ГIасрабазул гъварилъи, гIумруялъул бечелъи

Нилъерго тарих лъачIони, жакъаселъе къимат кьезеги букIинеселъул хIисаб гьабизеги расги бигьаго букIунаро. Кинха гьеб лъазе бугеб? ТарихчагIазул, археологазул кумекалдалъун. Гьединазул цояв ккола тарихиял гIелмабазул кандидат, РАНалъул ДФИЦалъул историялъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул кIудияв гIелмияв хIалтIухъан, «Дарс»» НПЦялъул генералияв директор, «МавраевЪ» басмаханаялъул нухмалъулев, Буйнакск районалъул Дурангъиса Рабадан МухIамадов. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.

 

 

— Рабадан, мун 40-гIанасеб соналъ вуго археологиялда хурхараб хIалтIуда…

 

— НекIсиял гIадамазул гIумру, гьезул рукIа-рахъин, магIишатгун культура лъазе ккани, ракьги бухъун ралагьизе ккола алаталгун тIагIелал. Хасал шартIал гьечIони, цIулал, ххамил, тIомол алатал халатккун цIунун хутIуларо. Абадиялъго цIунун хутIула гамачI, щегI, ракьа, цIер. ГIемерал баяназгун хIужабаз бицуна умумузул гIумру тIабигIаталда хурхараб, гьелда рекъон унеб бу- к1араблъиялъул. Дун вуго мазга- рул гIасруялъул специалист. Гьеб заманалда Дагъистаналда букIана ГIагараб Бакъбаккул даражаялда бащалъулеб, цIакъго цебетIураб культура. Гьелдаса хадуб байбихьана нилъ кутакалда нахъе ккезе. Мисалалъе, пачалихълъи, хъвай-хъвагIай нилъер гьаниб баккана кIиазарго соналъ цебе (ГIагараб Бакъбаккуда – щуазарго соналъ цебе). ГIезегIан рачине бегьула гьединал мисалал.

 

— Тарихалъул щиб гъварилъуде гьанжелъизегIан нужеда раккизе кIварал?

 

— Нижер институталъул гIалимзаби бищун гъварилъуде раккизе кIвараб болжал буго 2 млн соналъ цебе бугеб заман. Гьеб заманалда (ганчIил гIасру) гьал нилъер мугIрул ругеб бакIалда букIана ралъдал гьумералдаса 400 метралъул борхалъуда бугеб цIан битIараб авлахъ. Гьенир рукIана хинал улкабазда букIунеб гIурччинлъиги гьелда рекъараб рухIчIаголъиги. ГIахъуша районалъул Усиша росдал Айникиб авалалда ругел мугIрузда, гIалимчи Хизри ГIамирхановасул гIелмияб къокъаялъ гьабураб хIалтIул хIасилалда загьирлъана гьеб заманалдаго инсанас гьениб гIумру гьабулеб букIараблъи. Инсанасул хутIел батичIо гьениб, амма ратана гьесул хIалтIул алатал. Инсанасул квер кIутIараб, гьелдаса некIсияб бакI Россиялдаго гьечIо. Нилъер гьанир ратизе бегьула гьединал бакIал, амма гIалимзаби жеги гьезде тIаде ккечIо.

 

— ГIемер бицуна «Гинчинская культураялъул» хIакъалъулъ. Дур гIелмияб хIалтIиги буго гьелда хурхараб. Гьелъул хIакъалъулъ бицани бокьилаан.

— ГIелмияб, археологияб хIалтIи гьабулаго ратарал культурабазе цIарал кьола аскIор ругел росабазда, бакIазда рекъон. ГIинчIи-кули буго Шамил районалъул ТIидиб росдада аскIоб. Гьенир ратана 5,5-6 азарго соналъ цебе инсанас гIумру гьабулеб букIараб бакIалъул хутIелал. Гьеб культураялъул гIаммаб авалалде гьоркьоре унаан нилъер магIарухълъи ва Чачан ракь.

