазда гIуцIана 26 кантон: Ахти, Ачикулак, Бабаюрт, Болъихъ, Гъуниб, Дербент, Хайдакъ, Буйнакск, Хъараногъай, Къасумкент, КъахIиб, Гъизляр, Къоркъмасхъала, Курах, Лак, Лаваша, МахIачхъала, Рутул, Табасаран, ЛъаратIа, Урари (Дахадаев), Хасавюрт, Хунзахъ, ЦIумада, ЧIарада, Шелковской ва кIиго подкантон — Гумбет ва Казбек.
1929 соналъул лъабабилеб июналда кантонал сверизаруна районазде, подкантонал – подрайоназде.
1930 соналда гIуцIана ЦIунтIа район, Гумбет ва Казбек подрайонал сверизаруна районазде.

Хадусел соназул хиса-басиял

1931 соналъул анлъабилеб сентябралда ДАССР бачана Северияб Кавказалъул краялда гьоркьобе. 1936 соналъул анлъабилеб декабралда, Сталинил конституция къабул гьабун хадуб, Дагъистан батIа гьабуна Северияб Кавказалъул краялда гьоркьоса.
1937 соналъул 12 июналда тIолгодагъистаналъул кIиабилеб чрезвычайнияб советазул съездалъ къабул гьабуна ДАССРалъул конституция.
1933 соналда гIуцIана ГIахьвахъ район.
1934 соналда гIуцIана Агъул, ГIахъуша, Догъузпара районал.
1935 соналда МахIачхъала район хвезабуна. ГIуцIана Гъарабудагъкент, Гъаякент районал. Гьебго соналъ гIуцIана Каясулинский, Кули, Хъумторхъала, Унсоколо ва Хив районал.
1938 соналъул 22 февралалда Орджоникидзе краялъул цIигIуцIараб Гъизляр округалда гьоркьобе кьуна республикаялъул северияб рахъалда бугеб щуго район – Ачикулак, Хъараногъай, Каясул, Гъизляр, Шелковское.
1943 соналда гIуцIана ГIавухъ ва МухIарамкент районал.
1944 соналъул марталда Гьоркьохъеб Азиялде гочинарурал чачаназул ракьалде ритIана Дагъистаналъул районаздаса гIезегIан росабазул жамагIатал. Дагъистаналдеги цолъизарун, гьениб гIуцIана ункъо район – Рилъаб, Шурагат, ГIандалал ва ЦIияблак.
1940-абилел соназул бакьулълъиялда гIуцIана Хьаргаби, Гъизилюрт, ЦIадахIари районал.

Округал гIуцIи. ЦIидасан
районал гьари

1950-абилел соназул бакьулълъиялда, центр МахIачхъалаги гьабун, гIуцIана Ленинский район, БежтIа центргун ЦIунтIа район.
1952 соналъул 25 июналда ДАССР бикьана ункъо округалде: Буйнакск, Дербент, Избербаш ва МахIачхъала. 1953 соналъул 24 апрелалда округазде рикьи хвезабуна.
1956 соналда ЦIадахIариб район хвезабуна.
1957 соналда Грозный областалдаса ДАССРалде кьуна, Терекли-Мектеб центргун, Хъараногъай район, Гъизляр, Крайновка ва Тарумовка районал. Гьебго заманалда ЧИАССР цIидасан гIуцIун хадуб, Дагъистаналда гьоркьоб букIараб Чачаназул ункъо район тIадбуссинабуна.
1960 соналда КъахIиб районалда цIар хисана Советский абун, хвезаруна Догъузпара, Гъарабудагъкент, Крайновка ва Унсоколо районал.
1963 соналда риххизаруна ГIахъуша, ГIахьвахъ, Бабаюрт, Хьаргаби, Гумбет, Дахадаев, Гъаякент, Гъизилюрт, Кули, Курах, Ленинский, МухIарамкент, Тарумовка ва ЧIарада районал.
ГIуцIана, центр Хьаргабигун, Унсоколо район. Буйнакск район сверизабуна Ленинский районалде.
1964 соналда цIидасан гIуцIана ГIахъуша, Гумбет, Кули, Курах ва ЧIарада районал.
1965 соналда цIидасан, центр КIаратIагун, гIуцIана ГIахъвахъ район, Бабаюрт, Буйнакск, Дахадаев, Гъаякент, МухIарамкент ва Тарумовка районал. Ленинский районалъул центрлъун гьабуна Гъарабудагъкент росу. Унсоколо районалъул – Унсоколо.
1966 соналда гIуцIана Гъизилюрт район. Къасумкент районалда цIар хисана С. Стальский район абун.
1992 соналда Ленинский районалда цIар хисана Гъарабудагъкент район абун.
1993 соналда, центр БежтIагун, ЦIунтIа районалда гьоркьоб гIуцIана БежтIа участок. Гьебго соналъ Усухчай росулъ центргун гIуцIана Догъузпара район, Къоркъмасхъала центргун Хъумторхъала район.
1994 соналда Советский района-лъул цIар хисана Шамил район абун.
Жакъа Дагъистаналда буго анцIго шагьар ва 41 район.
1991 соналъул 13 маялда ДАССРалъул цIар хисизабуна ДССР абун. Гьебго соналъул 17 декабралда республикаялъул Верховный Советалъ къабул гьабураб декларациялда рекъон ДССР хисизабуна Дагъистан Республика абураб цIаралде.