Шамил имамасул кагътал

Шамил имамас Генуса Ибрагьимихъе хъвараб кагъат

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац наиб Ибрагьимихъе. Ассаламу гIалайкум.

Цинги, Дихъе щвана хабар Игьалиб цо къабихIаб иш ккун бугин, мугьажирзабазда зулму гьабулеб бугин ва гьединго имамасде бугьтанал гIунтIизарулел ругин абун. Дица дуда амру гьабулеб буго, авалалдаса бахъараб ахиралде щвезегIан, мухIканго гьеб ишалъул хIакъикъаталда тIасан цIех-рех гьабеян. Гьединго гьеб иш жиндихъа ккарав чиясе дуца шаригIаталда рекъараб тамихIги гьабе. Гьеб тамихIги, щибгIаги тасамахIлъиги гьабичIого, Аллагьасул тIехьалъ бицухъе, гьелъ амру гьабураб къагIидаялъ гьабе, хадубккунги гьединаб иш гьабизе гIадамал лъугьинчIого рукIине. Нилъеца гьединал лъугьа-бахъинал мугьмалго, кIвар гьечIого тани, гIадамазда гьоркьоб питнабиги балагьалги гIемерлъизе руго. Гьалдалъун тана.

Вассалам. Хамиз къо, 1269 соналъул жумадул ахир / 1853 соналъул 3 январь.

 

Шамил имамас Унсоколоса ХIажи-ТIагьирихъе хъвараб кагъат

 

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац ХIажиТIагьирихъе. Ассаламу гIалайкум.

Цинги. Дуда лъай, капурзабазухъа бахъараб давлаялъул хумус буссунеб бакI хасаб букIин. Гьелъул щибаб бутIа буссинабизе кколеб бакIги буго, нилъер гьелда кинабгIаги къагIидаялъ квер хъвазе ихтиярги гьечIо. Гьединлъидал дица дуда амру гьабулеб буго, мун гьеб ишалда гъорлъе лъугьунгеян, дуца гьебги тIубанго нилъер вац назир (тIалаб гьабулев чи) Малахъе кьеян абун. Гьес гьеб кколеб бакIалде буссинабизе буго.

Гьалдалъун тана. Вассалам. Хамиз къо, 1269 соналъул жумадул ахир моцI / 1853 соналъул март моцI.

Гьединго гьаб амру нижеца киналниги наибзабазухъеги гьел гурезухъеги хумусалъул бащалъи жидее таразде щвезе гьабун буго. Гьаб киназего гIаммаб, Дагъистаналъул ракьалда билълъанхъараб къанунги буго.

 

 

Шамил имамас МелъелтIаса МухIамадгIалихъе хъвараб кагъат

 

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац наиб МухIамадгIалихъе. Ассаламу гIалайкум.

Цинги. Дуда лъала нилъер вац ЧIиркъатIаса ХIадис дирги гьединго дурги гьобол вукIин. ТIадежоялъе гьесул рукъ киналго тIаде рачIунел гьалбадериеги зияраталъ хьвадулел чагIазеги рещтIунеб бакIлъун буго. Гьединлъидал гьесул буголъиги гьезиеги гIахьалаб бугеб хIисаб буго. Гьесул буго кIинусгогIанасеб гIи. Дица дуда амру гьабулеб буго гьесул гIи нужер магIарда ругел мугьажирзабазул гIияда гъорлъе биччаян абун. Дуца гьел гьенир парахат гьаре, тIад щибго каламги гьабичIого.

 Гьалдалъун тана. Вассалам. ГьатIан къо, 1269 соналъул 19 рузман / 1853 соналъул 25 июнь.

 

Шамил имамас шайих ХIажи Ибрагьим-бегихъе хъвараб кагъат

Аллагьасе рецц буго Жинца батIи-батIиял бакIазда чIарал ва батIи-батIиял бокIназда ругел лагъзадерие ризкъи бикьулев ва гьединго Жиндирго азалияб гIелмуялда хъвараб къадру-хIукму гьезулъ билълъанхъизеги гьабулев, щибгIаги тархъи ва хиси гьечIого. Аллагьасул свалатги Гьесул саламги лъеги гьижраялъул ва апараглъиялъул кьогIлъи чIамурав хирияв Аварагасда, гьединго гьесул агьлуялдаги асхIабзабаздаги лъеги, Аварагасде бугеб гIагарлъиялъул, гьесдасан жидее бугеб рекIел чучиялъул лазат бихьарал.

