АхIулгохIалъул лъимал

АхIулгохI бахъаралдаса 180 сон тIубаялде

 

АхIулгохIалъул лъималаз, чIахIиязго гIадин, бахIарчиго хIехьана гIакъубагун къварилъи, бажарараб кумек гьабуна щулалъаби разе, цIунана гохI, кваридаги ран, кьурса гIодореги далун, баччана гIурухъа лъим, кьвагьдана тушманасде данде ва асирлъудеги ккана… Сверухъ лъугьа-бахъунеб жоялъул балагь сабурго баччана гьез. Гьезда бихьана унго-унгояб жужахIалъул къо. Гьел куцана рагъалъ. Гьезул гIемерисел къадаралде щвана АхIулгохIда. Абизе бегьула, гьединазул къисмат гIемерго лъикIаб букIанин, эбел-инсудасаги ратIагьарун, Россиялде ритIаразде, зулму гьабун, насранияб дин босизабуразда дандеккун. Гьелдаса хадур, Россиялъул гIатIидаб ракьалдаги тIиритIун, араб бакI лъачIого тIагIана гьел.
Амма цо-цо лъималазул хIакъалъулъ баянал цIунун хутIун руго тарихиял тIахьаздагун хъвай-хъвагIаязда ва ракIалдещвеязда.

