Дон Хуанил ракIалдещвеязулъ «лезгинал»

ГIажаибаб къисматалъул Испаниялъул офицерас щиб гьабулеб букIараб Кавказалда?

 

«Кавказалъул гIемерисел халкъалго гIадин, лезгинал, гьитIинаб къоялдасаго нахъе, ккола гьунар тIокIал кьвагьдохъаби». Гьедин абуна Кавказалъул халкъазул гIумруялъул хIакъалъулъ лъай бугев Испаниялъул офицер дон Хуан Ван Гален граф Перакампосица (1788-1864). (Нилъеда лъала, гIурусазги къватIисел улкабазул вакилзабазги «лезгиналин» абулаан Дагъистаналъул тIолалго мугIрузул халкъазда. – Ред.).

Хуан Ван Галенил умумул ккола Бельгиялдаса. Гьес хъулухъ гьабулеб букIана Испаниялъул армиялда. Рехсараб улкаялъул къирал Фердинанд VII-лесде данде гIуцIараб ишалда гъорлъ гIахьаллъиялде щаклъиги ккун, Ван Гален тIамун вуго туснахъалде. Гьениса 1818 соналда гьев лъутула Россиялде. Эмиграциялъе Россия тIасабищиялъе гIиллалъун ккун батизе буго «испаниязул пикруялда рекъон, Россия букIана Испаниялъулгун киданиги дандеккунгутIиял ккечIеб ва гьалбадерил хIурмат гьабиялъул рахъалъ лъикIаб пачалихъ». Хадусеб соналда, жиндир ракьцояв Нухазул бухьеналъул управлениялъул нухмалъулевлъун вукIарав генерал А. Бетанкурил квербакъиялдалъун, Ван Гален лъугьуна Нижний Новгородалъул 44-абилеб драгуназул полкалда майорасул чиналда хъулухъ гьабизе. Полкалъ хъулухъ гьабулеб букIана Кавказалда. Гьелдаса нахъе Кавказалда хъулухъалда вукIуна гьев ва гьениб араб жиндирго гIумруялъул хIакъалъулъ гьес бицуна 1830 соналда Лондоналда къватIибе бахъараб «Хъвай-хъвагIаял» абураб тIехьалда.
Гьес тIехьалда загьир гьабула XIX гIасруялъул авалалда Кавказалда букIараб рагъулабгун политикияб ахIвал-хIалалъулги Россиялъул стратегиял мурадазулги хIакъалъулъ хасаб пикру. Кавказалъул рагъулъ Россиялъул самодержавие ритIухъаб букIиналде кинабгIаги щаклъиги гьечIо гьесул.
Гьесул пикруялда рекъон, империялъ бачIуна мугIрузул халкъазе цебетIейгун цивилизация. Гьес тIехьалда бицунеб гьечIо гьеб цивилизациялъул мурадалда хIалтIизарулел рукIарал вахIшиял къагIидабазул хIакъалъулъ, щайгурелъул Европаялъул цIалдолес Россиялъул нухмалъиялде гIайиб-гъвел гьабунгутIизе. ГIемераб жо бихьизеги лъугьа-бахъунеб бичIчIизеги гьунар бугев испаниялъуласда бихьулеб букIана гIицIго «рагъул минаялъул» къватIисеб рахъ ва гьесда лъалеб букIун гьечIо Кавказалъул рагъул тIолабго жанисеб рахъ, ай балъгоял мурадалгун гIиллаби.
Нилъеда гIемер дандчIвала гIурус солдатасе рецц-бакъ гьабурал мухъал. Амма тIубанго батIияб асар гьабула, жиндир ишцояздаги магIарулаздаги хадуб кIваркьун халкколев Испаниялъул офицерас жиндирго пикраби загьир гьарун хъварал мухъал цIалулеб мехалда.
