Ирсалъе тараб хазина

«Гьев вукIана къуватав инсан…»

 

Дагъистаналъул миллияб музеялда наиб ХIажимурадил къайи

МахIачхъалаялда бугеб ДРялъул миллияб музеялда цIунун ругел Лев Толстоясул къисаялъул машгьурав багьадурасул рагъулал байрахъазулги, какикьтIамалъулги, цIарагIалъулги буго хасаб тарих. Гьелда бухьараб буго Дагъистаналда музей гIуцIиги.

Музей гIуцIизе ракIалде ккана XIX гIасруялъул ахиралда Дагъистаналъул рекIаразул полкалъул штаб-лекарь И. С. Костемеровскиясда. Гьес гьеб ишалъе харжги гьабуна 2779 гъуруш.
Дагъистан областалъул рагъу­лав губернатор С. Вольскиясул буюрухъалда хъван буго: «Дагъистан областалъул экономикияб цебетIеялъеги гIадамазул яшавалъул материалияб рахъалъеги халкъияб устарлъиялъул кIудияб кIвар бугеблъи хIисабалдеги босун, гьеб иш хехго тIубазе кколеблъун бихьана бакIалъулаб нухмалъиялда», — абун. Музеялъе кьуна губернаторасул минаялъул цо бутIа. ГIадамазги музеялъе кьуна гIемерал тIагIелалгун алатал. Гьедин бакIарана 283 экспонат: кIазалги, станокалги, халича-тIансабиги, цIулал тIагIел-алаталги, хьиталги, ярагъги, сураталги ва цогидабги.
1917-1920 соназда букIана музея­лъул хIалкъараб заман, тIагIана гье­нир рукIарал экспонатазул гIе­мерисел. ХутIарал росана цIияб ба­кIалде ва ракIалда букIана гьезул кьу­чIалда «Дагъистаналъул халкъияб музей» гIуцIизе, гьелъие нухмалъи гьабизе ахIун вукIана академик Н. Я. Маррил хIалтIухъанлъун вукIарав художник С. А. Полтарацкий.
БукIинчIо музеялда кьучIаб хъаравуллъи, дагь рукIана экспонатал, камулароан цогидал масъалабиги. Гьединлъидал бажарулеб букIинчIо музеялъул хIалтIи камил гьабун. Гьелъул хIасилалда музей гочана республикаялъул тахшагьар Петровскиялде (МахIачхъала), гьеб заманалде гьенирего гочун рукIана Дагъистаналъул хIукуматалъул идарабиги. Амма кватIичIого музей къана. Гьеб рагьиялъул суал цIидасанги борхана 1923 соналда. Гьеб соналъул ноябралда гIуцIана Дагъистаналъул музеялъулаб комитет – «Дагглавмузей». Гьелъул председательлъун тIамуна ГIалибег Тахо-Годи. ХIадурана музей гIуцIиялъул планги, гьелъул отделазда экспонатал ракIариялъул программаги. Дагъистаналъе кIвар бугел экспонатал ратана Москваялъулги, Типлисалъулги, Пятигорскалъулги ва цогидалги шагьаразул пачалихъиял музеязул фондазда. Гьабуна гьезулгун хIалтIи, ва Дагъистаналде тIадруссинаруна къиматал алатал: ярагъ, байрахъал, художниказ рахъарал суратал, фотосуратал ва цогидабги. Гьелдаго цадахъ ракIарулел рукIана экспонатал республикаялдагоги. ГIадамазухъа гьарунги, ричун росунги, цIезаруна музеялъул отделазул фондал. Масала, Дагъсовнаркомалъул хIалтIухъан ХI. МухIамица музеялъе сайгъат гьабуна хвалченги тункIил хер балеб къвачIаги, Д. Павловас (музеялъу­л