Балъго ислам цIунарал

Балъго ислам цIунарал

 

Доб мехалда дун вукIана гьитIинав чи, дида бичIчIулароан нижер хъизамалда жаниб лъугьунеб букIараб жо, амма зама-заманалда бихьулеб букIана, щибаб нухалда дун школалдаса тIадвуссараб мехалда, эмен рахIатхун лъугьунев ва гьурмалъ хисулев вукIараб куц. Кидаго, дица гьесие дарс бицунеб ва Инжилалдаса лъазабураб жо цIалараб мехалда, испан мацIалдасан щварал лъикIал къиматал рихьизарулаго, гьев пашманлъун лъугьунаан ва нижее аскIорегIанцин къазе гьукъун букIараб жиндирго рокъове жаниве унаан. Дида лъалароан щиб гьес гьениб гьабулеб букIарабали, амма гIемерал сагIтаздаса хадув къватIиве вачIунаан багIарлъарал бералгун, живго хутIараб хIалалда халатккун ва ракIунтун гIодулев вукIарав гIадин. Гьев гIемер валагьулаан дихъ пашманго ва ургъун, ва цо жо абизе бокьарав гIадин, амма, дун гьесда цеве кIвар­кьун вахъунчIун вукIаралъухъ балагьичIого, гьесдаса цо жо рагIизе бокьун гьев кьурун вуссунаан ва нахъе унаан. Дир эбелги, дун школалде тIовитIулаго, гIодулаан ва къочун, гIемераб мехалда дун виччалароан, ва тIубараб къоялъ дир кIаркьада букIунаан гьелъул магIил бухIиялъул асар.
Дун рокъове вуссараб мехалъин абуни, гьелъ дида дандчIвай гьабулаан, дун цо чанго сагIаталъ гурев, чанго соналъ рокъов вукIинчIев гIадин. Гьел гIемер кIалъалаан цоцазда дие чияраб мацIалда ва, дун аскIовегIан вачIаравго, гаргар гьоркьоб къотIизе толаан. Дида бичIчIуларого букIана гьезул хьвада-чIвади, гьелде тIадеги гIазабалда жанив вукIана, ургъалида вукIана дун гьезул вас ватиларин, гьезул гьоркьоблъи бичIчIулеб букIинчIо ва, кIудияб рокъоб жаниб цо бокIонги батун, къваридго гIодулаан.
Гьеб киналъго жиндирго асар гьабуна, ва дун цогидал дирго кьерилал гIадин васандулароан, велъанхъулароан, ургъел гьечIого, аваданго дирго заман тIобитIулароан. Дун дунго гIодов чIолаан ва пикрабалъе восулаан, дирго масъалаб тIуразе нухал ратизе хIаракат гьабулаго, монахазул цояс къвал ккун, цIан, как базе ахIизегIан.
АнцIго сон дица бараб мехалда, нижер хъизамалда лъугьана рохалилаб лъугьа-бахъин, гьавуна дир гьитIинав вац. Амма дида бихьичIо дир инсул гьурмада рохел, гьев хIатта гьимизецин гьимичIо. Пашманго ана гьев килисаялде ва кашиш ахIана лъимер хъанчизе (крестить). Гьурмада кIудияб пашманлъиялъул ва къварилъиялъул лъалкIгун нахъвуссун вачIана гьев кашишгун цадахъ рокъове. Гьеб кинабго жоялъ ургъалилъе тIамуна дун ва цIикIкIинабуна дир унти.
Щвана Пасхаялъул сордо. Гранада букIана канлъул ралъдалъ тIерхьун, Ал-Гамбара букIана киналго кьеразулъ кенчIелеб. Гьелъул хъубабазда тIад гвангъун рукIана хъанчал. ГIадамал релъанхъилел, аваданго рукIана. Гьеб сордоялъ инсуца ахIана дун жиндирго рокъове жаниве. Дир ракI хIалуцине лъугьана щиб букIаниги гIажаибаб жо бихьиялъухъ балагьун, ва дун сородулев вукIана щиб букIаниги хIинкъараб жо бихьилилан. Гьес дун рокъове жаниве вачана ва лахIчIегIераб бецIлъиялда жаниб чирахъ бакине байбихьана. Инсуца гьитIинаб чирахъ бакараб мехалда, дун сверухъ валагьана ва бихьана халичаги, хъарщазда тIахьалги, къадалда далараб хвалченги тун, рокъоб жаниб тIокIаб щибниги жо гьечIеблъи. Гьес дун жиндаго аскIов халичаялда тIад гIодов чIезавуна ва халатбахъун дихъ валагьун вукIана, кIалъазе таваккал гIоларого. Цинги босана кодобе дир квер ва сасараб гьаркьица абуна:
– Дир вас, дур гьанже буго анцIго сон. Мун гьанже бихьинчилъун лъугьана, ва дие бокьун буго дуе цо балъголъи рагьизе, дица дудаса гIемераб заманалъ бахчун букIараб. КIвелищ дуда гьеб цIунизе, хIатта эбелалдасагицин? Дудаса борчIараб цо рагIуца дун вачине бегьула инквизициялъул махIкамаялде гъоркье.
