ЦIуне тIабигIаталъул гьайбатлъи!

 

  ДФИЦалъул Каспиялда цебе бугеб Биологиял сурсатазул институталъул Ракьулгун хурдузул лабораториялъул нухмалъулев, биологиял гIелмабазул кандидат, доцент, ДРялъул ТIабигIат цIуниялъул мустахIикъав хIалтIухъан Рамазан МуртазагIалиев ккола ЦIумада районалъул Гъоркь Гьаквари росулъа. Эбел – медицинаялъул хIалтIухъан, акушерка, эмен – шофер. Эбел-эмен хIалтIулел рукIана райцентралда, Агъвали росулъ.  28 сон барав Рамазаница цIунана биологиял гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация.

 

  Росдал школаги лъугIизабун, Рамазан цIализе лъугьана ДГУялъул биологиялъул факультеталде. Эбелалъе бокьун букIана гьев тохтурлъун вахъине – гьелъул мурад тIубазе гъираялда, кIицIул хIалбихьана мединституталде лъугьине. Амма гIурус мацIалъул экзаменалъ гъоркье рехана.

Университеталда цIалулаго Рамазаница тIаса бищана ботаника. «Бокьун букIана экологиялъул махщелчилъун вахъине, амма ракIалъ цIана ботаникаялде», — ян ракIалде щвезабуна гьес.

    Дипломалъул хIалтIи хъвалаго, хIукму гьабуна аспирантураялда цIализе. Лъай-хъвай гьабуна МГУялъул профессор, РАНалъул член-корр. Вадим Тихомировасулгун. ТIоцебесеб курсалдаго тIаса бищун букIана гIелмиял цIех-рехазе темаги – «Богоссалъул хурдузул цIех-рех гьаби». Богоссалъул щобазда рижулел хурдул лъазаризе гIемер хьвадана Рамазан. Гьесул дипломалъул хIалтIулъ рехсон буго Шамил, ЛъаратIа, БежтIа, ЦIунтIа ва ЦIумада районазда рижулел хурдузул 1200 тайпаялъул цIар. Бицунеб буго гьезул хIакъалъулъги. Щуабилеб курсалда, дипломалда тIад хIалтIизе кьураб заманалда, гьев ана Москваялде, дандчIвана В. Тихомировгун, бихьизабуна гьесда дипломалъул хIалтIи. Гьесго къотIи гьабуна аспирантураялда гIолохъанав гIалимчиясе бакI теялъул хIакъалъулъги.

Амма риидал В. Тихомиров хвана, ва Рамазан цIализе лъугьине ккана ДНЦялъул аспирантураялде. Хъвана ва цIунана МухIамадрасул Дибировасул нухмалъиялда гъоркь гIелмабазул кандидатлъиялъе диссертация ва хIалтIулев вуго ДФИЦалъул Каспиялда цебе бугеб Биологиял сурсатазул ва экологиялъул институталда.

 

— Рамазан, Богоссалда ва цогидал бакIазда рижулел хурдузда гьоркьоб кинаб батIалъи батараб? Ругищ гIицIго гьенир гурони дандчIваларел?

 

  — Богосс буго кIудияб габурлъи ва гьенирго рижулел хурдузда гьоркьобцин буго батIалъи. Гьеб бараб буго тIабигIиялгун гьава-бакъалъул шартIазда. Масала, Богосса­лъул борхалъудегIан гIагараб буго ЦIунтIа район. Гьенир рала бищун гIемер цIадал. Гьеб рикIкIуна бищунго регьел цIикIкIараб Дагъистаналъул бакIлъун. Болъихъ район рикIкIуна, гьелде данде ккун, ракъдаллъи гIемераблъун. Богоссалъул борхалъи гьениб бахуна 700 метралде, ЦIунтIайин абуни — 4100 метралде. Гьел шартIазда рекъараб бижула гьениб херги. Рохьал, харибакIал, кьураби ва хьуцIал – гьединал бакIазда рижулел хурдулги рукIуна батIи-батIиял. 

   ГIагарда ругел тIабигIиял бакIазда рижулел хурдузул релълъен-хъвай камуларо. Гьединлъидал ратула батIи-батIиял бакIазда рижулел цогоял хурдулги. Ратула къанагIаталги, гIицIго пуланаб бакIалъе хасияталги. Масала, ЦIунтIа районалда гурони бижуларо «лещина древовидная» абураб тайпаялъул цIулакьодул гъутIби. Базаралда бичулеб парс-цIулакьоялъул букIуна тIеренаб хъал, гьеб гIезабула ахикь. ЦIунтIа руго парс-цIулакьодул рохьал, ай гьеб жибго бижула. Руго гIицIго Богосс габурлъиялда рижулел хурдул: астрагал – Болъихъ районалда, сурепка – БежтIа участокалда, гвоздика тляратинская – ЛъаратIа районалъул КIособ росдада гIагарлъухъ; 1970-абилел соназда Богоссалда, мухIканго абуни, ЦIунтIа районалда, батана Вероника Богосская абураб тIегь – 3000 метралъул борхалъуда бижула гьеб. Хадуб гьеб батана ЦIумада районалъулги Чачаналъулги гIорхъода ва Чачаналдаги. Гьединал хурдузда абула локалиял эндемикалин абун.

