Нилъер тарихалде жеги каву рагьун гьечIо, чIемгIа гурони

Ахираб къого соналда жаниб нилъер тарихалда, адабияталда ва маданияталда хурхун тарихчагIаз, гIалимзабаз, гьединго гIагараб ракь лъазабулез хъван къватIире рачIана анцI-анцI тIахьал. Къадаралъул рахъалъ тIолабго советияб гIуцIиялъул заманалда рахъараздаса дагьал гьечIел гуребги, гьел руго бугеб хIалалъе, заманалъе битIараб къимат кьун, хIакъикъат рагьарал, ай партиялъул идеологиялъул мугьру тIад чIвачIел.

 

Дагъистаналъул, магIарулазул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб анцIила микьго тIехьалъул автор ккола ЧIарада мухъалъул ГIириб росулъа Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул федералияб цIех-рехазул централъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан, тарихиял гIелмабазул кандидат ШагIбан ХIапизов. Гьесулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.

— Гьанжесел гIемерисел тарих­чагIаз жидерго хIалтIабазда тIад­чIей гьабулеб буго ХIХ гIасруялда, хасго Кавказалъул рагъда. Дур гIемерисел хIалтIаби руго ХVI-ХVIII гIасрабазул тарихалда хурхарал…
— ХIакъикъаталдаги ХIХ гIас­ру­ялда, лъабавго имамасул бе­тIер­лъиялда гъоркь унеб букIараб къеркьеялда хурхун хъвадарулел авторал, тарихчагIи, хIатта хъвадарухъабигицин дагьал гьечIо. РукIаниги Кавказалъул рагъул жеги гIемерал рагьичIел гьурмал, цIех-рех гьабичIел архивалъулал ва цогидал документал руго. ГIамм гьабун абуни, нилъер тарихалде жеги каву рагьун гьечIо чIемгIа гурони. Мисалалъе, мадугьалихъ, Кавказалда ругел азербайжаназул, гуржиязул ва цIамалазул (эрмениязул) тарих тIубанго хъван лъугIун бугин абизе бегьула. Советияб заманалда гьезул жидерго рукIана гIелмабазул академиял, цIех-рехазул институтал, букIана финансазулаб ресги. Дотациялда бугеб нилъер республикаялъул гIелмуялде харж гьабизе гьезулгIан рес букIинищха. Гьелъ абулеб буго дица жеги нусго соналъги цIехон, хъван бахъунарин нилъер тарих.
БукIана цо заман пачаясул Россиялъул историографазда хадурги ун Дагъистаналда «доклассовое общество», патриархалияб гIуцIи букIанин хъвалеб. Гьеб гьедин гьечIолъи, нилъер гьанибги феодализм букIин кьучIал хIужабаздалъун бихьизабуна машгьурал тарихчагIи ХIажимурад Хашаевас ва Расул МухIамадовас.
Дирго рахъалъ абуни, дица цIех-рех гьабула цересел гIасрабазул документазул, хъвай-хъвагIаязул, гьел цIехон дица гIахьаллъи гьабула институталъ тIоритIулел эпиграфикиял, археографиялъул ва этнографиялъулал экспедициязда.

