Балъхъадерил хъаладухъ ккараб балагь

1920-1921 соназда советияб хIукуматалде данде рахъиналъул тарихалдаса

 

1920-1921 соназда советазде данде гьабураб восстание къинабиялъул мурадалда гьарурал аслиял гьужумазулъ гIахьаллъулеб аслияб къуватлъун букIана ХI армиялъул 32-абилеб кьвагьдохъабазул дивизия. Гьеб Бакуялдаса Дагъистаналде рехана 1920 соналъул лъабабилеб ноябралда. Дивизиялъе нухмалъи гьабулеб букIана Александр Тодорскияс. «Дивизиялда гъорлъе унаан рекIаразулгун мугIрузул батареягун цадахъ рекIаразул бригадаги, 282-абилеб ва 285-абилеб кьвагьдохъабазул полкалги. Гьеб къуват бачIинахъего битIана магIарухъе, ХIоцоса Нажмудинил аскаралде данде къеркьезе». Дивизиялъул авлахъалъулаб штабалъул разведкаялъул баяназда рекъон, дандечIаразул гьеб заманалда букIана 10 азаргогIанасеб хечгун хвалченги, чамали мухIканлъичIеб къадаралда пулеметалги, ункъо гIарадаги. Нажмудинил аскаралъухъ букIана Темир-Хан-Шура районалда Генуб росу. ГьаракIуниб букIана анлънусгониги хечги 100 хвалченги, кIи-кIи гIарадаги пулеметги. ЧIалда-Могьохъ-ХIоцо мухъалда букIана 500 штыкги, 200 хвалченги, кIиго пулеметги бугеб къокъа, БуцIра-Шагьада — нусгогIанасеб хеч. МагIарухъа КIахетиялде унеб нухккун хIалтIулеб букIана полковник ГIумар Пираловасул нухмалъиялда гъоркь 400 хечги 300 хвалченги бугеб къокъа. Лъахъ-Гьонохъ мухъалда — Кучраса Ибрагьим-ХIажил нухмалъиялда гъоркь 200 хечгун хвалчен. ХIоцоса Нажмудиницаги Хъайтмаз ГIалихановасги ккун рукIана ГIободаги ТIанусиги росаби — гьезухъ букIана 1000 хечги кIиго пулеметги ва цо гIарадаги.

Дагъистаналда советазде дандечIаралгун къеркьеялъе кумекалъе ичIабилеб ноябралда Чачаналда, Грозныялдаса Ведено хъаладухъе ва хадубккун Болъихъе гьужум гьабиялъул мурадалда, битIана Кавказалъул захIматалъул армиялъул бутIалъун кколеб Революциялъулаб гIадлуялъул рахъалъ мисалияб тIоцебесеб кьвагьдохъабазул полк. Веденоялда цо чанго къоги бан, гьенив нусгогIанасев багIарармиялъулавги тун — цоял унтун, цоял хIатIида гIицIго рукIиналъ — полк бахъана Болъихъехун ва 16 ноябралда, кинабгIаги дандечIейги батичIого, гьенибе жанибе лъугьана. КIиго къоялдасан полкалъул комиссар Аузенил нухмалъиялда гъоркь кIиго ротаги пулеметалъулаб командаялъул цо бутIаги ана Муни росулъе — муридзабазухъа кIиго гIарада бахъиялъул мурадалда. Къокъабго кьвагьдеялдаса хадуб Муни росу ккуна гьез, амма муридзаби цадахъ гIарадабигун нахъе къана Гъоркьколо росулъехун. БагIарармиялъулазул хьвада-чIвади букIана бергьенлъи босарал аскариязда релълъараб: гьез гъоркьлъалие росана гIадамал, гIемерисел магIарулазухъа бахъана ярагъ, Муни росдал жамагIаталда тIадаблъун гьабуна кванил нигIматаздалъунги чуязе хералдалъунги аскариял хьезари. «Мисалияб» полкалъул рагъухъабаз, жидее бокьа-бокьараб гьабизе ихтияр щванилан абун, зулму гьабун рахъулел рукIана гIадамазухъа кванил нигIматалги рукIа-рахъиналъул алаталги, гьединлъидал халкъалъулги гьездехун бижана рокьукъаб асар. Гьайгьай, идеологияб кьучIалда, багIарармиялъулазул гьединаб хасият букIин дол соназда кибниги загьир гьабулароан, амма архивазул хIужабаздаса баянлъулеб буго большевиказул хIукуматалъе гIоло къеркьолезул лъикIаб гьечIеб хасият букIинги. Масала, Дагъистан областалъул бюроялъул вакилас 1920 соналъул сентябралда Кавказалъул бюроялде битIараб докладалда бицунеб буго «лъабго шагьаралда гIуцIарал хасаб мухъалъул къокъабаздаги хъинтIараб гIаммаб гIадлу гьечIолъиялъулги букIине кколеб низамалъул бицун гьезие дарсал кьунгутIиялъулги» хIакъалъулъ. 