Хунзахъа ГIалибегил вас Хириясулав

Хунзахъа ГIалибег бахIарчиго хвана АхIулгохIда. Гьенивго вукIана гьесул кIиго лъагIел барав вас Хириясулавги. Лъабго гуллаги щварав, ботIролъ хечги къарав васасда бичIчIулебцин букIун батиларо гьениб букIараб вахIшилъи. Амма гьесул рекIелъ къан хутIун батизе буго бихьаралъ жиндиего гьабураб асар.
Архивазул баяназда рекъон, Хириясулав гIурусазухъе асирлъуде ккана жиндирго вацасдаги, яцалдаги, ададаги ва кIодоэбелалдаги цадахъ. 1839 соналъул 11 сентябралда АйМисай, АхIулгохIда шагьидлъарав ГIалибегил эбел (60 сон бан букIана гьелъ), ГIалибегил яц Меседу (18 сон) ва ГIалибегил яс Ханзадай (анкьго сон) ритIана Гъизляралде. Гьебго соналъул тIоцебесеб декабралда къадаралде щвана АйМисай ва гьей юкъун ятизе йиго Гъизляралъул хабалалъ. Меседул къисмат лъазабизе бажаричIо. Ханзадай хадуйккун хисун ятизе ккола гIурус солдатасухъ. Халкъиял биценазда абулеб буго, Шамил-имамас гьей ясалъул (гьелъул гьумер бухIун букIана) къисматалъул агъаз гьабулеб букIанилан. Имамас гьей росасе кьуна ПатагIали наибасе. Хвана 1279 (1862/1863) соналда ва юкъун йиго Сивухъ. Гьелъул хоб батIабахъизе лъала жакъаги.
Долго архивазул баяназда рекъон, Хириясуласда цадахъ Гъизляралда гIурусазухъ асирлъуда вукIана гьесул вац МуртазагIалиги. Гьениса гьел ритIана рагъулал кантонистазул Воронежалъул батальоназде. Кавказалъул хасаб корпусалъул командир, генерал Е. Головиница рагъулав министр граф Чернышевасухъе битIараб рапорталда хъван буго: «22 августалда нижехъе ккарал асиразда гьоркьор руго… машгьурав ГIалибегил кIиго вас: цояв – МуртазагIали, микьго сон барав, кIиабилев – Эверес, щуго сон барав. Кавказалъул мухъалъул аскаралъул командующий генерал-адъютант Граббеца абулеб буго, гьезие лъикIаб лъай кьуни, гьездаса гIемер пайда букIинилан, гьел руго кIалбегIерал ва сабурго хьвадизе лъалел васал», — ан. Головинил бихьизабиялда рекъон, гьитIинал магIарулал цIализе росула кадетазул корпусалде. ГIурус писараз гьезул цIаразулъ риччан руго гъалатIал. Масала, Хириясуласул цIар хъван буго жидедаго рагIараб куцалда: Эверес, Еверес, Херес, Эверс. Кантонистазул батальоназда рукIаго, васазда босизабун буго насраниязул динги. МуртазагIали хъван вуго Василий Соколов ва Хириясулав – Николай Аварский абун. 1841 соналда вацал ритIизехъин рукIана Москваялъул кадетазул корпусалъул тIоцебесеб отделениялде, амма гьебго соналъул декабралда гьеб пикру хисана ва васал ритIизе кколаан Александров кадетазул корпусалде. Архивазда рекъон, МуртазагIали хвана «цIаканги бахун», Хириясулав витIана кIиабилеб кадетазул корпусалде. Амма гьесул цIар хъван букIана Николай Васильевич Аварский абун. Гьединаб цIар кьолаан доб заманалда – кинав офицерасул ихтияралда вугевали яги лъица тарбия кьолебали хIисабалде босун. Аварскиясул документалда хъван буго: «Насранияб диналде вуссарав магIарулав» абун.
