МочIохъ хIор ва жакъасеб хIакъикъат

 
1963 соналъ, 205 га ракьулги ччукIун, лъа­ралда цебе гьебги чIун, лъугьана МочIохъ хIор. Гьелъул халалъи бащалъула 1600 метралда, гIеблъи ­ 600 метралда. ХIор лъугьун нахъисеб соналъ гьенибе ГIанди хIорихъа биччан букIана форель ччугIа. Форель кутакалда рекъон ккана гьениб, ункъо-­щуго соналдасан гьеб цIакъго гIемерлъана ва цо­-цо форелалъул цIайи 4­5 килограммалдегицин ба­хунаан. 1975 соналда ккун букIана форель жиндир цIайи 8 килограммгун 300 грамм бугебги.
 
 
 
Сонал анагIан, гьоркьо­гьоркьоб гIадамаз балъго ккуниги (гьеб колхозалъ хъаравул­ги тун цIунун букIана) ччугIа кутакалда гIемерлъулеб букIана. Амма, араб гIасруялъул 80­абилел соназул байбихьуда, ччугIа тIубанго хвезе лъугьана. Гьелъие гIилла заманалдасан лъана. ХIоралда тIадехун рахъалда букIана колхозалъул ферма ва гьеб соналъ гIиял рехъ­ен чурараб креолиналъул лъамалъи хIоринибе биччан буго. Гьелъул хIасилалда форель­ги тIубанго тIагIана. Гьелдаса хадуб 4­5 сон индал хIориниб херги баккун, хIор тIубанго хьуцIалде сверулеб букIана. Доб мехалъ кол­хозалъул председательлъун вукIарав муна­
гьал чураяв МухIамадов Исламица Тарумовка районалъул Юрковка росдал ччугIил колхо­залдасаги босун гьенибе биччана сазан, карп, толстолобик, хъахIаб амур, карась. Биччан лъабабилеб соналдего ччугIбуз лъелъ бижун букIараб хер кванан, хIор бацIцIад гьабуна. 
 
 
 
Биххана улка, колхоз, хIорил тIалаб гьабулев чиги вахъинчIо. 1992 соналдаса хадуб байбихьана жигаралда хIориниса ччугIа кквезе. ГьабичIо гIадамаз гьелдаги гIей, байбихьана ччугIа кьвагьизе, амма бищунго аслияб тушман — «Электроудочка» хIалтIизабизе байбихьана МочIохъ хIорихъ 2000 соналдаса хадуб хIухьбахъи гьабизеян рачIаразул цо-цояз. ГьабсагIаталда хIоралъул буго балагьидал ракI унтулеб хIал. ЧчугIа дагьлъун букIиналъул хIасилалда 
хIор хьуцIалде сверизе рес буго. Абула мачIхъадерил хIор бугила цо-цо чиновниказул чванта понцIозабулеб хазина. Ахираб 7-8 соналда жаниб гьенир батIи-батIиял хIалтIаби гьаризеян миллионал риччан ругилан. Кепкил багьаяб хIалтIи киданиги гьабичIо ва гьабизе бугищалиги лъаларо. Бищунго пайдаяб хIалтIи букIинаан гьанибе 15-20 азарго форелалъул гIиссинаб ччугIа биччани. ЩвечIо гьелъие спонсорги. 2010 соналъул маялда МочIохъ росдал тIабигIат ва рухIчIаголъаби лъазаризе, Москваялъул Северцевасул институталъул ва МахIачхъалаялъул биоресурсалъул институталъул экспедициягун цадахъ вачIарав Германиялъул гIалимчи Питер Фрицшеца хIорил хIакъикъат бициндал, гьаричIониги, жинцаго рагIи кьун букIана форель биччаялъе кумек хIисабалда 100 000 гъурущ кьезе. Гьелдаса хадуб Дагъистаналда хIалуцараб ахIвал-хIал бугинги абун, Питер Фрицшее изну кьечIо республикаялде вачIине. Росдал магIишаталъул министрлъун вукIарав Амиров Сатмарицаги рагIи кьун букIана хIоринибе ччугIа биччаялъе квербакъи 
гьабилин абун. Амма гьебги гIумруялде бахъинчIо. 
 
 
 
Гьанже щиб хIалха бугеб? 
 
 
 
Гьале ахирияб 3-4 соналъ МочIохъ хIорихъе хIухьбахъи гьабизе ва тIабигIаталъул берцинлъи бихьизе рачIине лъугьана Россиялъул батIи-батIиял бакIаздаса ва къватIисел улкабаздаса туристал. Гьел рачIиналъе аслияб гIиллалъун лъугьана росуцояз гьел къабул гьаризе шартIал гIуцIиги ва социалиял гьиназда хIорилги гьениб гьабулеб хIухьбахъиялъулги гIемерал баянал лъейги. Араб соналъ росдал гIадамазе администрациялъ кьуна хIорил рагIалда ракьал. Кинабниги 50-гIанасев чияс гьенир разе байбихьана, цо-цояз ранги руго, туристазе хIажатал шартIал чIезарулел бакIал. Руго гьенир кваналел, кофе гьекъолел бакIал. Бачана хIорил рагIалде ток, лъим, бан лъугIулеб буго какал ралеб рукъ. Росана катамаранал, конькаби, квадроциклал. Гьединго рачIаразул машинаби чIезе нижерго ракьалда гьарун руго майданал, рищни-къул жанибе базе лъун 
руго къалал. ЧIезабун буго хасаб машина гьеб рищни-къул нахъе баччизеги. Гьеб киналъего росдал гIадамаз харж гьабуна 40-45 миллион гъурущ. ЩвечIо хIукуматалдаса цо гъурущ, щвезеги гьеб захIмат буго. Гьелда хадуб гIемер чиясул кIал-бер букIуна. ЦохIо дирго хIакъалъулъ абуни, дица тури-
стал къабул гьаризе байбихьана лъабго соналъ цебе. Гьезие шартIал гIуцIиялъе харж гьабуна лъабго миллион гъурущ, босизе ккана кредит. БакI-бакIалда хъван букIуна хIукуматалъул кумекалдалъун Дагъистаналда кибалиго цех яги завод рагьанилан ва 25-30 чиясе хIалтIизе бакI щванин. Нижеца, мачIхъадерил жамагIаталъ, нижерго къуваталдалъун рагьун буго хIорил рагIалда 50 чиясе хIалтIизе бакI, хIукуматалдаги хъвачIого. Бокьилаан нижее квекIенал гьаричIого тезе. 
 