 

– ЗахIматаб масъалалъун лъугьун буго, гIелмияб хIалтIуе квалквалалги гьарун, тарихиял памятниказда хадур лъугьарал «чIегIерал археологаз» гьел пасат гьарулел, гьенир ратарал алатал- тIагIелал ричулел рукIин. Гьеб рахъалъ щиб абилеб?

— Журналистаз лъураб «чIегIерал археологал» абураб цIар ккола гьезул къадру гьаби, гьезие лъикIаб къимат кьей. Гьеб кутакалда мекъи буго. ХIакъикъиял археологазулгун кинабгIаги бухьенги гьезул гьечIо. Гьел руго «тарихалъул нухазда ругел хъачагъал». Нилъер тарихалъул, гьеб цIуниялъул ургъел бугел чагIиги гьел гуро. Гьезул мурад буго цо – некIсиял хобалги щущазарун, гьенир ратарал тIагIелал ричи. Нилъер умумул рукIана цIакъ мискинал гIадамал, скифазул ялъуни сарматазул гIадин месед ва цогидаб бечелъи букIунароан гьезул. Гьезул рукIунаан маххул, мазгарул, цо-цо гIарцул, цIакъго къанагIат меседил тIагIелал, курхьен-баргъичал, ярагъ. Росу букIараб бакIалда ратуларо гьел, аслияб куцалда ратула хабалазда. Гьениса гьел рикъула, хъамула дол «хъачагъаз».

 

— Халкъазда гьоркьосеб грантги щун, чанго соналъ хIалтIана мун СШАялда, Азербайжаналда…

— Бостон шагьаралда аскIоб бугеб Уэлсли колледжалда, профессор Филипп Колил нухмалъиялда гъоркь, хIалтIулеб букIана археологиялъулаб къокъа. ТIоцере гьел хIалтIана Эрмениялда, Гуржиялъ, хадуб гьеб хIалтIи байбихьана Дагъистаналдаги. 1994 соналда нижер цадахъаб хIалтIи букIана Юждагъалда, Великенталда. Нижеца лъазабулаан Дагъистаналъеги Северияб Азер- байжаналъеги гIаммаб, щуазарго соналъ цебе букIараб «Великент- ская культура». Чачаналда рагъ байбихьидал, нилъер гьанире рачIине долги хIинкъун, ниж (дун, ХIажиев МуртузагIали, Азербайжаналъул гIалимзаби ва колледжалдаса 7-8 студент) ана Азербайжаналде. Хадуб, Фулбрайтил фондалъул гранталда рекъон, ниж хIалтIана США- ялда, Уэлсли колледжалда. Доба нижер букIинчIо археологиялъулаб хIалтIи, гьарулаан Дагъистаналдаги Азербайжаналдаги гьабураб цадахъаб хIалтIул хIасилал, хъвалаан гIелмиял макъалаби.

 

— Машгьурав гIалимчи Рауф Мунчаевасул нухмалъиялда гъоркь Сириялде ун букIараб экс- педициялда гьоркьовги вукIана мун…

— Доб мехалда дун вукIана битIахъе кIийиде викьун – риидал хIалтIулаан америкаялъулалгун Дагъистаналда ва гьебго заманалда (хаслихъе) унаан Сириялдеги. ГIиракъ-Иран-Сирия-Ливан- ГIизраил-Турция-Иордания мухъалда («Полумесяц плодородия»), Евфрат-Тигр-Нил гIоразда сверухъ рукIана кутакалда церетIурал, некIсиял культураби. Гьезул цояб, Шумера абулеб культура букIана нижеца лъазабулеб. Ниж рукIана Сириялъулги, ГIиракъалъулги, Турциялъулги гIурхъи цолъулеб бакIалда, Сириялъул Аль-Хасека провинциялда. Доба рагъ ккезегIан гIемерал экспедициял рачIунаан, букIана сон цо заманалда 68 экспедиция хIалтIулебги. Гьезул баянал лъазарун, суратал рахъун гурони цо алат-тIагIел босизе бегьулароан добаса, кинабго унаан музеязде. 11 соналъ тIатIалаго ана дун дове, руго хъварал макъалабиги, рахъарал тIахьалги. 2010 соналда рагIалде щун букIана нижер хIалтIи, хадуб байбихьана рагъ, нижги тIокIалъ инчIо доре. Террористазул къокъабаз бухIана доба нижер букIараб базаги, гьабуна гIемераб цогидаб пасалъиги.

