Балагьаб рогьалил гIуж

2019 соналъул февралалда 98 сон тIубана багIар армиялъулаз, балъго тIадеги кIанцIун, Гиничукь росу бухIаралдаса.
Гьеб балагь нижер гьитIинабго росдаде бачIиналъул хIакъалъулъ бицуна росдал харабаз

 

1921 соналъул авалалда ГIарани хъалаялде рачIун рукIана тIадмагIарухъги советияб низам щулалъизабиялъе гIоло рагъизе «гъеж гурарал» багIараб армиялъулал. Ракъуца малъкъосарал Астрахань ва Царицын губерниязул гIадамаздаса данде гьабураб 14 ва 32-абилел дивизиязул кьвагьдохъабаздаса, Москваялъул курсантазул 2 бригадаялдаса гIуцIараб «ударная группаян» цIар лъураб гьеб БагIараб Армиялъул часталъул командирлъун вукIана А. А. Тодорский, комиссарлъун вукIана Дагъистаналъул ВЧКялъул председатель Нажмудин (Эфендиев) Самурский. Ракъиялъ хIамузулгицин гьан квине ккарал гьел рагъухъабазе кванил сурсатаздалъун кумек гьабизе кколеб букIун буго, бокьаниги бокьичIониги, гинчадерица. ЦIияб низамалдеги ру-ссун, Гиничукь гIуцIун букIун буго росдал Советги, вищун вукIун вуго Советалъул председательги. Гьединаб гьоркьоблъиялда багIараб армиялъулаз росулъ гIуцIун букIун буго цо пост, аскIоб бугеб ТIануси росулъ ругел ХIоцоса Нажмудинилаздаса жалго цIунизе.
ЦIорораб хасалил халатаб сордо гIемерисезе ахирисеб букIин лъаларел гинчал макьидаса рорчIизарула, рогьалил как ахIулев росдал будунасул гьаракьги гьоркьоб къинабун, цо-цо авалалда рихъулел багIаразул гIарадабазул гумпарабазул гьаркьаз. Рихха-хочун рагъабазде кIанцIарал гинчал гIужие гъун чIвазе байбихьула росда цебе магъилъ чанго кьер гьабун чIарал багIаразул кьвагьдохъабаз. Гинчадерил росу буго къилбаялде балагьараб лабаллъиялда. Дагь-дагьккун тIаде къан солдатазул горалъ росу сверун ккола. Цере ратарал рукъзабахъе жанире кIанцIун, гIадамал чIвазе байбихьула. «Дир доб мехалда 8–9 сон букIана, – ян бицуна Исбагьиев МухIамадица. – Жеги тIубан хъахIлъи рехун букIинчIо. Рагьун къелълъ кьабана нижер нуцIа. НуцIихъан бихьана кIиго чиясул сурат-рагIад. Сас рагIа-рагIаралъур речIчIулел рукIана гьез тункIал. Киниялда вукIарав дир гьитIинав вац гIодизе лъугьана, ва эбел гьесда аскIое йортун ана. Дун хIинкъун, сихIкъотIун бусадаго чIун вукIана. Солдатал аралго, кIудияв инсуца, иргаялда цIарал ахIун, цIехолеб букIана нижер бугеб хIал. Гъосда канлъи бихьулароан. Эбелалъ жаваб кьолеб букIинчIо. КIудияв эмен, хадуб бехъерхъун бохгун, кини бугеб рахъалде хъурщулев вукIана. Эбелалъул хIухьел-махI лъугIун батана. Керен борлъун бугоан гьелъул. КIудияв инсуца «Ясин» цIалулеб букIана. ТIадруссунги рачIун, солдатаз гьесдаги туманкI речIчIана ва хун вугищали бихьизе тункIил хечги хIунсана».
Росулъго чIваразулги 80 метр борхалъи бугеб ЦIолбокь чвахукье чIагого рехаразулги къадар 71 чиясде бахана. Жиндирго рокъов, тIад цIаги гъун, чIагого вухIана росдал Советалъул председатель ИсмагIилил МухIамад. Цояб чакма ретIун, цояб ретIинегIан течIого, гIазуги мерхьунаго, ГIарани хъаладухъеги вачун, чIагого ЦIолбокье рехана 61 сон барав БацIхIатIил ХIасанги, гьеб сордоялъ Шураса эхеде щун вукIарав 18 сон барав гьесул вас МухIамадги. Гьезулго гIадаб къисмат ккана ЦIира ХIажиясулги ва ЧIондокьа Гъазиясулги. ЧIваразда гъорлъ рукIана какикьжоялдаса рахъун бажаруларел харабиги, битIун завалалда хъизам-лъималгун яшав гьабулел рукIарал гьоркьохъеб гIумруялъул бихьиналги, руччабиги, жеги михъида хIур чIвачIел гIолил васалги.