«Лезгинасе цIакъ бокьула жиндирго чу, – ян хъвалеб буго Ван Галеница Дагъистаналъул магIаруласул хIакъалъулъ, – ва гьев божула Аллагьас чу чиясе кьун букIиналде – гьесул реццги битIккунгутIиги бащад бикьиялъул мурадалда. Лъимерлъудасаго куцала гьев чотIахъанлъиялъеги, ярагъ хIалтIизабизеги ва, бищун цIакъал Европаялъул кьвагьдохъабиго гIадин, гьесул ракIчIараб букIуна, жинца кьвагьараб таманчаялдаса гулла яги чIорбутIалъусан речIчIараб чIор гIужде щвеялде. Гьезул тункIил калибр нилъералдаса дагьаб буго, амма гьелъул хIарацогун бащдалъ цIикIкIараб буго Европаялъул армиялда ругел тункIазулалдаса, гьединлъидал гулла рикIкIаде щола. Рахча-хьварал бакIаздасан гьоркьоса къотIичIого кьвагьдолел гьезул гуллби гIажаибго гIужде щола кидаго. Гьеб кьвагьдеялъ гьарула, Европаялда киданиги лъаларел гIадинал камиялги; гьез кIвар гьабуларо рагъулаб гIадлу-низамалъулги гIарадабазулги. Гьелде тIадеги, гьезухъа бажарула жидеде данде битIараб гIарадаялъе хъулухъ гьабулел солдатал гIужилго чIвазеги. Гьужумалде рачIунел ругониги, нахъе къалел ругониги, гьел кидаго ахIдола-чIичIидула, гьелъие гIиллалъунги ккола гьезул къуркьи гьечIеб фанатизм. Пуланаб бакIалда рагъ гьабулеб мехалдаги, мугъзада нахъа жидерго халатал тункIалги ран, гьел цоцалъ гъункула ва тIад буртина жемараб квегIаб квералъ нахъчIвала хвалчадул кьаби ва гьелдаго цадахъ кваранаб квералъ данде рагъулезде речIчIула ханжар. Къо-къаб манзилалда рагъулаго гьезул гIужиллъиги тирилъиги хIисабалде босани, ханжар речIчIарав чи къанагIат гурони чIагоги хутIуларо. Гьезул начальниказда букIуна гвангъараб къолденги, шлемгун шишакги, гIарцуцагун меседалъ къачIараб багьа хирияб ярагъги, гьединабго бечедаб ретIелги. Жидехъе щвараб бакI цIунулеб рагъулъ гьезухъ кодор рукIуна аварагасул хIадисал тIад угьарал байрахъалги».
Ван Галение хIалхьи щвечIо Кавказалдаса ун хадубги. 1830 соналъул сентябралда гьев гIахьаллъана Бельгиялъул революциялда, голландиялъулазде данде рахъаразул бетIерлъуда. 1836 соналда, Испаниялда вукIаго, дивизиялъул командирлъун вугев гьес бергьенлъи босана къираласул политикияб партиялъул вакилзабазда тIад. Конституция тIадбуссинабиялъул мурадалда гIуцIараб балъгояб ишалда гIахьаллъунилан абун, гьев жанив тIамула, амма кватIичIого эркен гьавула ва тола Каталониялъул генерал-капитанлъун. Гьес къинабула 1842 соналда ккараб Барселонаялъул мятеж ва гочуна Англиялде. 1845 соналда тIадвуссуна ватIаналде.
«Европаялда политикиябгун ра-гъулаб карьера гьабизе рес букIарав Ван Галеница жиндир тIехь хъвана, кIиго соналъ Россиялдаги вукIун, северияб империялда лъугьа-ба-хъаралъул ва жинда бихьаралъул хIакъалъулъ хIалбихьи загьир гьаби хIисабалда. Хъвана гьеб бихьанщинаб жо жеги рекIелъ чIаго букIаго.
Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ бицунеб гьесул тIехь ккола Европаялъул гуревги цIалдолесе мухIканаб асарлъун. Гьеб буссинабуна Европаялъул гIемерал мацIазде – гьездаго гьоркьоб паранг мацIалдеги – ва гьеб цIалулеб букIана Россиялдаги».
Испаниялъул офицер дон Хуан Ван Гален граф Перакампосил «Хъвай-хъвагIаял» абураб тIехьалъ мустахIикъаб бакI ккола Кавказа-лъул историографиялда.
ХIажимурад Доногъо