1920 соналъул 16 сентябралда Дагъистаналда вукIарав рагъулаб комиссиялъул председателас ХI армиялъул штабалъул начальникасухъе хъвараб № 64 рапорталдаса баянлъулеб буго, «Дагъистаналъул цолъизабураб бригадаялъул халгьабураб мехалда, загьирлъана гьелъул рагъухъаби лъутиялъул гIемерал хIужаби: тIоцебесеб кьвагьдохъабазул полкалдаса лъутун вуго 144 чи (14 процент) ва кIиабилелдаса — 336 чи (60 процент)». Гьединал мисалал гIемер руго, ва Муни росулъ рукIарал «мисалиял» багIарармиялъулалги ккола гьединаздаса цоял. «Гьелдаса хадуб 250 штыкги лъабго пулеметги бугеб къокъа лъугьана Гъоркьколо росулъе, гьеб кIиго гIарада бахъиялъул мурадалда. Гьеб къокъаялъ, тушманги виххизавун, босана Гъоркьколо росу ва байбихьана, гIарадаби ратиялъул мурадалда гьеб хъирщизе. Къокъаялъ букIине кколеб куцалда хъаравулзаби тун рукIинчIо, гьединлъидал, лъазего лъачIого, тушман ккана гьезда нахъехун (тылалда) ва, Муни росдал гIадамазул кумекалдалъун, Болъихъе тIадруссине нух къана гьелъие. Къокъаялъухъа бажаричIо гьениса рорчIизе ва тIубанго щущахъ биххизабуна гьеб. Болъихъа кумекалъе битIараб ротаги тIадбуссана, икъбал ккечIого». Къокъа хвеялъ квешаб асар гьабуна Болъихъ хутIараб полкалъул бутIаялъе. Гьелъул чаракъосиналдаса пайдаги босун, муридзаби гьужумалъе рахъана ва къаси сверун ккуна хъала. Хадубккун чIаго хутIарал багIарармиялъулаз бицунеб букIана, муридзаби рукIанила гIезегIанго гIадлу-низам цIунараб ва пулеметалгун гIарадаби кодосеб регулярияб аскаралда релълъун. КIанцIизе бакI гьечIеблъи бичIчIарал хъаладухъ рукIарал солдатаз хIаракат гьабулеб букIана жалго хвасарлъизе. Полкалъул командирзабазухъа бажарана бакIалъул гIадамазул цо чангояв муридзабазул штабалде ритIизе ва гьезда лъазабуна, гарнизоналъ дандечIей гьабизе гьечIин ва, казеннияб къайиги жибго тун, жалго хIадур ругин, кодоб ярагъгун, Дагъистан тун нахъе инеян. МагIарулазул нухмалъиялда вукIарав полковник МухIамад ЖахIпаровас гьеб гьари къабул гьабичIо. Гьес абуна, багIарармиялъулаз ярагъ тезе ккелин ва хъаравулзабаз сверунги ккун, гьел чIаго-гIатIго ритIизе ругин рагъ бугеб бакIалдаса нахъе. Гьезул гIумруялъе кинабгIаги хIинкъиги букIине гьечIин. Гьединаб жавабгун делегатал тIадруссана хъаладухъе. Къаси хъаладухъ букIана командиразул данделъи. Бицана бугеб хIалалъул хIакъалъулъ. Хадусеб къоялъ радал полкалъул командирасул кумекчи Ленорскийги цоги командирги ана магIарулазухъе ва М. Жапаровасда абуна, жал рази ругин хъала кьезе ва, полковник Жамалудин Шамилевасул нухмалъиялда гъоркь вукIарав 10 магIарулавгун цадахъ тIадруссана хъаладухъе. Гьел вакилзабазул гIахьаллъигун полк бакIарана ва гьелъул аскариязда лъазабуна, ярагъ кьуни, чIаго Россиялде тIадруссине рес кьелин абун. РукIана гьелда дандечIарал цо-цоялги, амма полкалъул командир Фурманица гьабураб кIалъаялдаса хадуб гьеб хIукмуялда тIадрекъана киналго. Гьеб заманалде хъаладухъе рачIана полковник М.