АхIулгохIда рагъги лъугIун, лъабго лъагIел араб мехалда, рес щун букIана ГIалибегил вас гIагарал мугIрузде тIадвуссинавизе. 1842 соналъул 22 марталда Шамил имамасухъе асирлъуде ккана Гъазигъумекалъул гарнизонги гьелъул нухмалъулев подполковник Снаксаревги. Шамилица гIурус командованиялда абуна асирал хисизе ругин абун ва тIалаб гьабуна поручик Анановасухъ ГIалибегил вас кьеян абун. Амма гьеб иш рагIалде бахъинчIого хутIана.
Кадетазул корпусалда цIалиги лъугIизабун, корнет, поручик, штабс-ротмистр, штабс-капитан Аварскияс хъулухъ гьабуна Литовский, хадубккун Апшероналъул лъелазул полкалда батIи-батIиял хъулухъазда – ротаялъул командирлъун, кьвагьдохъабазул начальниклъун, батальоналъул командирлъун ва гь.ц. ЛъикIаб хъулухъалъухъ гьев мустахIикълъана: ГIазизав Станиславил лъабабилеб даражаялъул орденалъе (1871), ГIазизав Владимирил ункъабилеб даражаялъул орденалъе (1874), майорасул чиналъе (1871). Аварский гIахьаллъана Крымалъул рагъулал лъугьа-бахъиназулъги (1854), Хивиялъул сапаралда бихьизабураб тIокIлъиялъухъ (1873) гьесие кьуна подполковникасул чин. Гьеб рагъулъ Аварский лъукъана, бохдузулъ картечьги щун. Сахлъун хадув гьес хъулухъ гьабуна Темир-Хан-Шураялда, вукIана Апшероналъул полкалъул лъабабилеб батальоналъул командирлъун. Гьебго полкалъул батальоналъ 1839 соналда асир гьавун вукIана кIиго сон барав ГIалибегил вас.
28 сон бараб мехалда, Аварскияс лъадилъун ячана Эмилия Оттоновна Герштенцвейг, Житомиралъул губерниялъул секретарасул яс. Анлъго соналдасан гьезул хъизамалда рукIана лъабго ясги кIиго васги.
1875 подполковник Н. В. Аварский захI-матго унтана. Цоги чиясул кумек гьечIого, вилълъанхъизецин кIолароан гьесда. Темир-Хан-Шураялъул рагъулаб госпиталалъул документазда хъван буго: «Хивиялъул сапаралдаса полкалъул штаб-квартираялде тIадвуссун хадув подполковник Аварскиясда каранзул унти ккана, гьев гIемер ва гьоркьоса къотIичIого хъегIдизавулаан. 1874 соналъул кIиабилеб бащалъиялда гьуърузулъан би чвахана чанцIулго. ХIал загIиплъарав унтарав ахирги бусаде ккана …», — ян.
Аварскияс хитIаб гьабуна пачаясухъе, жив хъулухъалдаса эркен гьавеянги гьарун: «…Сахлъи загIиплъиялъ, дихъа бажарулеб гьечIо Дуе, ХIурматияв Император, хъулухъ гьабун, гьединлъидал гьарула, унтун вукIиналда бан, дун хъулухъалдаса эркен гьавеян абун, медицинаялъул №135 свидетельствоялда рекъон, иргадулаб чинги, мундирги, эмиратияб кассаялдаса пенсияги кьун. Шура шагьар. 1876 соналъул 31 январь».
1876 соналъул тIоцебесеб февралалда Николай Васильевич Аварский – Хириясулав, 39 сон барав Хунзахъа ГIалибегил вас къадаралде щвана ва вукъун вуго Темир-Хан-Шураялда. Гьелдаса нахъе хварав подполковникасул хъизамалъе щолаан пенсия – 430 гъуруш. Гьебго хабалалъ 27 соналдасан юкъана гьесул хъизанги. Аварскиясул яс Аннаеги ирсалъе щвана инсул унти. Гьелъиеги чIезабун букIана пенсия. Цогидал лъималазул хIакъалъулъ баянал щвечIо. Батизе кIвечIо, кигIан нижеца хIаракат бахъаниги, Шамил-имамасул бахIарчияв наиб ГIалибегил вас Хириясуласул хобги.

