Шамил имамасул кагътал

Шамил имамас ЧIохъа ГIинкъав ХIажихъе хъвараб кагъат

 

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац ГIинкъав ХIажиясухъе. Ассаламу гIалайкум.

Цинги. Нагагь магьариялъул хIакъалда тIасан рос-лъадиялда гьоркьоб дагIба ккани, дица росасда амру гьабула, магьари лъолеб мехалда, къотIи гьабураб магьариялъул хIакъ, кигIан дагьабниги тIаса камизе течIого, лъадиялъухъе кьеян, хIатта къого туменалде бахунеб гьеб батаниги. Нагагь гьеб, дир хIукмуялда тIасан кIалъай гьабулев ялъуни гьелда разилъуларев чи ккани, вореха, дуца гьединав чиясухъ халгьабуге.

Вассалам. Шамат къо, 1269 соналъул 14 сапар / 1852 соналъул 26 ноябрь.

 

ГIусманиязул султIан ГIабдулмажидица Шамил имамасухъе хъвараб кагъат

 

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дирго вас ГъазимухIамадиде, ва дир гьитIинав вац наиб ГьитIинасухъе ва хасго гьезул муфтиятасде, къадизабазде ва киналго гIалимзабазде. Ассаламу гIалайкум.

Цинги. Нужеда лъай хIакълъунго имамас наибзаби вилаятазда тIад лъеялъул мурад букIин исламалъул гIаламатал загьир гьари ва мункарал, шаргIал нахъчIварал жал лъугIизе гьари. Гьединго аварагзабазул Сайидасул суннатал чIаго гьариги, лъикIаб, шаргIалъ гьабеян амру гьабурабщинаб жо билълъанхъизабиги букIин. Гьединго рузман жамагIаталде халкъ ахIиги гьел тIагIат-азкаразде машгъул гьариги букIин. Дихъе хабар щвана нужер рахъалда иш гьаб кинабго жоялъул гIаксалда ккун бугин абун ва нужеда гьоркьоб мункарал, гьукъарал, мехтел-хъалиян цIай гIадал пишаби тIоритIулел ругин, гIадамалги, зикруги тун, кечI-бакъаналде руссун ругин ва лъикIал ишалги квешазде руссинарун ругин. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, нужеца ракI-ракIалъго гьеб пиша теян, тIадехун рехсарал лъикIал гIамалал халкъалда гьоркьор рилълъанхъизареян ва нужеца нужерго агьлу пасалъиялъул карачелазда жаниса хвасар гьабеян, гьанжелъизегIан гьабулеб букIараб кинигин.

Дица нужехъе чапарзаби ритIана, гьаб кагъатги босун, гьеб иш нужеда бицине гIоло, ва гьединго ракIалда ругел жалги нужее баян гьаризе. Нужеда лъай, гьанжеялдаса хадубги дица нужехъе балъголъи тIатунги чапарзаби ритIизе рукIин, нужер ахIвал-хIал цIехеялъул мурадалда. Щаклъи гьечIого, гьаб ишалде мугъ кьурав, гьалдаса вуссарав, гьаб мугьмалго тарав чи хIалтIудаса вахъизе вуго. Гьелдаса хадуб нужеца гIицIго нужедаго чIвай гIайиб, цогиязда чIваге. Гьелдалъун тана.

Хадубги нужеда лъай, тIаде хьвадулел гьалбал ва зияраталъ рачIунел чагIи гIемерлъиялъ, дир кинабниги дунялалъулги диналъулги къагIида хун букIинги кидаго тIаса инго гьечIеб хIалкъай букIинги. Гьединлъидал дица нужеда амру гьабулеб буго, нужер вилаяталъул чагIи, шаматгун базар къояз хутIизегIан, дихъе ине гьукъеян абун. Дица нужееги гьукъулеб буго, итни ва талат къояз хутIизегIан, дихъе рачIинеги нужерго чапарзаби ритIизеги.

Гьединго нужеца гьаб иш, цо бакIалдеги ракIарун, роцIцIинабун баян гьабе, гьезул хадубккун гIиллахIужа гьечIого букIине. Нагагь гьел дол рехсарал гурел къояз рачIани яги нужго рачIани, ялъуни чапарзаби ритIани, дица нужги гьелги къабул гьаризе гьечIо, хIатта росулъе жанире лъугьинецин ихтияр кьезе гьечIо. Гьедин ккани, нужер диде бугеб бербалагьи квешлъизе гурин. Гьалдалъун тана.

Вассалам. Хамиз къо, 1269 соналъул 26 сапар / 1852 соналъул 8 декабрь.

 

Шамил имамас ИчичIалиса Къадихъе хъвараб кагъат

 

Муъминзабазул амир Шамилил рахъалдасан дир вац наиб Къадихъе. Ассаламу гIалайкум.

Цинги. ЛъарагIлъиялъул гIадамазухъа нилъехъе щварал аманатал нилъеца росизе гьечIо. Гьединго гьаб кагътил бетIергьан ГIабдуллагьихъа босараб жоги гьесухъе тIад буссинабизе ккола, щибго жо нахъе течIого.

 

 

Шамил имамас ГъазимухIамадихъе ва гьидерил наиб ХIотодаса ГьитIинасухъе хъвараб кагъат

 

Хирияв, Жинца гьаричIого, мустахIикълъичIониги (нигIматал) кьолев Аллагьасул цIаралдалъун байбихьула. Хириял амирзабазул бищун тIадегIанав, чIахIиязулги бищун кIудияв, хиралъиялъулги тIокIлъиялъулги бетIергьан, исламалъул гIорхъаби жинца цIунулев, Дагъистаналъул цогидал амиразда гьоркьов ТIадегIанав Аллагьасул хасаб кIвар жинде буссарав шайих Шамил-апандиясухъе.

