Нилъер бахIарзал

ЧIегIерав ГIумар

 

«Бихьанщинабги рагIанщинабги гIадамазе гьурщулев вугони, дун мацIихъан ккола», — ян абулаан имамасул чапарас

Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул ва Чачаналъул халкъаз эркенлъиялъе ва жалго жидедаго чIеялъе гIоло гьабураб рагъулъ имамасул аслияб ярагълъун букIана муридзабазул бахIарчилъи ва гIорхъи гьечIеб к­ъвакIи. Щибаб магIарул росулъ рукIана гье­лъие мисалиял бахIарзал. Гьединазул цоявги вукIана лебалав бахIарчи, КIаратIаса ЧIегIерав ГIу­мар.
ГIумар машгьурлъана ГъалбацIдибирасул нухмалъиялда гъоркь вагъулаго. ХIинкъи-къай гьечIев гьев, наибас жиндирго бодул байрахъу­лавлъун тIамуна. Рагъулаб гIадлу-низамалда, гIадатлъун батухъе, байрахъуласул иш тIубай бищунго хIинкъи цIикIкIараблъун букIана. Байрахъулав кидаго цебесеб кьерда, тушманасдаса вахчичIого, гуллие керен кьун, цеве инеги, тушманасдаса жибго байрахъ цIунизеги кколаан. Тушманасул байрахъ бахъизе щвани яги, байрахъулавги чIван, байрахъ гIодобе бортани, гьеб иш гьунарлъун рикIкIунаан. Гьединлъидалин гьел рагъулъ бищун гIемерги чIвалел рукIарал.
Даргъо, Шали, Ведено росаби рахъулаго, ГIумар лъабцIул лъукъана, амма гьес байрахъ чияхъе кьечIо. Залимаб черхалъул къуватав гIолохъанчиясда гьел ругънаца шокълъиго ккезабичIо.
КIаралазул наиб, бодул цевехъан ва гIалимчи ГъалбацIдибирасулги имам Шамилилги лъикIаб гьоркьоблъи ва щулияб божилъи букIана. 1844 соналда ахIараб гIалимзабазул мажлисалда имамас суал лъун букIана, жив кIодолъунги вугин, имамлъун цогидав вищейилан. Амма мажлисалъул гIахьалчагIаз гьеб къабул гьабичIо.
Имам Даргъов рещтIиндал, гьесие хIажалъана магIарулазулгун щулияб хурхен чIезабизе. Доб мехалда гьелъие цохIого цо рес букIана имамасул амругун, кагъатгун рекIарал чапар­заби рахъ-рахъалде ритIи, гьезго магIарухъ бугеб ахIвал-хIал лъазаби ва наибзабазул кагътал имамасухъе щвезари. Гьеб бухьен-хурхеналъе хIажалъана хасал гIадамал — рагIи дагьал, балъголъи цIунизе бажарулел, бокьараб мехалда сапаралъ рахъине хIадурал, хIинкъи рекIелъ гьечIел бахIарзал. Гьез имамасухъе кьучIаб баян бачIине кколаан. Наиб ГъалбацIдибирасе рес букIинчIо имамасул тIалаб гьев разияб куцалда тIубачIого ва жиндирго байрахъулав ГIумар кьезе ккана имамасул чапарлъун. Гьесда киназго ЧIегIерав ГIумарин абулаан. ХIакъикъаталдаги гьев вукIана чIегIераб расалъул, чIегIерал беразул, 40 сон барав мурид. Гьединаб ригьалъул рагъухъаби бищунго хириял рукIана имамасеги.
ЧIегIерав ГIумар имамасул амру тIубазе рагъул майданалдаги хIадурав вукIана. Гьев ине кколаан имамасул амругун наибзабазухъе. Гьеб ишалда мухIканлъи гьаби ГIумариеги хIажатаб шартIлъун букIана. Рагъал къотIанилан чапарзабазе хIалхьи букIинчIо. Гьел къватIире рахъунаан сундухъго балагьичIого ва имамас цIараб заманалда наибзабазухъе щвезе кколаан: наибзабаз хисизе кколаан гьезул чуял, хIажалъи ккани кьезе кколаан хинаб ретIел ва ярагъ.
Имамасдаги наибзабаздаги гьоркьов хьвадулаго, гьезул рукIа-рахъин, хьвада-чIвади, гIамал-хасият ГIумарие баянаб букIаниги, гьес гьезул хIакъалъулъ щибго цIар бахъулароан. Гьесие хириял рукIана «Ца таралъ мегIер тола», «ГIинкъавлъун рокъове лъугьа, беццавлъун къва­тIиве вахъа» гIадинал кицаби. Муридзабаз гьесда гIемер абулаан: «Мун, ракIалда бугеб жо чияда бицинчIого, чIегIерлъарав ГIумар вуго», — ян. «Бихьанщинабги рагIанщинабги гIадамазе гьурщулев вугони, дун мацIихъан ккола», — ян абулаан ГIумарицаги.