Колоса Сурхайил яс

АхIулгохIда шагьидлъарав Шамилил машгьурав мурид Колоса Сурхайил яс йикIана имамасул васасул ригьалъул. Гьелда букIун батила Аминат абураб цIарги, щайгурелъул «Асирлъуде ккарал азиатазул сияхI» абураб документалда рехсон йиго «Сурхайил яс Аминат» абун.
ГьитIинай магIарулалъул гьайбатлъиялъ асир гьавурав генерал Павел Граббеца гьей йитIана Санкт-Петербургалде ва кьуна къадруял ясазул пансионаталде. Насранизул динги босизабун, гьелда лъуна Александра Павловна Сурхаева абураб цIарги (цIар – императрицал, инсул цIар – Граббел цIаралда рекъон, фамилия – инсул цIаралъул кьучIалда).
Петербургалъул гьава-бакъ рекъечIо гьелъие ва 16 сон барай берцинай магIарулай хвана. Гьей юкъун йиго Троице-Сергиясул хабалалъ.
ГIашилтIаса ХIасан ХIажияв Маллачи-хан

АхIулгохIда асирлъуде росарал лъималазул сияхIалда рехсон вуго ГIашилтIаса «ХIажиев Нуричу огъли (ХIажияв Нуричиев)». Гьев ккола ХIасан-ХIажияв, Дагъистаналдаго машгьураб Маллачи-ханил (Малачихановазул) тухумалъул чи. Маллачица гIумру гьабуна XVII гIасруялъул бащалъиялда ва вукIана Гуржиялде гьарурал чабхъеназул цевехъанлъун. Шамил-имамасул аскаралда гьоркьов вукIана Малачихановазул тухумалдаса Нурич абурав чиги гьесул кIиго васги – МухIамадги ХIасан ХIажиявги. МухIамад вукIана Шамилил аскаралда нусил бетIерлъун, гьесул цIар тIибитIун букIана бахIарчияв ва бугеб жо рекъезабун бажарулев чи хIисабалда, амма гьесие бокьулаан бакъингун кьурди ва цогидаб ракIгъей. Имамас гьел кьварун гьукъун рукIана. Гьелде бугеб рокьиялъухъ имамас МухIамадие тамихI гьабизехъин букIана, амма гьелъул хIакъалъулъ гIагарлъиялдасаги лъан, гьев лъутана гIурусазухъе. Гьеб ккана гIага-шагарго Гъуниб Шамил асирлъуде ине кIиго моцI хутIараб мехалда, ай 1859 соналда.
Гьеб заманалде гьесдаса 20 соналъ цеве ватIа гьавурав гьесул гьитIинав вацас хъулухъ гьабулеб букIана Калугаялда букIараб 40-абилеб Колыван полкалъул офицерлъун. Насрани диналде вуссинавурав гьесда лъун букIана Николай Иосифович Парамонов абураб цIар. Гьев гIахьаллъана Крымалъул рагъда, Севастополалда ккарал рагъазулъ бихьизабуна чанцIулго бахIарчилъи ва гьелъухъ мустахIикълъана тIадегIанал шапакъатазеги вихьизавуна Императорасдаги.
ХIасан-ХIажияв Шамилгун дандчIвана, 1860 соналда гьев Калугаялде вачIаравго. АхIулгохIда вагъарав вукIиндалги, Шамилил эбел БахуМеседо ГIашилтIаса йикIиналъги, имамас гьесул адаб гьабулаан. Гьев гIемер щолаан имамасул рокъове.
ГIашилтIе битIараб кагътида ХIасан-ХIажияс хъвалеб буго: «Хирияв вац МухIамадихъе ва тIолабго гIагарлъиялъухъе, нужее рекъелгун Аллагьасул баракатги гьарулаго. Шамил Калугаялде вачIаравго, дун ана гьесухъе, гьевгун ва гьесул лъималгун дандчIвазе. Гьениб дида лъана, нуж сахго ругеблъи ва ТIадегIанасе гьелъухъ баркалаги кьуна. Дир гьикъани, гьарула нужеда, ургъел гьабуге, дун сах-саламатго вуго ва, Императорасул рахIмуялдалъун, дие кьун буго поручикасул чин, вуго 150 чи вугеб полкалъул командирлъун, имамасда гIагарлъухъ гIумру гьабулев вуго ва зама-заманалдасан щола гьесухъе. Хъвана 1278 соналъул шавал моцIалъул 23 къоялъ. Аллагьасул кумекалде хIажатав ХIасан-ХIажи Бен-Нурич. ГIашилтIа», — ян.
Маллачи-ханас ячана гIурусай, гьезул рукIинчIо лъимал. Гьединлъидал гьес вацасда гьарулеб букIана жиндихъе вас витIеян хьихьизе. Гьев васасда гIурус мацI малъана имгIаласул лъадиялъ. Гьев гIемер щолаан Калугаялда гIагарлъухъ букIараб Оболенскиязул рокъове. Гьенибги камил гьабуна гьесул тарбиягун лъай. Княгиня А.А. Оболенская (1831-1890), росасе иналде – Дьякова, машгьурлъун йикIана Россиялда ясазе лъайкьезе кколин абураб пикруялъул рахъкколей гIадан хIисабалда, ва гьелъ кьучI лъуна Санкт-Петербургалъул руччабазул гимназиялъеги.