 
 
РахIат хвезабулеб масъала 
 
 
 
Гьанже МочIохъ хIорихъе туристал рачIине лъугьараб мехалъ, цо-цо бизнесменазги батIи-батIиял идарабазги чан къан буго нижер хIоралде. Хасго рахIат хвезабула гьеб хIор жидер къайимлъиялда бугин абун ТIабигIат цIуниялъул ва экологиялъул министерство чIеялъ. ХIор лъугьана 1963 соналда. Гьелдаса нахъе хIорил сипат цIуниялъе гьеб министерствоялъ щибго гьабичIо. Кагътида гьабун батизеги бегьула. ХIор лъугьаралдаса нахъе росдал школалъул лъималаз щибаб ихдалги хасалихъеги бакIарана хIоралда сверун букIараб рищни-къул. I984 соналда хIорихъ форель хвараб мехалда, 
цониги чи гьениса, гьелъул ургъел гьабун ваккичIо МочIохъе. Амма гъоркьиса декабралда рехсараб министерствоялдасайинги абун, кIигояв вачIана жидеца щивав туристасухъа I00 гъурущ бакIаризе бугин лъазабизе. Щай? Сундуе гIоло? Гьеб сурараб иш гьабиялъе гьел рес къотIиялъдай тIамурал? 
Дагъистаналде вачIарав гьоболасухъа гIарац боси рекъечIеб жо ккеларищ? 2000 соналда Росдал магIишаталъул министерствоялъул сайталда лъун букIараб программаялда хъван букIана гIадамаз хIухьбахъи гьабулел хIоразухъе ччугIа биччазе бугилан. Дица хъвана гьенибе ва гьелдаса хадуб жакъа къоялде щвезегIанги хъвалебги буго Дагъистаналъул БетIерасухъе, хIукуматалде, хIатта Путинихъегицин, МочIохъ хIорихъе форель ччугIил тIанчIи  
риччаялъе квербакъи гьабеян. Пайда щиб, хIасил кколеб гьечIо. Амма жеги хьул буго Дагъистаналъул хIукуматалъ, ресги батун, МочIохъ хIорихъе 15-20 азарго форелалъул тIинчI биччаялъе квербакъи гьабилин абураб.
 
 
 
ДРялъул хIукуматалъул бетIерлъун вукIарав ГIамирханов ГIабдулпатахI МочIохъ хIорихъе вачIиндал, дун гьевгун дандчIвана. Бицана бугеб хIакъикъат. Кутакалда кIвар кьун дихъги гIенеккун, гьес рагIи кьун букIана гьеб иш рагIалде бахъинабизе. Амма гьелдаса хадуб мехго иналде, гьев батIияб хIалтIуде ана. МачIхъадерил жамагIаталъ кIудияб жигар бахъулеб буго туристал берцинго къабул гьаризе. ГIицIго гьари буго бизнесменалилан абулел чванта бицатаздеги, нижер хIоралде чан къан ругел чиновниказдеги — гьаруге нижее квекIенал. Те нижер умумузул ракь нижецаго хIалтIизабизе, законалда кин батаниги нилъ бусурбабилъидал. 
 
 
 
Ахиралдаги, МочIохъ росдал школалда 45 соналъ учительлъун хIалтIарав мунагьал чураяв Мажидов ХIасанхIосенил, гьаб хIор лъугьиндал хъварал кочIол мухъал рехсезе бокьун буго.
 
 
Дунго жанив гIураб гIумрудул гьулак
ГIажаибго берцин бихьула МочIохъ.
Иццул лъим гьуинаб, гьава бацIцIадаб,
Сверухълъи бахилаб росу буго дир.
ТIабигIатги ургъун, Аллагьас кьураб,
Форелал лъедолеб хIор буго МочIохъ.
Сапаралъ рахъарал хIанчIазул тIелаз,
ХIалхьи гьабичIого толаро гьаниб.
Нижер умумузул аби батана
Гьанир гIехьелдерил кулал рукIанин.
Анкьго цIаракиялъ гIумру гьабулеб,
Росдалго кIудиял рукIанин гьанир.
Чадий ролъ гьуинаб, гьанги кьарияб
Бечелъи цIикIкIараб ракь буго МочIохъ.
Дир рекIел анищал жанир тIегьараб,
ТIогьол квацIи гIадаб росу буго дир.
 
 
 
Сурат — Мухтар ХIажидадаевасул