 

— Рабадан, мун ккола «МавраевЪ» басмаханаялъул учредитель-директор. Нужеца къватIире риччала тIахьал. Гьезда гьоркьоб хасаб бакI ккола «Росабазул тарих» абураб сериялъ. Кинал ругел гьеб ишалъулъ дандчIвалел масъалаби, бугищ тIахьазул тIалабго?

— ТIоцебе гьеб рагьидал, гьелда цIар букIана «ДИНЭМ» абун. Хадуб битIараблъун бихьана «МавраевЪ» абун цIар лъей. МухIамадмирза Мавраев ккола квералъ хъван гуреб, Дагъистаналда, Северияб Кавказалда тIоцере тIахьал басмаялда кьабурав чи. Гьаб буго гьитIинаб басмахана. Нижер гьечIо гIарцулаб къуват, щоларо пачалихъалъул кумек, къанагIат гурони бергьунаро тIоритIулел тендеразда, заказал ралагьизе ккола нижецаго. Цо рахъалдасан интернеталъги хвезабулеб буго тIахьазул къимат, дагь гьабулеб буго гьел росулезул къадар. Цогидаб рахъалдасан балагьани, гIемерисезул рес гьечIо тIахьал росизе. Байбихьуда ракIалда букIана гIелмияб литература къватIибе биччазе, художествияб къанагIат гурони биччаларо. КIиабилеб рахъ буго, росабазул тарихалъул тIахьал басмаялда рахъи. ГьанжелъизегIан къватIибе биччана 20 росдал тIехь. Гьеб суалалъулъ буго гьадинаб масъала – гIемерисел авторал тарихчагIи, гьеб ишалъул хIалбихьи бугел чагIи гурелъул, гьезулгун гьабизе ккола гIемераб хIалтIи. ЛъикIав журналист, филолог, редактор ДибиргIали Хазамов гьанив хIалтIулев вукIинчIевани, бигьалъизе букIинчIо гьеб хIалтIиги. Буго кIвар буссинабизе бокьараб цоги масъалаги. КIванагIан хехго къваригIун буго росабазул баянал къалмиде росизе, тIахьал къватIире риччазе. Гурони, тIаде гIолеб гIелалъе бигьалъизе гьечIо хIакъикъияб, добе-гьанибе сверизабичIеб тарих цIунизе.

 

— Цогидазул тIахьал къватIире риччай гуребги, дуцагоги хъвала кучIдул, магIарул мацIалде руссинарула гIурусазул поэтазул асарал…

— Нижер тухумалда гьечIо машгьурал поэтал, хъвадарухъаби. Амма гIезегIан рукIана кIалзул гьунар бугел, бачIинахъего кочIол мухъал хъван бажарулел, пасихIал гIадамал. Дирги кучIдуздехун цIайи бачIана жеги гьитIинго. Дун росдал школалда цIалулаго, дидаса 2 соналъ кIудияй яц цIалулей йикIана цогидаб росулъ. Махсара хIисабалда цоцахъе кагътал нижеца хъвалаан кучIдуздалъун. Гьебги лъикI бихьун, дие кумек гьабуна учительницаялъги. Хъварал кучIдузул цо тIехь буго гьанжелъизегIан дица къватIибе биччараб. ГьабсагIаталда хIадурулеб буго 25 гIурус поэтасул магIарул мацIалде руссинарурал асаразул тIехьги. Гьелда тIубан ракI рекъонги гьечIо дир, парахатго тIад хIалтIизе заманги гIолеб гьечIо.