Цинги. Нужеда лъазе гьабулеб буго гIурусазул пачаяс къасд гьабун букIин нижеда захIматал шартIал раччизаризе. Гьелдалъун гьезул къасдги буго дир бетIерлъи тIаса инабизе, гьелъул истикълалалъул (жибго жиндаго чIеялъул) кьучIги биххизабизе. Гьел шартIал къабул гьаризе ва тIаде росизе ресги гьечIо. Дидаги гьесдаги гьоркьоб букIараб къотIи-къай биххизабичIого чараги гьечIо. Гьелдалъун гьесул къасдги цохIого-цо исламалъ кьучI биххизабиги гьединго ислам хIакъир гьабиги буго. Гьединлъидал нилъеда тIадаб буго рагъуе хIадурлъизе, нилъерго аскаралги данде гьаризе ва нилъехъаго бажарараб, хIалкIвараб къагIидаялъ гьезда дандеги рахъине. ТIадегIанав, квербакъулев, кинабго жо Жинда кодосев БетIергьанасде мугъчIвайги гьабун, аварагзабазул Сайидасдалъун тавассулги гьабун, гьел капурзабаз гьабуралда релълъаралдалъун гьезда дандчIвай гьабизе. Гьединлъидал нижеца рагъуе хIадурлъи гьабизе байбихьана. Дица гIемерал аскарал ритIана Тутюналде, ТIарабзаналде, Арзурумалде ва гIорхъода ругел цоги бакIазде. Аллагьасе щукруги реццги буго. Киналниги бусурбаби рекъана ва цолъана гьезда данде рагъизе, жидерго чурхдузулги боцIиялъулги сан гьабичIого. ИншаАллагь, Аллагьасде хьул буго, Гьес Жиндирго цIобалдалъун ва рахIмуялдалъун нилъее квербакъилин абун.

Хадубги дур тIабигIат ва хасият, ай дур рижиго диналде цIикIкIараб рокьи бугеб буго. Дуца гьанжелъизегIан Аллагьасул нухда, кинабгIаги кIвахI тун, хIакъаб куцалъ жигьад гьабуна. Дуца динги цIунана, щибго данде жаза-мухьги тIалаб гьабичIого ва Аллагь тун батIиясдаса квербакъиги щвечIого. Мун гьанжелъизегIан рагъуе ва кьалуе вахъун чIунги вукIана. Дица, Аллагьас хъван батани, гьал рехсарал шагьараздаса духъе киналниги ханзаби, амирзаби, гIалимзаби данде гьаризе руго ва гьаб пурманалда рекъон, жидерго боялги сурсаталги ракIарун, гьел Типлисалде рачIине ккола. Гьел руго Нахичеваналдаса, Ланкараналдаса, Талишалдаса, Салйаналдаса, Бакуялдаса, Хъизихъалдаса, Ганжаялдаса, Шакиялдаса, Ширваналдаса, ЧIаралдаса, Илисуялдаса, Къубаялдаса, Дербенталдаса, Табасараналдаса, Хайдакъалдаса, ГIахъушаса, Гъазигъумекиса, Гъумухъ-Шамхалалдаса, Индиралдаса, Яхсиялдаса, Чергесалъа ва гьединго тIолабго Кавказалъул агьлуялдаса аскарал. Дица гьезул киназулго амруги дуде тIамун толеб буго, иншааллагь.

Хадубги, гьал рехсарал аскарал ва дур боял машгъуллъизе ккела исламалъул ракьалдаса гIурусал нахъе гъеялде ва Аллагьасул дин тIадегIан гьабиялде. Гьеб буго дица дудасан тIалаб гьабулеб жо. Дир дудехун бугеб божиги ракIчIейги кIудияб буго. Гьединлъидал дица дуе кIвар бугеб гьаб пурман бахъана ва духъе гьебги битIана, амирзабазулго амир, тарбияталъулги тIадегIанаб даражаялъулги бетIергьан, Аллагьас жидер даража тIадегIан гьабеял амир Халил-бегихъ ва гьесул гьалмагъ Ибрагьим-бегихъ. Гьезда цадахъ къуларагъаси ХIажи ХIусен-бегги гьединго Къасимги руго. Гьаб тIадегIанаб пурман нужехъе щвейгун, мун данделъизе ккола гIалимзабигун ханзабигун амирзабигун, цере рехсарал кIиявго амиргун, кIиявго беггун ва хутIарал офицерзабигун. Ва дур бугеб ахIвал-хIалги гьабулеб хIаракатги дида лъазабизе ккола. Нужеца тIад амирлъун те жинде ишара гьабурав… (Гьаб бакIалдаса бичIчIулеб буго гьаб тIадегIанаб пурманалдалъун султIанас цолъарал аскаразул бетIерлъун Шамил имам толев вукIин – ред).

Нужги гьесул амруялъухъ гIенекке. Дуца бажарараб къагIидаялъ жигар бахъе, Аллагьасул нухда дурго бахIарчилъиги гъираги загьир гьабун, черхгун-напсги боцIи-малги бичун, бацIцIадаб шаригIаталъул тIалабазда рекъон дин тIадегIан гьабизе. Щаклъи гьечIо, гьаб дунялалъул рокъоб дир рахъалдасан дуе гIемерал харжал ва гьединго шапакъатал-даражаби щвезе рукIиналда, ахираталда ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан букIинесеб малъичIого. Дуда лъай, гьаб дир амру букIин, ва дуца мугъчIвай гьабе кIудияб хIурматияб гIаламаталда. Гьалдалъун тана.

 Вассалам.