Гьезул цоял чIвала улбузда, яцазда, руччабазда цере, цо-цоял рихьдаего, цIаруего росда цебе гьоцIабахъ хвалчаца къотI-къотIула ва хучдуз рорлъ-рорлъула. Солдатаз жидерго рокъор чIвана 97 сон барав ЦIарберцин ХIажи, 89 сон барав ГIабдусалам, 74 сон барав Алмасил МухIамадхIажи, 69 сон барав Алмасил Шамхал, гьесул васал Нажмудин, ГIумар, Басир, жив вижаралдаса бакъул нур бихьичIев беццав Пирбудагъил ХIасан ва цогидалги.
ЧIваразда гъорлъ рукIана багIаразе хъулухъалда ГIарани хъаладухъ рукIарал гинчадерил гIолохъабазул эмен, вац ва вакьад. Мунагьал чураяв багIарав партизан ХIайбулаев Зубайирица бицунаан: «ЧIван дир эменгун, вацгун, хъун кIиго нижер оцгун, нуцIа-гордал рахъун, цIадаб гьебги лъун, саргъасазухъ гьан бежулел, гьеб кунел ратана рокъове щведал солдатал». Пенсионер Гъазиев ГIабдулманапица хъвалеб буго жиндирго ракIалдещвеялда: «Дир имгIал, багIарав партизан Шамхалов ХIайбулаца ва вацгIал МухIамаев Абсалудиница бицунаан: росулъ ругел эбел-инсул ва гIагарлъиялъул ургъелалъ рахIатхун комиссар Нажмудин Самурскиясухъе индал, гьес абун буго нужер росулъ гьечIин гIайиб гьечIел, гьел киналго чIвазе кколин».
Лъабабилеб къоялъ, радал гIакIаги ахIун, лъазабула росу бухIизе бугин, гьебги рехун тун, лъималги рачун, руччаби БакьайичIире ралагьун къватIире рахъаян.
Мунагьал чураяй дир эбел МухIамаева – ГIалибегова ПатIиматица бицунаан: «Лъабабилеб къоялъ нижер рокъоре рачIана кIиго солдатги цо офицерги. Эбел цIакъ рахIатхун лъугьана. БотIродаса чохтIоги бахъун, ахIичIого рачIарал гьалбадеридехунги юссун, вас живго теян гьарделей йикIана. Офицерас хвалчаца ишанги гьабун вац ХIасанулбасирида бичIчIизабуна рагъидул чIалуялда квер хъваян. Ункъо-щуго галиялъ довегIанги ун, векерун гIадинги вачIун, эхедеги кIанцIун, рагъидул чIалуялда квер кIутIана гьес. Нижер кавуялдаса чанго галиялъ гъоркьегIанги вачун чIвана дир вац. 14 сонцин букIинчIо гьесул. Росулъа къватIире гъолелъул, дир яц Субайбатил хIукму-хIал лъазеян, хинаб ретIелги ретIун (цIакъ квачараб къо букIана гьеб), яцалъул рос ЦIарберцинил Къебедил рукъ бугеб бакIалдехун ячана дун эбелалъ. Солдатаз гIадамазул рукъзабахъа къватIире раччулел рукIана бакъвараб гьанал къулагIаби, цIураб гьанал бакьал, нахул хъуби. Субайбатилги рукъ талавур гьабулел ругоан солдатал. Къвалакь хьалбалги ккун, кавудахъа къватIиве вачIунев цояв, «вашу матиланги» абун, нижги тункун рехизарун, векерун ана. ЧIван ратана гьелъул рос Къебед ва вакьад ХIажияв. Субайбат ятана хIатIида гIицIго, цохIо гордилъ, каранде къан кIазилъ жемун лъимергун, азбаралда гIаздатIа чIезаюн. Ресалда ругел хъизан-рукъалде тIаде ккедал, гьедин тIалаб гьабулеб букIун буго солдатаз гIарац-месед. КIиго анкьидасан хвана Субайбат, кIиго моцI барай гьелъул яс ХIалиматги ятимлъун хутIана».