директор) – гиназ Г. Гагариница ра­хъарал суратазул альбомги Ша­мил имамасулги гьесул хъизамалъулги гIумруялъул хIакъалъулъ бицунеб 18 литографияги, ГI. Тахо-Годица – къимат тIокIаб Къуръанги Кавказалъул рагъул заманалъул документалги, доктор Ю. Клычевас – гIарцул накъишал тIад рекьараб хвалченги «волчок» абураб тайпаялъул ханжарги. Экспонатал ракIариялъулъ кIудияб бутIа лъуна Дагъистаналъул Совнаркомалъул председатель Жалалудин Къоркъмасовасги. Гьес музеялъе сайгъат гьабуна Шамил имамас хъвараб 10 кагъатги, некIсияб таманчаги, наиб ХIажимурадил букIараб какикьтIамги, хулжалги, кIиго гъадарогун гулгунги. Гьел экспонатазул цо-цоял тIагIана музеялдаса.
Рехсарал экспонатазда гьоркьоса бищунго бер тIаде цIала какикьтIамалъ. Гьеб буго кьер-кьерал расенал тIад угьараб ва меседил куназ накъищал рахъараб гьитIинабго тIанса. КакикьтIам сверун гIурччинаб къатипаялда тIад меседил куналъ угьун руго хурдулги тIугьдулги. Гьезул жанисеб рахъалда багIараб кьералъул ххамалда тIад угьун руго хIанчIигун тIугьдул. Дагъистаналда меседил куналъ угьарулел устарзаби рукIана Ругъжабги, Хунзахъги, ЧIохъги, Кубачирги, Гъази-Гъумекирги, Губденалдаги, Эрпелирги, Ахъсаялдаги, Жунгуталдаги. Дагъистаналъул музеялда руго меседил куналъ угьарал гIемерал экспонатал, гьезда гьоркьоб цониги гьечIо ХIажимурадил какикьтIамгIан берцинабги тарихиябгун искусствоя­лъул рахъаз къиматабги асар.
КакикьтIамалъул гъоркьияб рахъ­ги буго биццатаб хамил гьабураб. Гьелда тIад угьарал расенал рилъ-рилъун руго бакI-бакIаздаса. XIX гIасруялъул ахиралда гьединал какикьтIамал рукIунаан гIицIго бечедал чагIазул рокъор: ханзабазулги, шамхалазулги, бегзабазулги. ГIумруялъго сапаразда, рагъазда, кодоб ярагъгун, чода рекIун вукIарав ХIажимурадил букIинчIо абизегIанасеб бечелъи. Гьединлъидал гьеб какикьтIам наибасе щун букIун батила лъица бугониги кьун. Гьединго какикьтIам щвезе рес буго Жунгут росдаде гьабураб гьужумалда гIахьаллъулагоги. Гьебмехалда наибас хъамун йикIана Жунгуталда гIумру гьабун йикIарай АхIмад-хан Мехтулиясул лъади-къоролай НухI-бика. ХIажимурадил гьалмагъзабазе гьениса щвана гIемераб давлаги (ханзабазул рокъоса ретIелги, цIарагIги, ярагъги). Хадубккун, гIемераб гIарацги босун, ханасул къоролай эркенги гьаюна. Рехсараб какикьтIам щвезе рес буго Уллу-Буйнак росдаде гьабураб гьужумалъул хIасилалдаги. Гьениб гIумру гьабулеб букIана НухI-бикал вацгIал Шагьвалица. Жиндир яц хъамарав наибасда ццим бахъарав Шагьвалица гьадин абун букIана: «Кутул щолареб гьороб эркенго хьвадулел рукIуна гIункIкIал. Гьелда релълъараб буго, жал цIунизе бажарулел бихьинал гьечIеб бакIалдаса руччаби хъамиги. КIудияв бахIарчиян абулев ХIажимурадида рекъон