Шамил имамасул кагътал

Идрисил рахъалдасан дир мугъчIвай гьабулев сайид, муъмин- забазул амир Шамилиде. Ассаламу гIалайкум. Аллагьасул салам лъеги дуда, Гьесул рахIматал-разилъигун цадахъ. Амин. Цинги. Нилъер вац наиб ХIажияс Ражабихъе кьун, гьесда кодоб букIараб хеч, Алмахъ росулъа анцIила цо чиясда гьоркьоб гIахьалаб хеч буго, хумус босун хадуса хутIун букIараб. Гьебги гьанже гьезул мулк, ай гьезул буголъи ккола, цебе букIараб гIадин. Гьеб нижее, цIураб сордоялъ зодоб моцI кинигин, якъи- наб буго. Щайгурелъул гьеб гIемерал гIадилал чагIазул нугIлъиялдалъун нижеда аскIоб чIана. Хадубги нижер салам бице Дагъ- истаналъул горсвериялъул бакълъун вугев шайихзабазулги шайих Жамалудинида, гьединго гвангъараб кIиго цIва МухIамад-апандидаги къади ХIажиясдаги, гьединго имамасул кваранаб кверлъун вугев нижер вац ХIажи-ЯхIядаги. Жеги дица дуде васият гьабулеб буго, дир хирияв имам, сордо-къоялъул хириял гIужазулъ дур дугIаялъул чвахи нижедеги биччаян абун. Вассалам. Гьалдалъун тана. Нахъисеб рахъалда: Шамилил рахъалдасан дир вац ХIажиясухъе. Ассаламу гIалайкум. Цинги. Нилъер вац Идрисил рахъ- алдасан гьаб кагъат дихъе щведал, гьесул гьари нахъчIвазе дие рес рекъечIо. Гьединлъидал дуца нилъер вац Ражабихъ тун букIараб хеч дица тIадбуссинабуна. Дуца гьесдаги дов цоясдаги гIайиб чIваге. Вассалам