Нур бараб цIарги цIилъи холареб темаги

942 соналда поэма, хасаб тIехь гьабун, басмаялда бахъана

 

Жакъа «Шамил» абураб ХIамзатил поэма басмаялда бахъиялдалъун нилъеца борхулеб буго кIиго паризаяб налъи – жив гьавуралдаса исана кIинусабго сон сверарав хIалбохаяв Шамил-имамасда цебеги ва гьебго заманалда 120 сон тIубарав ЦIадаса ХIамзатида цебеги. Шамилги ХIамзатги цоцаде данде рачунеб мех гуро, амма, ракIалде ккола, дунялалда цIар арав ва тарихалда нур барав имамасулги улкаялда машгьурав халкъияв шагIирасулги гIазизал цIарал гьадинаб къадруялда ва хIурматалда рехсей кколин тIолабго ни­лъер магIарул халкъалъул даража цIунулеб ишлъунилан.
ХIамзат вукIана даимго Шамилил хIурмат цIу­нарав ва гьесул цIаралъе киданиги хилиплъичIев чи. НикIалайил заманалдаго Генуб росдал дибирлъун вугеб мехалъ гьесул лъикIаб лъай-хъвай букIана имамасул тарихалъулгун ва гьесул наслу-тухумалъулгун. Дир хIисабалда советиял соназда Дагъистаналъул адабияталда жаниб Шамилил темаялда тIасан тIоцебесеб художественияб асар хъварав чи вукIана ЦIадаса ХIамзат. Лъеберабилел соназда ВатIан цIуниялъул масъалаялда хурхун херхарал гьесул кочIол асаразда жанир чанги ратула Шамилилги гьесул наибзабазулги мисалал рехсарал бакIал. Унго-унгояб куцалда тIадчIун Шамилил тарихалдеги гьесул темаялдеги ХIамзат машгъуллъараб мех ккола 1939, 1940, хасго 1941 сонал. Гьел соназда хъвараб буго Шамилил хIакъалъулъ поэмаги. Абизе ккола, поэмаялда тIад гьабулеб хIалтIи хехго рагIалде бакIариялъе цо сабаб кканин Гитлерил Германиялъул рагъул питна. 1942 соналда поэма, хасаб тIехь гьабун, басмаялда бахъана ва магIарулазда кодобе щвана.
Хадубго цун ХIамзат лъугьана Шамилил хIа­къалъулъ гIатIидаб ва кIудияб пьеса хъвазе. БатIи-батIиял гIиллаби ккун, гьеб хIалтIи рагIалде бахъизе кIвечIониги, шагIирасул архивалда руго хъван лъугIарал цо-цо пардавал. ХIатта гьезул цо бутIа ХIамзатил пьесабазда гьоркьоб басмаялдаги бахъун букIана. Гьаниб бицинчIого толеб буго, рагъул киналго саназда Шамилилги гьесул наибзабазулги гьунарал рехсон, поэтас хъварал кучIдузулгун харбазул, гьарурал кIалъаязул хIакъикъат. Амма цо жо буго бицине бокьараб. Рагъул байбихьудаго цо пуланаб къоялъ, МахIачхъалаялда базаралде арав ХIамзат рокъове вуссуна пуланав художникас гьабураб Шамил-имамасул кIудияб суратги баччун, хирагоги букIанин, амма босичIого чIезе кIвечIилан. «Жакъа, гьадигIан гIарцукъаб къоялъ босичIого, хадуб босизе таниги бегьилаан», – абун хъизамалъул зигара баккидал, ХIамзатица гьелда абуна: «Бегьилароан, Хъандулай, гIарцудаса жакъа Шамил къваригIун вуго нилъее!» ХIамзатихъе зияраталъ щив вачIаниги, сундасаго цебе гьесул бер речIчIулаан халкъияв шагIирасул хъвадарулеб столалда тIад къадада бараб гIазизав имамасул сураталда, гьесул гьайбатаб сипаталда. Бищунго цIакъ имамасде тIаделъарал ва, гьесде мугъ рехичIогойилан, шагIирасда кIалал гьикъулел саназдаги ХIамзатица Шамилил сурат жиндир кабинеталъуса кьуризабичIо.
Шамил имамасул масъалаялда хурхараб рахъалъ цIакъ кIудияб лъугьа-бахъин ккана 1945 соналда. ЦIикIкIараб гIелалъул магIарулазда ракIалда батила — доб мехалъ МахIачхъалаялда ЛъарагI театралъ бихьизабулеб букIана М. Хуршиловас хъвараб «Аманат» абураб пьеса. Гьениб бицен букIана Шамилица АхIулгохIда тушбабахъе аманаталъе кьурав жиндирго гьитIинав вас Жамалудин, гьелдаса гIемер сонал ун хадуб, гуржиязул асирзабазухъ хисун, ВатIаналде тIадвуссинавураб къагIидаялда тIасан. КватIичIого «Дагъправда» газеталда бачIана пьесаялъеги гьеб театралда бихьизабураб куцалъеги къимат кьун, Москваялдаса ячIарай пуланай авторалъ хъвараб макъала. Гьеб букIана хъубаб макъала: гьелда жанир кIудиял бугьтанал лъун рукIана Шамилидаги гьесул ритIухъаб къеркьеялдаги. Шамил вукIанила къосарав чи, гьес гьабураб рагъги букIанила тIекъаб хIалтIи. Шамилида бичIчIичIила Россиялда цадахъ гурони Дагъистаналъе батIияб нух гьечIолъи. Гьесул хьул букIанила турказдеги ингилисаздеги. Гьелдаго релълъарал рукIана макъалаялда рехсарал цогидал багьанабиги.
Гьеб макъалаялъ нилъер халкъалъул рахIат хвезабуна. ГIадамазул ракIбакъвазабуна ва ццин бахъинабуна. Амма цохIого цо ХIамзат ккана -дол къояз гьеб гьересияб, чамгIалаб, хIалихьатаб макъалаялъул авторалъе жаваб кьун цеве вахъарав чи. Гьес хъвана ва газеталда бахъана «Шамил» абураб машгьураб кечI. Гьелда жанир рукIана, чияр зулму хIехьечIого, жидерго эркенлъиялъе гIоло тIаде рахъарал магIарулазул бацIцIадаб ниятги тIекъаблъун чIезабун, пачаясул колониалияб политика ритIухъ гьабулел гIадамазе кьурал кьогIал жавабалги гьарулел бадирчIваялги.