гьечIо гьединаб иш гьаби». Наибасда хъинтIичIого рукIинищха гьел рагIаби! Гьев ана Уллу-Буйнакалде. Шагьвалил рукъ хъамал гьабуна, гьев живго чIвана ва хъамуна гьесул лъадиги васал-игизалги. Сапаралдаса сардилъ тIадвуссунаго, ХIажимурад ккана гъоркьчIелалда тIаде. Гьениб ккараб рагъулъ чIвана гьесул байрахъулав. Муридасул чоде яхинаюн йикIарай Шагьвалил хъизанги лъутун ун ятана. ЛъагIелгун бащдаб гьоркьоб индал, Шагьвалил хъизаналъ гIарацги кьун, рокъоре тIадруссинаруна жиндир васалги.
Кин Къоркъмасовасухъе ккарал ХIажимурадил алатал? Гьелъул хIакъалъулъ баянал гьечIо.
Музеялда буго ХIажимурадил кIиго рагъулаб байрахъги. Цояб – хъахIаб кьералъул, кIиго бегIераб рагIалги бугеб (137х93), кIиябго рагIалалъул тIогьиб букъун буго багIараб кьералъул ххам. Байрахъ гьесул байрахъуласухъа бахъун букIана 1844 соналъул тIоцебесеб июлалда генерал М. Аргъутинскиясул къокъаялъулгун ккараб рагъулъ рехсараб къокъаялда гъорлъ рукIарал Гъазигъумекдерилги Кюриялъулги милициялъул аскарияз. Гьелда тIад буго гьадинаб хъвай-хъвагIай: «РахIмуяв, цIоб гIатIидав Аллагьасе гIоло! Аллагьасукьа кумек ва хехаб бергьенлъи, реццалъулги тIадегIанлъиялъулги Бе­тIергьан. Аллагьасул цIаралъе гIоло, бищун лъикIаб цIарги – гьесул цIар. Анищабщинаб щоларо бихьинчиясе. ЦIукIалъиялъ хвасар гьавуларо гьев, бахIарчилъиялъ чIваларо. Дур хIалкIолъиялдалъун, Аллагь! Ва Аллагь! Гьабе кумек бусурбабазул боялъе гучаб кумекалдалъун ва, дур хIалкIолъиялдалъун, рагье гьезие хIакъаб бергьенлъи, Къудратав, щайгурелъул мун вуго Къудратав. Кинабго буго ТIадегIанав, Къудратав Аллагьасул кверщаликь. ЦIигьабуна 1260 с. (1844 с.)».
Гьединабго магIнаялъул хъвай-хъвагIаял дандчIвалаан Кавказалъул рагъул заманалда наибзабазулги имамзабазулги рукIарал байрахъаздаги.
БатIияб буго ХIажимурадил кIи­­абилеб байрахъ. Гьеб буго ункъ­­бокIонаб куцалъул (82х127), цIа­­хIилаб кьералъул, лъабго рахъал­дасан рагIалсверун тIулакьераб ххамги букъараб. Байрахъ бакьулъ букъун буго багIарабги гIурччинабги ххамил лъабго гор. Гьезда сверухъ угьун руго хурдузул расенал. Байрахъалъул кIиго бокIоналдаги рукъун руго багIарабги, гIурччинабги, гIубилабги ва цоги гIурччинабги ххамил чIалал. Байрахъ тушманасухъе ккана 1848 соналъул 23 июналда, пачаясул аскарияз Хьаргаби росу сверун ккураб мехалда.
Машгьурав наиб ХIажимурадил хIакъалъулъ гьесулго заманалъул чияс гьадин абуна: «Гьев вукIана къуватав инсан, амма къисматалъ гьев рехана батIияб рахъалде», — ян. МацI лъаларел, амма гучав наибасул къваридаб къисматалъул нугIзаллъун кколел гьесул асарал жакъаги руго искусствоведазеги тарихчагIазеги пайдаяллъунги музеялде рачIаразул ракIазе кIудияб асар гьабулеллъунги.
ХIажимурад Доногъо