— Гьезул хаслъи щиб, щиб цIехо­леб, гIелмуялъе кинал хIужаби гьез рагьулел?
— Эпиграфикиял экспедициязда рагьула, цIехола ганчIазда, заназда, минабазда, некIсиял мажгитазда ганчIазда гьарурал тIадхъваял. Гьездасан лъала кида, лъица мажгит барабали, мина кида, лъица барабали, щив гьелъул бетIергьан вукIаравали. Заназда гьарурал хъвай-хъвагIаяз бицуна щив чи вукIаравали, кин ва кида хваравали. Цо мисал, ТIинди нижеда батана Надир-шагьасде данде багъулеб букIараб багулазулгун чIамалазул бодул цевехъан Денгал зиярат.
Этнографикиял экспедициязда цIехола росабазул, тухум-кьибилал, цебесеб тараджимал, гIумру, рукIа-рахъин, бакIазда цIарал, гIадамазул некIсиял цIарал ва гь. ц.
Археографиялъул экспедициязда цIехола цересел квералъ хъварал махтIутал (рукопись). Гьездасан лъала лъица гьеб хъварабали, хъвараб бакI, кинаб мадрасаялда, дарсал кьолев щив чи вукIаравали, кинаб тIехь кьочIое босун хъварабали, щиб заманалъул кагъат гьебали ва гь. ц. Гьездасан тарихалъе гIемераб кIвар бугел баянал щола. Гьедин экспедициялде араб бакIалда, Буйнакскиялда, цо пуланав чиясул рокъоб батун нижехъе щвана 300 соналъ цебе хъвараб тарихияб асар. Гьелда бицунеб буго 400 соналъ цебе Дагъистаналда тIалъи гьабиялъул мурадалда турказда, Ираналда ва гIурусазда гьоркьоб къеркьей байбихьиялъул.
Тарихалдасан лъала, гьоркьо­хъел гIасрабазда магIарулазул букIана чанго халкъ гьоркьобе бачараб Сарир абураб Кавказалдаго кIудияб пачалихъ. Экспедициязул сапаралда кодобе щвана Суракъат нуцаласул вас Баярил цIар тIад хъвараб пахьул гIарац. Гьелъги тасдикъ гьабулеб буго Сарир пачалихъ кьучIаб, кIудияб, жибго жиндаго чIараб гучаб пачалихъ букIиналъе.

– Археографиялъул экспедициязул заманалда цIехарал махтIутал кьолищ нужехъе, институталде? Гьел гIемер ругищ хасал гIа­да­мазухъ?
— КъанагIат бугониги цо-цояз кьола. ГIемерисез кьоларо, цIунун ру­кIуна хъизамалъул бечелъи хIиса­балда, цогидазухъа ричун росула ва кьолел гьечIони, нижеца гьезул копияби рахъула.
НекIсиял махтIутал гIемер руго магIарул росабалъ, амма гIемерисел цIунун хутIичIо. ГIарабист, мунагьал чураяв ГьаракIуниса Нур­му­хIамадил МухIамадил рокъоб цIу­нун буго кIиазаргогIанасеб рукопись. Гьесул ирсилаз гьеб цIунун буго, гьезул цIех-рех гьабизеги рес гьечIо.

— Нужер институталъул хъвавул фондалдаги гIезегIан документал, хъвай-хъвагIаял ратила. Гьезул таржамаялда тIад нуж хIалтIулищ яги гьадинго ракIарун данде гьарунищ толел?
— Институталъул бакъбаккул махтIутазул фондалда буго гIараб, гIажам, парс, турк мацIазда хъвараб ункъазаргоялдаса цIикIкIун документ. Гьезда тIад хIалтIулел руго мацIалги лъалел, лъайги бугел гIалимзаби – МахIач Мусаев, Рамазан ГIабдулмажидов, МухIамад ШейхмухIамадов, Жамалудин МаламухIамадов, Шамил ШихгIалиев. Жеги чанго гIел гIалимзаби тIад хIалтIизе гIураб материал буго хъвавул фондалда.

