Сагьада росу: тарихалъул цо-цо тIанчал

 

Сагьада ккола ЦIунтIа районалъул бищун ахада, ЦIумада районалда гIагарлъухъ битIахъе Микьуда ва Тушетиялдасан бачIунеб кIиго гIор ГIанди гIурулъе жубалеб бакIалда тIадехун бугеб росу.

 

МухIканго чIезабизе кIоларо росдае тIоцебе кьучI лъураб заман. Амма чIванкъотIун лъалеб жо буго, гьижрияб тарихалда цебе гьениб гIадамаз гIумру гьабулеб букIараблъи. Гьелъие нугIлъи гьабула ракьулъ ратулел насраниязул диналъе хIажалъулел гIемерал тIагIелаз. Гьеб гьенибе бачIун батила Гуржиялдасан, исламалда цебесеб заманалдаго. ГьабсагIатги Сагьада росу бугеб бакIалда аскIоб «Уволъ» килисаялъул кIалтIа буго бикIун гьабураб кIамуриялъул сипаталъул лъабго метраялдасаги гIебаб ганчIил гьецIо. ЦIунун хутIун буго гьелъул хIакъалъулъ гьадинаб биценги.

 

 

Сагьада росу букIана, Надиршагьасул заманалда 1614-1619 соназда Гуржиялдасан ЦIунтIе гьужумалги гьарун, росаби риххизегIан, лъабго бакIалда: Уволъ, ХIари, Микьуда. Уволъ росу букIана ЦIумадехун балагьараб Уволъ абураб габурлъиялда, аслияб бетIербахъи гIуцIун букIана хурухъанлъиялда. ХIари росу букIана рекьулел хурзал дагьаб, боцIухъанлъигун чанахъанлъиялдалъун бетIербахъулеб. Микьуда росу букIана сундуего санагIатаб: росдада сверухъ хурзалги, гьобо сверулеб лъимги, Бехъакь, Жидилъ, Кидира кулабиги, гIатIидал рецулел харибакIалги, росдаде тIаде балагьун гIатIидаб мегIерги бугеб, цIорорал иццалги ругеб эркенаб кIудияб росу. Гьел росаби бакI-бакIалда батIаго рукIаниги, букIана гьезул жамгIияб цолъи. Садакъа-хайратги цо букIунаан, рохел-гIатIилъи, ургъел бикьи, гIакълу дандбай цо букIунаан, ригьин-цIаги цоцалъ жубараб букIунаан.

 

 

1614 соналда Ираналъул шагь ГIабас абулев чияс Гуржия мукIур гьабун букIана ва, гьенисан вачIун, дидоязде (цIунтIадериде) щвезабуна кIудияб кьаби. Амма сверухъ ругел магIарулазул кумекалдалъун бажарана къажарал нахъе лъутизаризе. Надиршагьасул гьеб гьужумалъул хIасилалда цIунтIадерие камуна гIемерал сахал гIолохъаби. Гьесул рагъухъабазул гIемериселги хутIана кьалул майданалдаго. Гьелъул рецIел босизе кIудияб аскаргун 1619 соналдаги ЦIунтIе гьужум гьабуна гьес. Гьаб нухалъ рагъ букIана ращалъи гьечIеб, цереккарал росаби рухIулаго, гIадамал чIвалаго ва асир гьарулаго, гьел швана Увалъги, ХIариги ва Микьудеги. КигIан дандечIун рагъаниги, чIварав чIван, ворчIарав ворчIун, рукъзалги росуги тезе ккана увалъезги хIарисезги. ЦIакъго кIудияб кьаби щвана Микьуде: хералги ручаби-лъималги хутIизегIан, киналго данде рагъун хвана, кирниги инчIого, гьелдаса нахъе шагьар гIадаб букIараб росдал хутIана кули гIадаб жо. Уволъаги ХIарисаги арал гIадамаз 8-9 соналъ гIумру гьабуна цояз Чалияхъ, цогидаз Хъваршини, лъабабилез ХIамайикьахъ росабалъ. Хадуб дагь-дагькун жидерго ватIаналде тIадруссана. ЦIияб росу гьез бана гьабсагIаталда Сагьада росу бугеб бакIалда.

