Гуржиялъан букIана бетIербахъи

    БежтIаса Кахетиялъул Къварели районалъул Ахалсопели абураб росулъе щвезегIан буго 54 километр. Мадугьалихъ рукIиналъ чIахIияб гIелалда лъикI лъалаан гуржи мацI. Щибаб хъизама-лъул рукIана гьалбал-гуржиял. Цоцазухъеги гIемер щолаан.

 

ЭБЕЛАЛЪ БИЦУНААН…

    Дир эбел, Марзият МаламухIамадова гьаюна 1928 соналда. Гьелъ гIезабуна ичIго лъимер. Гьелъ бицунаан: «ГIолохъанаб заманалда – росасе иналде кIиго ва ригьнада йикIаго щуго соналъ – дица гIумру гьабуна Къварелиялда. Нижер букIана захIматаб гIумру. Росулъ бугеб ракьул бутIаялда гIезабураб ролъги цогидал нигIматалги гIолароан бетIербахъиялъе, хъизам хьихьизе. Гьединлъидал гIемерисел бежтIадерица хасел тIамулаан Гуржиялда ва ихдал тIад руссунаан росулъе», — ян.

   Эбелалъ бицунаан гуржияз жидее кинабгIаги къварилъи гьабулароанин абун. «Цо-цоккун яги цо чангоял цадахъги ракIарун, нижер руччаби унаан гуржиязул рохьоса бакъвараб цIул бакIаризе. ЦIулал магьалги раччун, хьвадулаан росабалъе – гIадамазе гьеб бичизе яги цIоросаролъул ханждахъ хисизе. Цо магь цIулал хисулаан ханждал цIураб цо щурмихъ. Анкьго сон баралдаса нахъе раччана дица цIулал магьал. Киданиги нижеда хъачIго кIалъалароан гуржиял, разиго къабул гьарулаан.

    Ниж рукIана гьезие учузго чIолел хIалтIухъабилъун. Ниж хIалтIулаан хурир-ахикь, хьихьулаан гьезул боцIи, ай гьабулаан гьез малъараб хIалтIи. Радал киналго ракIарулаан цо бакIалда. Гьенире рачIунаан гуржиял ва жидерго рукъалъул хIалтIи гьабизе хIажатал гIадамал рачунаан цадахъ. Гьелдасаги рохун рукIунаан ниж. ГIицIго кванихъ ва ратIлихъ хIалтIараб мехги букIунаан. ГIемерал соназ гьединаб гIумру букIана нижер. Амма абизе ккола: гьебги букIинчIебани, ракъун хвелаан нижер гIадамал», — ан бицунаан эбелалъ.

    Гьедин ругьунаб къагIидаялда унеб букIана гIумру. Амма 1953 соналъул февралалда Къварели районалда рукIарал киналго магIарулал ракIарана цо бакIалде ва лъазабуна, кIиго къоялда жаниб гуржиязул ракь тезе кколин абун. БежтIал рещтIарал гуржиязухъе хьвадизе байбихьана милициялъул хIалтIухъаби. Гьез минаялъул бетIергьабазухъа босулеб букIана, гьалбал нахъе ритIеян жидеда лъазабунин абураб кагъат.

     Хасало мугIрулги рахун, росулъе тIад руссине бигьаяб иш букIинчIо. Бащдаб къоялъул нух бахине хIажалъана лъабго къо.

    Эбелалъ бицунаан: «ТIоцебесеб къоялъ лъелго рилълъун, ниж щвана Цацхена абураб росулъе. Гьеб буго КIудияб Кавказалъул габурлъиялъул ахада бугеб гуржиязул росу. Росдада гIагарлъухъ букIана рохь. Нижеца гьениб сордо бана. Гьениб бакIарун букIана магIарухъе тIад руссунел бежтIадерил 120 хъизам (350-370 чи). КIиабилеб къоялъул радалалде хун ятана нижер мадугьал СутIаев ГIумарил лъагIел балей яс Шамсият. Юкъана гьенийго гьейги, рахъана сапаралъ. Бурсахъ рохьосан эхедерегIелалъ лъелго рахине цIакъ захIмат букIана. Рохьалъ ниж цIунулел рукIана гIаздал гIансиялдаса. Роол заманалда лъелго хьвадулеб нух бацизабун букIана гIаздаца. ЭхедегIан рахиндал, батана метргIанасеб бицалъиялъул гIазу. Щуго сон барав МухIамад (статьяялъул автор) вукIана, эхе бохдулги риччан, инсул горбода рекIун. Дица баччун букIана лъабго моцI барай яс ПатIимат ющараб хьухьараб кини. Нижеда хаду-хадуй ячIуней йикIана ГIабдулгIазизил лъади Сулейманова ПатIимат», — ан.