Хадуб, камилал саламазул тIурарал жавгьарал, гьединго гIорхъи гьечIеб дугIаялъул маргъалал руго нижер рахъалдасан ракIбацIцIадав нижер вац ва гьудул, камилаб гIелмуялъул бетIергьан, лъикIал гIамалал кодосев, камилал адабазул къутIбу, кIиябго рукъалъул (лъикIлъабазда) кверщел батарав, гьесул гьезул тIокIлъиги жиндие кьурав, Аллагьасе гIоло Гьев тун батIиябщинабги рехун тарав ва Аварагасе гIоло гьижраги гьабурав, Аллагьас жиндир икъбал даим гьабеяв шайих ХIажи Ибрагьим-бегасде.

Цинги. Камилаб жигаралдалъун ва бацIцIадаб нияталдалъун дица лъикIал гIамалал гьаризелъун, тIадегIанаб давлаталъул рахъалдасан дуца гьабураб хIалтIи дие мухIканлъидал, дун дудаса разилъана, Аллагьги дудаса разилъаги. Дуде бугеб рокьи-гIишкъуялъул асирлъуда вукIана дун. Амма нилъ дандчIвазе ккарал квалквалазул гьурал тIатIалаго пуна ва дандчIвазе бугеб гIишкъуялъул булбулаз гъотIода бакънал рачана. Кинниги гьал соназ дандчIвазе нилъее рес ккечIелъул, нилъер гьурмалги цоцазда рихьун, нилъер хIалхьезе санагIатги рекъечIелъул, гьелъул бакIалда дир хIукму ккана кинабго кагътиде босизе. Щайгурелъул цоцахъе кагътал хъвай дандчIваялъул бащалъи кколелъул.

ХIакълъунго шагIирас цIакъ берцинго абун буго:

РакIазда гьоркьоб бугеб

 Рокьуе гIорхъи гьечIо,

 КIудиял манзилаца

Гьел ратIа гьаруниги.

Гьединго гьал рагIабазул берцинлъи бихьуларищ?

 Дур ургъалил гарацI дир рекIелъ буго,

 Дудасан пайиз щвей – дир анищ буго…

Хадубги, Аллагьасул цIаралдалъун дица дуда гьарула къабулал гIужазулъ дурго дугIаялъул бутIа дие камизе тогеян, хасго паризияб какда хадуб. Жеги дуца дир салам щвезе гьабе тIарикъаталъул тIадегIанал хулапаазде (къаддасаллагьу асрарагьум). Гьединго дица гьездаги дудеги васиятги гьабула, Аллагьасул тушбабазда тIад бергьенлъи босизе нижее квербакъи гьабейин, ай бергьенлъи кьейин абун ва дие битIараб нухде тIоритIиги, лъикIаб ахирги (хIуснул хатимат) насиб гьабеян абун дугIа гьабеян. Гьединаб дугIа гьаби ккола лъикIал чагIазул тIабигIат. Дуца дихъе ритIарал кагътазул амруйин абуни, гьаб кагъат босун вачIарас дуда бицине буго гьелъул хIакъикъат.

(Аллагьас) нужее тавпикъ кьеги, нуж битIараб нухда чIезе гьареги, нужее сабру кьеги, нужер чамасдакул гъотIода пихъ базе гьабеги, Аллагьас нужер гIамалалги гIадада холеллъун гьаругеги.

Вассаламу гIалайкум. 1270 соналъул мухIаррам моцIалъул авал /1853 сонлъул 10 январь. Дагъистаналъул имам шайих Шамил. Мугьру

 

Шамил имамас ТIелекьа ГъазимухIамадихъе хъвараб кагъат

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац ТIелекьа ГъазимухIамадихъе. Ассаламу гIалайкум!

Цинги. ГьанжелъизегIан нилъеца Рочиб росдал агьлуялъухъа магъало босулеб букIинчIо, нилъ гьелде хIажатал гьечIого рукIиналъ ва гьел нилъер гIорхъабазда чIарал чагIи рукIиналъ. Амма гьанже гьелде хIажалъиги цIикIкIиндал, гьарулел харжалги гIемерлъидал, тIаде бачIунеб хайирги дагьлъидал, нилъер иш гьеб бакIариялде ккана. Гьединлъидал дица дуда амру гьабулеб буго, дуца дозда магъало кьеян абеян. Гьебги гьаб кагътил бетIергьан Рис гIоралъул байтулмалалъул назирасухъе кьеян абе, нахъбахъичIого, букIине кколелдаса тIаде цIикIкIинеги гьабичIого, тIасаги бахъичIого.

Вассалам. Хамиз къо, 1270 соналъул 16 мухIаррам / 1853 соналъул 18 октябрь.