 

 

Гьелдаса нахъе Сагьада росу букIана эркенго, лъилниги тIадецуй гьечIого. Росулъа гьижра гьабун инчIо цониги чи, я Турциялде яги цогидаб бакIалде. Имамзабазул заманалъул рагъазулъ кутакаб жигарчилъи бихьизабуна гIолохъзабаз. Сагьада-Микьуда росдал 100 гIанасеб цIараки бугеб бакIалда букIана имамзабазул рагъда шагьидлъарал гIолохъабазул 60 назарат (зани), гьел ракIалдещвезе жив-живасул цIарги, тарихги, шагьидлъараб бакIги бихьизабураб. Амма жакъа гьелде кьолеб кIвар дагь буго, гьел риххун, дагьлъулел руго. Шамилил заманалда кидаго гьевгун рукIана гьесул муридзаби Микьудаса ГIисагIалихIажиги ХирансухIажиги. Шамил Калугаялде ун хадуб рокъор рукIарал гьел, Шамил хIежалде араб соналъ, ахирисеб нухалъги гьевгун дандчIвазеян абун, хIежалде ана ва, мурадги тIубан, нахъги рачIана. ХирансухIажияв вукъун вуго Сагьадеги вачун, амма лъалеб гьечIо гьесул хоб бугеб бакI. ГIисагIалихIажияв Микьуда вукъун вуго, гьесул хоб гьабсагIатги лъалеб буго.

 

 

1854 соналда цIунтIадерица Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь кутакаб гьужум гьабуна КIахетиялде. Шилда росу бахъун хадуб цIунтIадерил гъазизаби кIанцIана Цинандали. Гьеб рагъуль гIахьаллъи гьабуна Сагьада росдал гIолохъабаз. Сагьдаса ГIалисултан абурав багьадурас цохIо жинца кверде босана Чавчавадзел хъизан, чIужу-лъималгун цадахъ. Нахъруссун рачIунаго, ЦIунтIадерил Шагьикь – Гениялъ росулъ дидоязул гъазизабаз жидее кколеб давлаялъул пай тIалаб гьабидал, хIажат гьечеб дагIба-къецI ккана. Ахиралда Гениялъа кIудияв гIалимчи Хъвархъвариласул хIукмуялда рекъон, дидояз жидерго давлаялъул пай басана.

 

 

1858 соналда КитIури ккараб рагъда кутакаб гIахьаллъи гьабуна сагьадисез. Сагьадиса гIужихъан (чанахъан) Квацилав абулев чияс гIужие росулел рукIана офицерзаби. Гьел рагъазулъ шагьидлъана сагьадисезул цевехъан Квацилав. 1877 соналъул 10 октябралда ЦIихо къварилъухъ шагьидлъана сагьадерил бахIарзал. Гьезда гьоркьов вукIана Микьудаса Давудил инсул вац ГIабдурахIманги. Давудил эмен ХIамзат, борхатаб бакIалдаса гъоркье вортун, бохги гъурун, чода ваччун вачIун, тIокIав къватIив вахъуларев инвалид лъугьун вуго (гьаб хабар бицунеб букIана нижер кIудияв эмен 100 сонил ригьалде вахарав 1960 соналда хварав Давудица).

 

 

1917 соналда пача тIаса рехун хадуб, Сагьада росдал жамагIаталъ, дандечIей гьечIого, къабул гьабун буго цIияб хIурият, рохьахъ хъачагълъиялде цониги чиги ун гьечIо, гьелъ батила СССРалъул заманаялда росулъа цониги чи ккун гьечIо репрессиялде. Гьижра гьабун росулъа Турциялде къватIире аралги гьечIо.