Гьаб пашманаб хабар бицун чанги гIодана дие хIалимай, хIеренай, рухIалабазги унтабазги гIемер кIвекIарай, къисматалъул кьогIлъи лъиего бикьичIого къулчIарай дир эбел. Большевиказ лъутIараб доб «гражданазулилан» цIар лъураб рагъалъ къурбан гьаруна гьелъул лъабавго вацги цохIо йикIарай яцги. Доб мехалъ гьелъул букIана 11 сон. МухIамадхIажиясул Айзалъ бицунаан: «Росулъа унелъул, къотIноб нижеда батана бидулъ белъараб, куц-мухъ лъаларедухъ пасат гьабураб цо гIолохъанчиясул жаназа. ГIолохъанчиясул эбелалде магIил рагIабиги абулаго, доегIан щун йикIарай эбел кьурун нахъюссун ана. ГIасияб гьаракьги гьабун, доб жаназаялда тIад гIодой ккана гьей. Дов гIолохъанчи вукIун вуго дир вац, гьелъул вас.
Улбузда цадахъ БакьайичIире унелъул, «Гьоркьоб гIурдаллъи» абулеб бакIалда, улбузда ва яцазда цере ратIаги гъарун чIвана. 14-15 сон баразул лъабгояв».
«Росу тун унелъул, эмен гьечIого жинцаго гIезабураб цохIого цо бугеб лъимер чIаго хутIизеян, эбелалъ васасда ретIун букIун буго руччабазул ретIел.
КIиго бакIалда халгьабулездасаги рорчIун, лъабабилелде щведал, офицерасда лъараб куц буго гъосул руччабазул гуреб рилълъин. Офицерас цо чанго галиялъ довегIанги вачун, гьесул кIаз нахъе чIвазабула ва керен цебе лъезабула, цинги хьвагIараб жоялъ гьесул щекъер къотIула. Жеги хIакъикъат бичIчIичIеб, михъида хIур хъвачIеб гьесул гьумер эбелалъухъги балагьун гьимулеб гIадинги букIун, щапун гIодоб ккана», – ян бицунаан дир эбелалъ.
ГIарани хъалаялъул хIакимзабаз анкьидасан изну кьуна къурбанлъарал гинчал рукъизе. ГIаммаб хоб бухъунги, хабалазул къадал риххизарун, кьучIал рахъун, гьел гьенир чуричIого, жидерго ратIлилъ рукъула. Гьедин рукъулеб гIадат буго бусурбабаз гъазизаби. ЦIолбокь чвахукье кьурулъа гъоркье рехаралги гьенирго рукъула. Мунагьал чураяй Зубайрил Рукъигатица бицунаан: «СанагIалъи бугеб бакIалдасан хабзалазул къедги бичун гIицIал квераз цIорораб ракь бикIун, бидухъ ран килщалгун гьабуна эмен вукъизе гвенд. Дун йикIана нижер
хъизамалъул хутIаразул бищун кIудияй. Дирги букIана 14 сон. Ниж лъабазго къилбаялдеги буссинабун лъуна инсул жаназа гвандиниб. ЦIорораб жаназаялъул гIебеде битIахъе хутIараб гъеж ракьулъ букъун чIоларого бихьараб къо кидаго кIоченаро. ЧанцIулго квераз хачан ракь тIаде бачаниги, ракьулъ чIолеб букIинчIо гьеб, ракьулъа къватIибе бахъунги бачIун, эхетун чIолаан. ХIинкъун карабиххун гIодулел гIисинал яцалги вацги карандеги къан, гIодилей йикIана дун».
Лъабго моцIидасан багIараз гинчадерие изну кьуна росулъе тIадруссине. Узданаб росу сверизабун батула бухIараб чIваданалде. БагIараб армиялъулаз росдал гIадамазул кинабго бечелъи: гIи-боцIи, рокъоб букIарабщинаб къайи-къоно, мажгит цIун гIодортIамун рукIарал цIухби (сумахъал), давагьин-салмаг, жеги гьоцIабахъ рукIарал лал тIамичIого хутIарал гIаралгицин сум течIого ун батула. Ракъуца, къварилъиялъ къвал барал гинчадерил къоролзаби ва ятимзаби гьардухъ лъугьине ккана. «Ракъуца хвана дир кIиявго вац СагIаду ва Абакар, дир яц Сапинатги. Дирго эбел РайхIанатгун ва кIудияй эбел Нуцалайгун цадахъ дун гьардухъ ине ккана. Нижеда бихьараб ракъи-къварилъиялъул бицун чи божиларо. Доб мехалъ дир букIана 12 сон», – ан хъвалеб буго жиндирго ракIалдещвеязда Гъазиев Манапица.