Дида «инквизиция» абураб рагIи рагIараб мехалда, ракI гъанцIиялъ дун тIуркIизавуна. Расал хичун чIана, щайгурелъул дие гьеб рагIудаса хIинкъи бугеб жо щибниги букIинчIелъул. Дида щибаб къойил бихьулеб букIиндал инквизициялъ гIадамазе рухIизе хIукму къотIулеб букIараб куц. Ва дун гIенеккун чIана.
— Дуе щиб, щай дуца жаваб кьолареб, дуда кIвелищ цIунизе дица дуда абизе бугеб жо?
— У, кIвела, эмен!
— Дуца лъиданиги бицинаребищ гьеб, хIатта эбелалдагицин?
— ГьечIо, бицинаро.
— ГIодов чIа аскIовегIан, дун хIинкъун вуго, къадазулги рукIине бегьула гIундул.
Гьес хъорщодаса босана цо тIехь ва абуна.
— Дуда лъалищ гьеб щиб тIехьали?
— Гьаб буго хирияб калам.
— Инжилищ?
— Гуро, гьеб буго Къуръан, Аллагьас жиндирго авараг МухIамадихъе битIараб.
Виххун хутIиялъ дида щибго жо абизе кIвечIо.
— Гьаб буго исламалъул тIехь. Ислам жиб МухIамад-аварагасе киналго гIадамазухъе босун бачIараб. Гьев вижана гьаниса цIакъ рикIкIад, ралъадазда нахъа, салул авлахъалда, цIакъ жагьилал гIадамазда гьоркьов. Ва бецIлъиялдаса канлъуде, жагьиллъиялдаса гIелмуялде, саяхълъиялдаса ахлакъалде рачана гьес гьел. Ва гьез гьеб канлъи тIибитIизабуна тIолабго дунялалда, ва нилъер улка Андалусиялде щвана. ГIуцIана кIудияб маданиятги ва идара гьабуна 800 соналъ. Дунялалда бищунго цебетIураб улкалъун гьабуна гьаб улка. У, вас, нилъ ккола гIарабал, бусурбаби.
— Щиб?!! Нилъ бусурбаби?!
— У! Гьеле гьеб буго доб, дица дуе рагьизе кколеб букIараб балъголъи. У, нилъ руго бусурбаби. Нилъ руго гьаб улкаялъул бетIергьаби. Нилъеца рана гьал гьундулги, гьабсагIаталъ жидеда жаниб тушбабаз гIумру гьабулел ругел. Нилъеца рорхана гьал минараби, жидедесан как ахIулел рукIарал, гьанжейин абуни кIудиял цIурмал кьабулел ругел. Нилъеца рана гьал мажгитал, жидеда жаниб чIурканаб кьер гьабун цо имамасда хадув чIун, цого заманалда 80000 чияс как балеб букIарал. Гьанже гьел ккола килисаби ва монастырал. Гьаниб щибаб бакIалда буго нилъер умумуз тараб лъалкI, щибаб ганчIида гъоркь турулел руго дур кIудадаязул рукьби. Нилъеца бачIана гьаб культура, рана шагьарал, лъуна нухалги кьоялги, гIезаруна гьал ахал.
Амма кIикъого соналъ цебе, рагIулищ дуда, кIикъого соналъ цебе шагьаралъул ахирав бетIер МухIамад Абу ГIабдуллагьица Ал-Гамбра гьундузул кIулал кьуна испаниязухъе ва, абадиялъ шагьарги рехун тун, Мароккоялде ана, гьенив ялгъузго хвезе гIоло. Къиралай Изабеллаялъги къирал Фердинандицаги рагIи кьун букIана нилъер диналъул эркенлъиги ритIухълъиги цIунизе, ва гIемерисел хутIана гьанир. Амма бащ­даб чIинкIиллъиялъул тIубанго кверщел кодоб бугел бетIергьабилъун рахъараб мехалда, гьез хвезабуна жидецаго кьураб рагIи. Чанго соналдасан аслияб майданалда рухIана киналго диниял ва гIараб тIахьал. Гьукъана исламалъул кинаб букIаниги загьирлъи, гьукъана мацI ва лъималазда жидерго гIадатал малъизе. Инквизициялъул мукъадасаб махIкамаялъ дин батIиявщинав чиясе чIвазе къотIула. КIикъого соналъ, дир вас, гьаб гIазабалда жанир руго нилъ, Аллагьасул рахIматалъухъ балагьун руго ва хьул къотIун гьечIо. Гьеле гьеб балъголъи буго дица дудаса бахчун бугеб. Дун хвалдаса хIинкъуларо, амма дун хIинкъун вуго хвезе, дуда нилъер мацI, нилъер дин малъичIого. Гьанжейин абуни кьижизе а, ва кIочон тоге дуца дие кьураб рагIи.