Шамилил история эсул тIанчIазда лъала,
Аслу гьечIеб рагIуде гIинтIамизе ккеларо.
ГIурус халкъалдехунищ
Шамилил рагъ букIараб —
РакIалде кканщинаб жо абизе бегьиларо.

Ихтияр тIалаб гьабун, хвалчен бахъараб лачен,
Лъица щиб бицаниги, дур нух битIараб буго.
ВатIан эркен гьабизе квер биххарав багьадур,
Дуде инкар гьабурал квегIаб рахъалъ ккун руго.

Дол шартIазда гьедин ачихъго, кIал гьикъун кIалъай букIана ХIамзатил рахъалдасан таваккалаб хIалтIи. Гьелдаго цадахъ гьелъулъ бу­кIана шагIирасул ритIухълъиги бахIарчилъиги. МагIарулаз гьелъие кколеб къиматги кьуна. Гьеб бичIчIана хIатта Москваялъул интеллигенциялъул вакилзабаздаги. Ва амма ракIал хъубазда гьеб кIочон течIо: 1950 соналда Багировасул чукъбуз Шамил турказулги ингилисазулги жасус вукIанилан ва гьесул бетIерлъиялда гъоркь Северияб Кавказалда гьабураб къеркьейги реакционияб иш букIанилан чIезабураб мехалъ, ХIамзатида ракIалдещвезаруна Шамилил хIакъалъулъ хъвараб гьесул поэмаги, тIадехун рехсараб кечIги ва батIи-батIиял бакIазда гьес гьарурал каламалги, насихIаталги. «Политикияб бецлъи», «Идеологиялда жаниб бичIчIи гьечIолъи ва гIадлу хвей», «Миллатчилъиялъул асаралде гъоркье ин» – гьеле, гьеб тайпаялъул рукIана дол соназда ХIамзатиде гIунтIизарулел гIайибалги чIвалел бугьтаналги.
ГIайибалги бугьтаналги ана, лъугIана. Шамилги вацIцIалъана, ХIамзатги вацIцIалъана. Нахъе хутIана кIудияв имамасул кIудиял васиятал ва халкъияв шагIирасул гIакъилал назмаби. Нахъе хутIана Шамилил тарих бицараб ХIамзатил поэма. МагIарулазе нахъеги рес щвана гьелъул тIанчал регизе, гьурмал гелизе ва мухъал цIализе. Ва даимав имамгун цадахъ 25 сонил манзилалъул сапаралда гьоркьор гIахьаллъизеги.
1997 сон
ХIамзатил ХIажияв