Шамилил рокъове хьвадулев Нуричида гIараб гIелму малъана имамасул вас ГъазимухIамадица. Къуръан цIалун бахъараб мехалда, имамас гьесие сайгъат гьабуна жиндирго Къуръан, гьеб гьабсагIаталдаги цIунун буго гьесул ирсилаз. Нуричица вацасул вас Маллачи-хан хIадурулев вукIана рагъулаб хъулухъалде. Амма гьесие бокьун букIинчIо гIумру аскаргун бухьинабизе. ВатIаналъухъ урхъи бергьун, 16 сон барав гIолохъанчи тIадвуссана Дагъистаналде. Гьесул бакIалда МухIамадица вацасухъе витIана цогидав вас – ХIасан. Гьес «ритIухъ гьаруна имгIаласул анищал ва вахана полковникасул чиналде.
1860 соналъул октябралда ХIасан-ХIажиясухъе вачIана кIудияв вац МухIамад. Гьел дандчIвана 20 сон гьоркьоб ун хадуб. 1876 соналъул 10 ноябралда 90-абилеб лъелазул Онежский полкалъул кьвагьдохъабазул начальниклъун вугев майор Маллачи-ханас хитIаб гьабуна рагъулав министр генерал-адъютант Д.А. Милютинихъе, жив хъулухъ гьабизе Дагъистаналде витIеянги гьарун.
«1839 соналда АхIулгохIде гьужум гьа-булаго, асирлъудеги восун, гIумруялъго Россиялъул армиялда хъулухъ гьабулев вукIаниги, дун вуго унго-унгояв магIарулав. Дида лъикI лъала дир ракьцоязул хасиятги гIадаталги, гьединлъидал гьениб, ай дие ругьунаб бакIалда, дидаса букIине буго кIицIул цIикIкIараб пайдаги. Гьарула дие кьеян халкъияб нухмалъиялъул ра-
хъалъ, дирго чиналдагун цIаралда рекъонкколеб хъулухъ. Лъимерлъудаго асирлъуде ккеялъул хIасилалда гIемераб жо кIочон тун букIаниги, дица гьеб кинабго ракIалдещвезабуна ва гьеб рахъалъ лъай камил гьабуна, лъабго соналъ Калугаялда ругеб заманалда Шамилилгун гьарурал накъитазул хIасилалда. Гьелде тIадеги офицерасул чиналда дица ункъо соналъ хъулухъ гьабуна Ширваналъул полкалда Дагъистаналда, гьеб заманалъ рес щвана камилго лъазабизе мацIги, хирияб ватIаналъул гIадаталгун хасиятги», — ян хъван буго Маллачи-ханас.
Маллачи-ханас ракIалдещвезабулеб буго министрасда пачаясулгун букIараб дандчIвайги: «Дур хIалимлъиялдалъун ва рахIмуялдалъун дие рес щвана – доб заманалда букIараб Парамоновасул цIаралда гъоркь, гьанже дица босун буго дирго
кьолбол цIар Маллачи-хан, ва дирго вацгун цадахъ – 1861 соналда пачаясулгун
дандчIваялъе. Пачаяс дир вацасе сайгъат гьабун букIана меседил сагIат ва лъазабуна дир вацасул васал цIалул идарабазде росеян ва пачалихъалъ хьезареянги. ТIаде жубалин: дица ячун йиго лъай щварай гIурусай, гьелъги ватIаналъе кумек гьабила, Кавказалъул руччабазе лъай кьолаго», — ян хъвалеб буго гьес.
Умумузул ракьалъ ахIун вукIун ватила гIашилтIисев Дагъистаналде. Гьелъие нугI-
лъи гьабула гьес кьолол цIар босиялъги, мугIрузул ракьалъул тарихгун гIадат-гIамал лъазабизе букIараб гъираялъги. Насрани динги гьесда босизабуна лъимерлъудаго, амма гьеб хIужаялъ гьесие кумек гьабуна, Россиялъул империялда хъулухъ тIубалаго, рагъулаб карьера гьабиялъе. Нижеда ракIалдеккола, дин хиси тIаса-масагояб иш букIанилан абун. ХIасан-ХIажияс Маллачи-хан абураб фамилия босаниги, официалиял документазда гьев рехсолев вуго Парамонов абун.
Цо-цо баяназда рекъон, ХIасан-ХIажияв хвана 1891 соналда ва вукъун вуго Темир-Хан-Шураялда.

ГIайшат

1839 соналда АхIулгохIда йикIана ГIайшатги, гьелъул кIиго яцги, эбелгун эменги. КIудияй яц, асирлъуде ккунгутIизе абун, кьурса гIодое кIанцIана ва хвана. ГIайшатги, лъукъарай эбелги, цо чанго чIужугIаданги ккана Темир-Хан-Шураялде. ГIайшат хьихьизе ячана граф Евдокимовасул лъимал гьечIей чIужуялъ. Хадубккун гьелъ бицунаан, эбелалдаса ятIалъизе бокьичIого, ГIайшат чIичIиданин, хачадулей йикIанин ва гьединлъидал жиндиего хъулухъалъе гьелъул эбелги ячине кканилан абун.
КватIичIого, рагъулъ щварал ругъназдасаги сахлъичIого, хвана ГIайшатил эбел. Яс юссинаюна насрани диналде ва гьелъие кьуна Александра абураб цIар. ЛъикIаб тарбиягун лъай щварай гьелъул яхъана Темир-Хан-Шураялдаго машгьурай юкъарухъан. 1850 соналда гьей росасе кьуна унтер-офицер Ф. Волковасе. ГIайшат-Александра хвана 1871 соналда.
ХIажимурад Доногъо