Сундуе гIолоха гьеб гIасияб балагь гинчадерие гьабураб багIараб армиялъулаз? ЦIияб низамалъ гьеб лъугьа-бахъиналда сверун бала балъголъиялъул пардав. Гьелъул хIакъалъулъ бицинеги толароан. Жидерго вахIшилъи-гIасилъи къватIибе лъачIого хутIизелъун, нахъе тун гьечIо кинаб букIаниги документ.
Гьадинаб лъугьа-бахъиналдасан байбихьун буго гьеб кинабго. Доб цIорораб февралалъул гинчадерие балагьаб сордоялъ, ТIанусисахун рачIун, ХIоцоса Нажмудинил рахъ кколез Гиничукь букIараб багIараб армиялъулазул караулалъул солдатал чIван руго. Гьезул цояв лъутун Хъаладухъе ворчIун вуго. Гьес ахIи-хIур бахъинабун буго гинчал хилиплъанилан. Гьеб хабар рагIарав А. А. Тодорскияс ва доб мехалъ ГIарани хъаладухъ вукIарав Дагъистаналъул ВЧКялъул председатель Нажмудин Самурскияс буюрухъ кьун буго: «ГанчIида гамачI хутIуларедухъ тIагIинабе гинчадерил росу-жамагIат», – абун.
Радакьалде багIараб армиялъулаз гинчадерил росу сверун ккола ва тIад цIа лъола. Гьедин байбихьула гинчал гъуризе. Гьеб гIасияб иш рагIалде бахъинабизе Н. Самурскиясда тIадги къан, А.А. Тодорский Болъихъ багIаразе ккараб хIинкъи нахъчIвазе уна.
Мунагьал чураяв дир эмен ГIалибегов НурмухIамад гIурус мацI лъалев чи вугилан вихьизавун вукIана Н. Самурскиясе тилмачлъун. НурмухIамадил эбел росасе ун йикIуна Гиничукьа Шамил абурав чиясе. НурмухIамадица Нажмудин Самурскиясда гьарула, тIубан иш кин-щибали лъалелде кьураб гьеб буюрухъ тIубазабизе гIедегIугеян, гинчадерилги вугин гьанив Хъаладухъ багIарал партизаназда гъорлъ анцIила щугониги гIолохъанчи, жиндирги эбел-лъималги ругин росулъ, мунги бусурманчи вугелъул, Дагъистаналъул ВЧКялъул председатель хIисабалда, росдае гьеб балагь гьабизе гьукъеян. Н. Самурскияс НурмухIамадида кьварун лъазабула: «Гьеб дургоги бетIер чIум гIадин борлъизе бокьун гьечIеб батани, хабар лъугIизе те», – ян. Цинги цодагьав гIодоцаравго гьес абун буго, жинда дуе гьабизе кIолеб кумекги бугин, дур эбел-инсуда хъвагеян абун кагъатги кьун, мун Гиничукье витIизе. «Классиял тушбабазда» тIад босараб бигьаяб ва давлаяб бергьенлъиялъ бутIрул сверарал солдатаз, бихьиналги гъурун, жалго хутIарал руччабазда хIал-зулму гьабизе букIиналда хIинкъараб хIалкколеб букIиналъги ва цинги багIарал партизаназулги солдатазулги гьоркьоблъи чучлъизе бегьулеблъиги бичIчIун, Муслим Атаевасда кIола Н. Самурский кантIизавизе, руччаби ва 14 соналде рахинчIел васалги росулъа къватIире риччазаризе.
Абула, 1937 соналда Н. Самурский жанив тIамулелъул, гьесде гIунтIизарулел гIайибазул цояб букIун бугин гинчадерил ракълилал гIадамал гъуриги. Лъаларо, кин букIаниги, нижер росдал гIадамазе гьабураб вахIшилъи роцен гьечIебгIан кIудияб буго.