Жапаровги, шайх Сиражудин-ХIажиги, Дарбиш МухIаммад ХIажиги ва магIарулазул аслияб къуватги. «БагIарармиялъулал ракIарана цо рокъор ва тушманасул вакилзабаз гьел цIунулел рукIана жанире кIанцIун рачIунел тушбабазул цогидал солдатаздаса, амма хадубккун хъала цIезабуна тушманасул къуваталъ. Гьезда цадахъ рачIарал повстанцал минаялда жанире рорчIана ва, хъаравулзабиги нахъегIан къазарун, багIарармиялъулаздаса ретIел цIацIазе, гьезде кьвагьдезе, гьел чIвазе байбихьана. БагIарармиялъулазул цо-цоязухъа бажарана, битIахъего толохIочон, гьеб кьалдаса лъутун рорчIизе». Хъаладухъ рукIараздехун букIана цIакъ кIудияб рокьукълъиги ццинги, гьединлъидал цо-цо магIарулазул ахIуца гьалаглъизарурал гIадамал чIезарун бажарулеб къуватго букIинчIо. Доб заманалъул чиясул баяназда рекъон, «хъачагъазул аслияб бутIаялъ багIарармиялъулал хъамал гьарулел ва чIвалел рукIана, жидер нухмалъулезул ахIул санги гьабичIого». Болъихъ вукIана 600-700-гIанасев багIарармиялъулав, гьезухъ букIана ичIго пулеметги, щивав рагъухъанасухъ кодоб – 50-60 патронги, полкалъул нахърателалда – 11000 гуллаги пулеметалъул патирабазул 50 чалуги. Гьеб кинабго щвана повстанцазул къокъабазухъе. Балъхъадерил хъаладухъ ккарал пашманал лъугьа-бахъиназул хIисаб гьабулаго, абизе ккола, гьезул хIакъалъулъ советиял гIалимзабаз бицунеб букIана, гьеб иш «понцIозабун», ай кIодо гьабун. Масала, МухIамад КIичевас гьадин хъвалеб буго «бахIарчияб» полк хвеялъул хIакъалъулъ: «1920 соналъул 16 ноябралда Революциялъулаб гIадлуялъул рахъалъ мисалияб кьвагьдохъабазул полкалъ, рагъго гьабичIого, босана Болъихъ росу. 18 ноябралда Революциялъулаб полкалъул бахIарчияб гьужумалъул хIасилалда босана Муни росу ва, нахъекъалев тушманасда хадубги лъугьун, эркен гьабуна Гъоркьколо росу. Амма Муни-Гъоркьколо ракIарарал хъачагъазул кIудияб аскаралъухъа сверун ккун бажарана Революцияб полк. Гьеб, къуват бащалъулареб рагъулъ къокъаялъул цо бутIа гъурана, ва чIаго хутIарал рагъухъабаз нух бахъана Болъихъехун. Кьалул майданалда бахIарчияб хвел босана полкалъул комиссар Аузеница», — ян. Архивалъул гIемерал тIанчал гелун ратила гьеб макъалаялъул авторас, темаялда тIад хIалтIулаго, амма лъугьа-бахъиналъул хIужаби гьес кьолел руго, доб заманалда киса-кибго тIибитIун букIараб идеологиялъул мурадалги цIунун. Кавказалъул ЗахIматалъул армиялъул политотделалъул отчеталдасаги аскаралъул Дагъистаналъул группаялъул командующий А. Тодорскиясул ракIалдещвеяздасаги лъала Муни росу босарал багIарармиялъулазул хъамалчилъиялъги нахъегIанаб гIамалалъги бакIалъул халкъалъулъ жидедехун рокьукълъи бижизабураблъи. Цересел «цIех-рехазулъ» гIадатлъун лъугьун букIана комиссаразулги багIарармиялъулазулги «бахIарчияб хвел» бихьизаби. Гьезде дандечIарал ва цIияб хIукумат къабул гьабичIел рихьизарулел руго «гIалхулал жанаваразда релълъарал хъачагъаллъун». Гьединал «мухIканал» баянал кьолел цIехрехчагIаз тарихиял хIужаби баян гьарулаан жидеего рекъонкколеб хIалалда ва хIаракатги гьабулаан гIелмуялда церехъабилъун рихьизаризе. Хунзахъа хъаладул комендантлъун вукIарав Григорий Руденскиясул пикруялда, «полкалъул нухмалъулезул гъалатIлъун букIана, Болъихъ росу ккун хадуб, жалго рещтIараб бакI щула гьабиялде кIваркьунгутIи, Муни, Гъоркьколо ва цогидал росабалъе разведкаги битIун, жидерго къуват лъедерлъизаби»-ян. Гьединлъидал, ай чIванкъотIарал ва щвалде щварал тадбирал гьарунгутIиялъул, полкалда низам гьечIолъиялъул, бакIалъул халкъалъул рукIа-рахъин лъангутIиялъул хIасиллъун ккола тIолабго полк гъури. Гьеб лъугьабахъиналъ лъикIаб гьечIеб хIал лъугьинабуна БагIараб Армиялъул бутIабаз Дагъистаналда тIоритIулел рукIарал гIаммал операциязул хIасилалъеги. Гъунибги Хунзахъги цIидасан ккана Нажмудинил аскаралъул кверщаликье.