 

 

Гитлерил фашизмалде дандеги сагьадисез жидерго бутIа лъуна, жидеего бокьун гIарзаги хъван, рагъде аразда гьоркьор руго: Идрисов Ангута, Давудов ГIабдурахIман. Рагъулъ гIахьалъи гьабуна Микьудаса Гъазиев МухIамадица (Мирза), ХIамзаев Мусалав. Къасум абурав, сельсоветалъул секретарлъун хIалтIулев вукIарав, сагьадисев армиялде унел ЦIунтIа районалъул гIемерал призывникалгун, Гуржиялдехун ине, Кодор габурлъиялда гIансиялъ гъанкъарал 42-язда гьоркьов вукIана. Гьеб бакIалда 1942 соналда цо минуталда хвана, тIаде тушман кIанцIидал, ватIан цIунизе унел цIунтIадерил бищунго сахал гIолохъаби.

 

 

1944 соналъ Чачаналде гочинаридал ниж рукIана «Тавзани» Сагьада, Микьуда, Силди, Гьакъо росаби цадахъ. Гьениб гьава-бакъ рекъечIого, гочинабураб 100 гIанасеб цIаракиялъун бащдал хвана, бакъул унти ккун. Цебе магIарухъго гIадинго гIараб гIелму малъи гьоркьоб къотIизе течIо Сагьадаса ХIамзатил ГIалица. 1958 соналда гьениса гочинегIан, Аллагьас гьелъие кинабгIаги квалквалги биччачIо. Дир эменги, хадубккун жиндаса гIемерал мутагIилзабазе баркат бахарав Сагьадаса ХIамзатов МухIамадрасул, вукIана Чачаналдаго ХIамзатил ГIалица гIелмуялъе кьучI лъураздасан. Сагьадаса ГIалилги вукIана лъикIав лъай бугев вас (гIалимчи) ХIамзат.

 

 

1958 соналда Чачаналдасан нахъвуссун хадуб, гьев рещтIана жиндирго росдал гIадамалгун Хасавюрталъул Муцалаул советалда бачIараб цIияб росу базе бакI кьураб Сагьада поселокалда. Гьеб заманалда гьенир рахъана машгьурал мутагIилзабиги гIалимзабиги. Масала, Метрадаса ГIабдулгIазиз, гьесулго эмен ХIусен; Алмахъалда дибирлъун вукIарав Абусупянил Расул, гьединго гьебго мухъалда дибирлъун вукIарав кIудияв ХIасан, Шодродаса МухIамадамин, Эчедаса Идрис, МахIачхъала шагьаралъул Малыгинил къотIноб бугеб мажгиталъул имамлъун хIалтIарав, ЦIунтIа районалъул имамлъун вукIарав Къурбанов МухIмад, гьабсагIат Хасавюрт районалъул Муцалаулалъул ЦIияб Сагьада поселокалда вугев Сагьадаса ХIамзатов МухIмадрасул, Хасавюрт районалъул Кокрекалда вукIарав ХIасанил МухIамад, Къарланюрт станциялда вукIарав Рилъиса ХIамзат, Силдиса АмирхIамза ва гьесулго эмен, 20 соналъ Гъизляр шагьаралъул мажгиталъулги имамлъун вукIарав Дибиров МухIамад.

 

 

Светияб цIалиялъул рахъалъги Сагьада росу нахъе ккараб гьечIо. 1920 соналдаса нахъе хIалтIулеб буго цин байбихьул, хадуб микьгосонилаб, хадубги гьоркьохъеб школа. Буго росулъ медпункт, клуб, библиотека. Бахъун буго росулъе машинадул нух. ГIезегIан руго районалдаги район тун къватIирги жавабиял хъулухъазда хIалтIулел росдал гIолохъабиги, ниж гьездаса рохаралги руго. Аллагьас гьезиеги тавпикъ кьеги, росдал жамагIаталъулги жидее тарбия кьуразулги божилъиги ритIухъ гьабун, ракьалда ритIухълъиги цIунун, церехун ине!