«… Жалго щапаниги, нилъер щивасулъ Шамилил тIокIаб рухI хIалтIулеб буго»

 

Гъоркьанкьида МахIачхъалаялда магIарулал Миллияб библиотекаялде данделъун рукIана гьанжегIагар къватIибе бачIараб «Шамил имамасул кагътал» абураб тIехьалъул бицине.

 

Гьенир кьун руго имамас наибзабазухъе, росабазул жамагIатазухъе, диниял церехъабазухъе, гIалимзабазухъе, хIатта къватIиса пачалихъазул нухмалъулезухъе хъварал кагъталгицин.

Руго, гIаксалда, гьез имамасухъе хъварал кагъталги. Масала, ГIусманиязул империялъул султан ГIабдулмажидил, Алжиралъул миллияв БахIарчи, рагъухъан, поэт ГIабдулкъадирил, курдазул шайих МухIамал ал-Ханил кагъатл.

 

 

ТIехьалда лъурал кагътал хъван руго 1836-1886 соназда. ГIарабалдаса магIарулалде гьел руссинаруна Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул хIалтIухъан, МачIадаса МухIамад ШайхмухIамадовас.

ТIехь гIуцIана Дагъистаналъул Халкъияв поэт МухIамад ХIамзаевас.

Гьелъие консультантлъи гьабуна тарихчи ШагIбан ХIапизовас (Маркъо ШагIбанов), редакторлъи – ДНЦялъул хIалтIухъан АхIмад МуртазагIалиевас.

 

 

«ТIехь басмаялда бахъун араб анкьида жаниб гIадамаз нижехъе интернеталдасан битIун бачIана къогоялдаса цIикIкIун гьединабго кагъат. Гьел малъичIого, жеги 200 кагъатги буго басмаялда бахъизе хIадурун. БукIаниги, гьари буго: Шамилида хурхарал кагътал кодор ругел чагIаз гьел нижехъе ритIеян. Копиял рукIанигицин гIелаан», — илан бицана ХIамзаевас.

 

 

ШагIбан ХIапизовасул рагIабазда рекъон, гьел кагътаз нилъее тIатинабулеб буго цебеккун нилъеда лъалеб букIинчIеб Имаматалда жанисеб ахIвал-хIал.

 

 

«Цо пикруялде рачIинаризе захIматал чагIи руго нилъ, магIарулал. Чияр кIалдибе балагьуларел, нилъерабго гьабулел рукIунел. Гьединлъидал гьадавгунияв чиясул пикруги гIамал-хасиятги баччизе, магIарулалги данде гьаризе Аллагьас имамасе кьун букIун бугеб гьунар загьирлъулеб буго гьел кагътаздасан», — ин абуна МухIамад ШайхмухIамадовас.

 

52 0

Гьеб дандеруссиналда вукIана СагIудиязул ГIарабиялда вугев РФялъул Генералияв консул Багьавудин ГIалиевги.

Жиндие гьеб тема кутакалда гIагараб бугин бицана гьес. Щайин абуни Шамилица туснахъ хIисабалда жидер доре (Багьавудин ккола ЦIумада районалъул Акнада росулъа) ритIулел рукIун ругила гIайиб ккарал (политзаключенные гIадал) гIадамал.

 

 

Гьединаб тайпаялъул тIехь данде гьабизе кигIан гIетI тIезе кколебалиги лъалин жиндаян абуна Багьавудин ГIалиевас. Цин бугони, кагътал данде гьаризе. Советияб заманалда гIадамаз, хIинкъиялъ, кьолеб букIинчIила лъихъениги жидерго архив. Гьанжени кьолеб бугила.

КIиабилеб масъалалъун гьес рехсана таржама гьаби: «Къираласулги хIажизабазулги официалиял дандчIваязда дица чанги гьабуна таржама. Амма гьал кагътазул таржама гьабизе дир кIвеларо. БитIараб бицине ккола. ГIарабалдаса магIарулалде руссинарурал гьел цIалулаго тамашалъун вукIана дун. Гьединлъидал гьеб ккола багьа гьечIеб хIалтIиги гьединабго тIехьги».

Имам Шамилил цIар чорок гьабиялда данде чIараб тIехьлъунги толин жинца гьебиланги тIаде жубана Багьавудин ГIалиевас.

 

 

«Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевасе асар гьабун бугоан 1867 соналъ Хъварщиса Загъалас Калугаялда вугев Шамилихъе хъвараб кагъаталъ, хасго гьелъул ахиралъ.

Гьадин абулеб буго гьениб:

«Ва, дир хIурупал, нужгIаги ралагье дир вацасул гьумералъухъ, нижер бераздани гьев вихьизе рес гьечIелъул. Дида бугеб хIалги гьал дир хIарпаз ва гьал рагIабаз бицина дуда».

Имам вихьизе Загъаласул букIараб гIащикълъи загьирлъулеб бугила Шамилица цIализе ругел гьел мухъаздацин гьесул жахIда ккеялдаса.

 

 

Гьеб тIехьалда тIад хIалтIарал ХIамзаевасеги, ШайхмухIамадовасеги, ХIапизовасеги, МуртазагIалиевасеги баркала кьолаго, БисавгIалиевас рехсана Расул ХIамзатовасул кочIолъа мухъал «… жалго щапаниги, нилъер щивасулъ Шамил тIокIаб рухI хIалтIулеб буго». Гьел чагIазги якъинго бихьизабулеб бугила Шамилил рухI жидер бидулъги чорхолъги хIалтIулеб букIин.

 

(Суратал росана Миллияб библиотекаялъул сайталдаса)