1853 соналъул риидал «Зоно» абулеб кIаралазул къварилъухъ къоазарго мурид данделъана. Гьениве вачIана имам Шамилги. Сундуе гьебгощинаб аскар данде бакIарулеб бугебали имамас лъазе течIо жиндирго васасда — кIаралазул наиб ГъазимухIамадидагицин. Гьеб лъазе бокьа­рав ГъазимухIамадица инсуда цIехана, кинаб рахъалдехун нухал къачIазе кколел боялъеян. Имамас гьесда абуна: «Ункъабго рахъалдехун къачIай, лъикIав наибасул нухал кидаго къачIан рукIине ккола», — ян. Гьеб бо бакIарулагоги ГIумарица кIудияб жигар бахъана ва богун цадахъ Гуржиялъеги ана. РекIаразул бетIерлъуда имамас вас тана, лъелазул цевехъанлъун наиб Даниял-СултIан тIамуна.
КIиго анкьалъ халатбахъараб гьеб чабхъадул хIасилалда имамасе щвана бечедаб давла: гIемераб гIарац-меседги гIи-боцIиги асир, гуржиязул пача ГьерекIлил меседил тажги гьаруна гIемерал гуржиял ва гьездаго гьоркьор гиназ Чавчавадзел бикабиги.
Гьеб соналъ гIурусаз Чачаналда рохь гъуризе байбихьана, хасго Шалиялъул рахъалдахун. Муридзабаз гьезде гьужумал гьарулаан. ГIурусазул солдатал цоял гъутIби къотIулел, цогидал дагьалги гьездасаги церехун хандакъал рухIун, гьел цIунун хъаравуллъуда рукIунаан. Солдатал ругеб рахъ цIехезе рахине кколаан рорхатал гъутIбузде. Муридзабазул дагIба ккана гъотIоде вахине хIинкъуларев бахIарчи щив абун. Цояс абуна «ЧIегIерав ГIумарида цеве кIанцIизе лъидаха кIолеб?» — ан. Гьесие жавабги гьабичIого, ГIумар кету гIадин гъотIол каралъе харун ана. Рахъ-рахъалде валагьана — солдатал ругоан аскIорго гIадин. Гъоркьехун вачIунев вукIарав гьесул гьаракь борчIана, ва гьеб параялъго тункIил кьвагьи бахъана. ГIумар гъотIодаса вортичIо, амма, ракьалде щваравго, къахIан чехьги ккун, гIодов чIаралъуса вагъаричIо.
Цо гIолохъанчияс абуна: «Валлагь, цIакъ бухIараб жо батизе буго гулла, ЧIегIерав ГIумарилцин гьаракь борчIана», — ян.
ГIумарица кIиго къо бана Даргъоб. МестIераз бажарарабщинаб дару гьабуна. ГIумарие бокьана сахлъани сахлъизеги, хвани хвезеги магIарухъе ине. Имамас цадахъ муридгун гьев ГIандиве, наиб Лабазанихъе витIана. Гьес ГIумар щвезавуна КIаратIе. ГIумарие дару гьабизе тIаделъана местIерал, ракIарана гьел сверухъ ругел росабалъаги, амма хIасил ккечIо — анкьидасан гьев къадаралде щвана.
Лъукъидал, жиндихъе раккизе рачIарал гIадамазда ГIумарица абун буго:
— НагIана батаги тIоцебе дида кьварарав бахIарчиян абурасе. ГIумруялъго кьварун, лебаллъиялда гурищ чIезе ккарав, щвечIогурищ чорхое рахIат, рокъоб парахалъи, хъизан-лъималазул недегьлъи. ГIумру ана чу кьололаго, туманкI цIовухъего, рачел къанго, — ян.
ГIумар хвана 1854 соналъул хаслихъе. Гьев вукъун вуго КIаратIа тIасахабалалъ, Шамилил вас Жамалудинида аскIов, гьезие ран руго хIуж­рабиги.
Зонода гIарабалъ гьабураб хъвай-хъвагIаялда руго гьадинал рагIаби: «Гьаб буго гъалбацIаз­да гьоркьовги гъалбацI, бицун хIалкIолареб бахIарчилъиялдалъун машгьурав мурид, Даргъо щулалъиялда капурзабигун рагъда шагьидлъарав ГIумарил хъуба. Аллагь тIасалъугьаги гьесдаса! Амин», — ан. ХIужра бана ва зани чIвана имам Шамилил амруялда рекъон.
Б. ТIагьировасул «КIаралал»
абураб тIехьалдаса