— Цебе щибаб росдал гIадатал хъварал хъвай-хъвагIаял рукIун руго. Нахъе цIунун цIакъ дагьалго гурони гьечIо…
— Исламияб дин нилъер гьаниб щулалъилалдего хъваралги гьелдаса хадур хъваралги росабазул цолъабазул гIадатал рукIана. Гьезда дандечIун рукIана доб замана­лъул гIалимзаби – Къудукьа Мусалав, ГIурадаса Ибрагьим-хIажи. Гьез абулеб букIана, гIадаталги рехун тун, шаргIалде рачIине кколин. Гьезул рагIи доб мехалъ тIубанго билълъанхъизабичIо. Ваккана ГъазимухIамад имам ва гьес байбихьана шаргI билълъанхъизабизе, гIадатал хвезаризе. Гьеб цебе бачана хадуб ХIамзатбегица ва Шамилица. Кодоре щварал гIадатал хъварал хъвай-хъвагIаял гьез рухIана, тIагIинаруна. Тарихалъе нахъе хутIичIин ккола ГIуммахан нуцалас (гьесда ГIадилавилан абулаан, хвана 1634 соналда) XVII гIасруялъул авалалда хъварал гIадатал. Руго балъго цIунун нахъе хутIун рукIарал цо чанго гIадатазул хъвай-хъвагIаял. Мисалалъе, гьидерил хутIун руго росабазул цолъабазул балъ – гIадатал. Гьединго гьенир руго имам Шамилил къеркъей лъугIун хадуб хъваралги гIадатал. Пачаясул Россиялъул Дагъистаналда рукIарал тIадчагIаз нилъер гIадамал гьесизаруна гIадатал хъваялде, щай абуни, гIадаталги цIунун ругезда тIад халкквей бигьаяб букIана. Гьезие къваригIун букIана шаргI къинабизе. ШаргI тIибитIизабулаго имамзабаз гьабураб къеркьейги дандчIейги гьезда бихьун букIиндал.

— Нилъер тарихалъе кIвар бугел некIсиял хъвай-хъвагIаял, мах­тIутал Дагъистан тун къватIире ине рес бугищ?
— Гьеб буго бищун ракI унтараб жо. Араб гIасруялъул 50-70-абилел соназда гуржиязги цогидазги кепказухъ магIарул росабалъа ракIарана хунжрул, хвалчаби, цогидалги алатал, тIагIелал. Хадуб даргиязул росабалъа рачIарал даранчагIазги хутIаралда тIад жул бахъана. Ахираб анкьго-микьго соналда жаниб чанго азарго рукопись бичун буго Чачаналъе. Гьезул кьучIалда гIуцIун буго доба хъвавул фонд, магIарул росабалъа бакIарун гьел дорехун ричаразда гьоркьор магIарулалги ругин бицана. Гьезул цIарал рехселаро, хьул буго хадубккун гьез гьеб даран рехун телин.
Гьелда цIар щиб лъелеб? Лъавукълъийищ, гIадаллъийищ? ГIарцухъ нилъерго миллаталъул рухIияб ирс бичи кколарищ гьеб?

— ГьабсагIаталда сунда тIад мун хIал­тIулев вугев?
— Гьаб гIагараб заманалда къва­тIибе бачIине буго некIсиял цIи­ра­гьарал документалги, архивазул материалалги кьочIое росун, МухIамад ШейхмухIамадовасгун цадахъ XVIII гIасруялъул магIарулазул тарих хъвараб тIехь. Хъван рагIалде бахъу­неб буго магIарул нуцалзабазул хIакъалъулъ тIехьги.
Дица цIехон балагьана нуцалзабазул наслуялъул гIадамаз гIумру гьабулел росаби. Гьел руго Къеди, МелъелтIа, ГьоцIалъ, Гьандихъ, ГIандадерил росабалъ, Буртиналъ, Эрпели, Жунгуталда, Сивухъ (Хунзахъ район), Чачаналъ (гьезул ракьазулги гIураб къадар аваразул ханлъиялда гьоркьоб букIана), Турциялда (гьенире гочун арал мугьажирзабазда гьоркьор). Гьеб сияхI тIубараб гьечIо, жеги цIех-рех гьабизе буго.

— Кин гьедин нуцалзабазул наслу батIи-батIиял бакIазде ккарал?
— Нуцалзабазул лъимал, наслу гIураб мехалда гьел ритIулаан нуцаллъиялъул росабалъе, гьезие ракьги бакIалги рихьизарун. Гьелги думалъго гьенир чIолаан.