    Дида лъикI ракIалда буго гьеб сапар. Инсуца ваччун вугев дун зигардулаан квачалев вугин абун. Гьеб рагIун батила ПатIиматида, щайгурелъул кIудияв гIун хадубги росулъ дандчIвараб мехалда гьелъ дида кидаго гьикъулаан, жеги хинлъичIищ мун, гьитIинав Малаян абун.

   СапарчагIаз кIиабилеб сордо бана Мухова бизокьа абулеб бакIалда. Гьебги буго рохьалда аскIоб. Бакана ункъо бакIалда кIудияб цIа. Кахетиялдаса БежтIехун пулеб букIана цIорораб гьури. ГIемер квачаялъ, лъиданиги кIолеб букIинчIо кьижизе. РогьинегIан киналго ракIарун рукIана цIаязда сверухъ.

   Лъабабилеб къоялда щвана росулъе. Гьеб сапаралдаса хадуб гIемерисел унтана. Нижер хъизамги тIокIалъ Гуржиялъе инчIо. Нижедаса хадуб росулъе тIад буссана бежтIадерил цоги къокъа. ХутIарал Гуржиялъе нахъе ритIана поездалда.

 

ГIИЛЛА БИЧIЧIУЛЕБ БУКIИНЧIО

 

    Доб заманалъул лъугьа-бахъинал ракIалде щвезарулел руго росдал больницаялда гIемерал соназ хирурглъун хIалтIарав Сулейман КъебедмухIамадовас: «Дунги дир эбел-инсуда цадахъ гIумру гьабун вукIана Къварелиялда. Эмен хIалтIулев вукIана чогърол заводалда – чагъирги чIачIаги бахъулеб цехалда технологлъун. Я рокъор, я хIалтIуда эбел-инсуе кинабгIаги къварилъи букIинчIо. Тохлъукьего нижеда лъазабуна Гуржиялъа нахъе ине кколин абун. Нижер хъизам, машинаялдаги рекIинабун, щвезабуна маххул нухлул станциялде. Гьенир Гуржиялъул хIакимзабаз данде гьарун ратана гIемерал бежтIал. Киналго рахинаруна поездалде ва щвезаруна Бакуялдасан МахIачхъалаялде. МахIачхъалаялъул вокзалалда хIадурун ратана юк баччулел машинаби. Гьенив дун тIоцебесеб нухалда вилана: ралъад бихьарав дун, эбелинсуда щибниги абичIого, векерана ралъдал рагIалде. Гьелъухъ балагьун, бер гIорцIуларого вугев дун, валагьулев вукIун вуго эбел-инсуца. Ахирги ватана дун гьезда. Гьанже киналго капучиял рахинаруна машинабазде. Кьерги гьабун, анцI-анцI машинаялдеги рахинарун, ниж щвезаруна Анцухъе. Гьениса БежтIе букIинчIо машинадул нух. Гьединлъидал ниж лъелго ине ккана гIагарал росабалъе щвезегIан», — ин.

    Лъелго ва машинабазда раччун, киналго капучиял къватIире гъуна Гуржиялъа. Доб заманалда нижеда кинго бичIчIулеб букIинчIо, кинаб гIилла сабаблъун квачараб хасало нижее гьеб гIакъуба кьурабали. Хадубккун, архивиял документазулгун лъай-хъвай гьабураб мехалда, баянлъана капучиязул халкъ Кавказалъул кIудияб политикаялъул къорикье ккун букIараблъи. Гьелъие гIайибиявлъунги ватана Багиров – Азербайжаналъул компартиялъул тIоцевесев секретарь, ВКПбялъул член, Закавказьеялъул фронталъул рагъулаб советалъул член, Иосиф Сталинил хасаб божилъи бугев «Кавказалъул сардар».

   Гьеб божилъиялдаса пайдаги босун, Багировас цIакъ хIаракат гьабулеб букIана Азербайжаналда гьоркьобе Дагъистан ккезабизе. Гьелъул хIакъалъулъ бицина хадусел номеразда.

 

МухIамад МУХIАМАДОВ, краевед, Херазул советалъул председатель