Гьелдаса нахъе щибаб нухалда Ал-Гамб­раги, минарабиги, рукъзалги, гьундулги рихьараб мехалда, дун пашманлъулаан, дир ракI гьаб шагьар бараздехун рокьуца цIолаан, ва тушманлъи букIана гьеб хвезабулел ругездехун. Дун тира-сверулаан къватIазда ва гаргадулаан шагьаргун: «Ва, Ал-Гамбра! Ва, хирияб гьин. КIочон таралищ дуда мун барал, бидуцаги гIетIуцаги мун лъалъарал, дуца киналго хIайран гьаризе гIоло бугебщинаб жо къурбан гьабурал? РакIалда ругищ дуда дур ритIухъал гIамирал, дуе машгьурлъиги реццги босун рачIарал? Ругьунлъанищ мун как ахIиялдаса хадуб кIудиял цIурмазде, имамзабазда хадуб монахазде, канлъудаса хадуб бецIлъиялде?!» – ян.
Дица лъазабулеб букIана гIараб мацI. Дица латин хIарпаз хъвалаан, инсуцайин абуни аскIор гIараб хIарпал хъвалаан. Гьес дун ругьун гьавулев вукIана гьаркьал рахъизе ва хъвадаризе, как базе ва дугIаби гьаризе, нижеца доб хасаб рокъоб тIуралел рукIарал къасиги къадги дир чорхолъа унеб букIинчIо хIинкъи. Дида балъголъи цIунун бажариларилан абураб. Инсуцайин абуни, дир хIалбихьизе гIоло, дихъе йитIулаан эбел, ва гьелъ цIехолаан сундуе дун инсуца ругьун гьавулев вугевали, амма дица кIал рагьулароан ва сундасаги инкар гьабулаан ва абулаан гьес дида щибго малъулеб гьечIилан.
Ана чанго сон. Дица лъазаруна гIараб мацI ва диналъул аслаби. Инсуца дир лъай-хъвай гьабуна балъго исламалда хадур рилълъарал цогидал бусурбабигун. Дун ана Севилья, Кордова шагьаразде, ва кирго рукIана балъгоял бусурбаби. ХIатта Толедоялдацин, жеги 500 соналъ цебе испаниязул кодобе аралъухъ балагьичIого, дида ратана балъго исламалда хадур рилълъарал гIадамал.
Инквизициялъ кутаклъизабуна жиндирго хIаракат. Киналго цIияб насран дин босарал насраниязул божилъиялде халгьа­булеб букIана ва, щибниги щакаб жо батани, рухIизе бегьулаан ялъуни цогидаб тамихI къотIулаан гьезие. Цо нухалда 90 сон барай кIодохъ (Изабелла Сюзан) батун буго Къуръан, ва жинда цIализе лъаларилан гьелъ абуниги, рекIинаюн хIамидаги, ша­гьар сверизабун буго гьелда. Цо мориск (Испаниялда ва Португалиялда – официалияб къагIидаялда насран къабул гьабурал Ал-Андалусиялъул бусурбаби ва гьезул наслаби – А.М.) гIазаб кьун, хвезавун вуго гьесул «тIокIаб» ва щакаб рацIцIалъиялъе гIоло.
Цо нухалда инсуца ахIана дун ва абуна: «Дида бичIчIулеб буго гор дандекъалеб букIин. Дун хIинкъуларо ва бокьун буго Алжаналде ккезе. Дица гьабизе кIолебщинаб жо гьабуна, малъана дуда ислам. Амма, щиб кканиги, дуца гьав чиясухъ гIинтIаме», – ян ва вихьизавуна жиндирго гьудул.
Ана чанго анкь. Цо сордоялъ инсул гьудулас ахIана дун ва буюрана ретIел ретIине ва жинда хадув ине.
– Кире нилъ инел ругел?
– Инсуца дуда абунагури дихъ гIенеккейи­лан, гьединлъидал щибго гьикъуге ва дида хадув вилълъа.
Шагьар тун къватIирехун ниж рахъараб мехалда, гьев чIана ва абуна: «Дур хъизамалъе инквизиторазул квераздасан Алжаналде ине хъван буго. Нилъин абуни инел руго Мароккоялде – бусурбабазул улкаялде. Бисмиллагь», – ан.
Буссинабуна АхIмад МуртазагIалиевас.