 

— КъанагIатал хурдул тIагIиналъул хIинкъи бугищ?

 

  — Буго. Масала, кIосдерил щобазда бижула къанагIатаб гвоздика. Нагагь нух гIатIид гьабизеян гIадамал лъугьани, рехсараб тайпаялъул гвоздика тIубанго тIагIиналъул хIинкъи буго. ЭхедегIанги бижулеб батила гьеб, амма къадарниги дагьлъичIого хутIиларо.

КъанагIатал хурдул цIуниялъул мурадалда ва ДРялъул ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министерствоялъул тIадкъаялда рекъон, нижеца хIадурана ва гъоркьиса басмаялде бахъана «Дагъистаналъул БагIараб тIехь», гьелъул редакторазул цоявлъунги ккола дун. Аслияб масъала буго къанагIатал ва «БагIараб тIехьалда» хъварал хурдузулги тIугьдузулги цIарал бакIалъул халкъалда лъангутIи. ДРялъул ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министерствоялъ районазда ругел жидерго идарабазул кумекалдалъун гьабизе ккола гьеб рахъалъ хIалтIи.

 

— Чан тIехь ва гIелмияб макъала бахъараб дур?

 

— ГIаммаб къадаралда – 200-гIанасеб. Гьезда гьоркьор руго 17 монография ва цогидал авторазда цадахъ хъварал тIахьал.

 

— ТIахьал рахъизе рес кин батараб?

 

  — «БагIараб тIехь» бахъана рехсараб министерствоялъул харжалъухъ. Руго Дагъистаналъул заповедникалъ кумек гьабун рахъаралги.

 

— Исана хасало ахIи бахъун букIана ЛъаратIа районалда гIал­хул дугIнулги, багIнасалги, чун­дулги холел ругин абун. Щиб букIине бегьулеб гьелъие гIиллалъун?

 

   — ГIалхул хIайваназул рукIуна, рукъалъул боцIулго гIадин, батIи-батIиял унтаби. Гьел рахине бегьула рукъалъул хIайваназдеги. Гьеб тIабигIияб иш буго, ахIи базе ккараб хIалги гьениб букIунаро. Россиялда руго гIалхул хIайваназул къадар цIуниялъул мурадалда, унтарал ва квачI-бох бекарал жанаварал сахлъизарулел хасал централ. Дагъистаналда хIалбихьун букIана тюленал цIунулеб гьединаб центр рагьизе, амма гьелъул хIасил  жеги ккечIо.

 

— Дида бицана мун къватIисел улкабазда сапаразда гIемер вукIанин абун…

 

   — ХIакъикъаталдаги, дун щвана гIемерал улкабазде – гIелмиял дандеруссиназда гIахьаллъизе, пуланаб темаялда тIад хIалтIулаго, магIишатияб къотIиялда рекъон хIалтIизеги. Масала, ахирисеб сапар букIана декабралда Колумбиялде – Москваялъул экотуризмалъул фирмаялъулгун гьабураб къотIиялда рекъон. Фирмаялъул руго тропиказда ругел улкабазде сапарал гьариялъул маршрутал – хIисабалде росула сапаралда рукIаго дандчIвалел къанагIатал хурдул, гъутIби, хIайванал, тIабигIиялгун архитектуриял памятникал ва гь.ц. Гьеб фирмаялъул тIадкъай тIубазе дун щвана Югалъулаб Африкаялде: Зимбабвеялде, Замбиялде, Ботсванаялде ва хIадурана Югалъулаб Африкаялъул хурдузухъ балагьизе рес кьолеб цIияб маршрут. Югалъулаб Африка рикIкIуна, хурдузул рахъалъ хасаб ханлъун, ай Капское царство. Кинабниги буго анлъго царство. Гьезда гьоркьоб Капское царствоялъул флора буго гIажаибго берцинаб ва тайпабазул рахъалъ бечедаб.

Гьеб маршруталда туристасе пайдаяб кинаб гъветI-хер бугебали баян гьаби букIана дир сапаралъул аслияб мурад.

 

— Дуца 20 соналъ дарсал кьолел руго медуниверситеталда. Абитуриентазул лъаялъулъ батIалъи халлъулеб бугищ?

 

   — Медуниверситеталде цIализе гIемер рачIуна тIокIлъиялда школа лъугIизабурал гIолилал. Группаялда 5-6 студент вукIуна багIараб дипломалде гъирагун цIалулев. Гьоркьохъеб хIисаб гьабуни, студентазул лъай загIиплъун буго 20 соналъ цебе букIаралдаса. Амма цIализе гъира бугел студентал кидаго рукIана. Гьанжесел студентаз хIалтIизарула гаджетал, Интернет, хисана лъай кьеялъул къагIидаби, студентазул хIадурлъиялде рукIарал тIалабал. Студентаз хIаракат гьабула лъай щолеб къагIида бигьалъизабизе – телефоналдаса ва цогидал гаджетаздаса пайдаги босун.

 

— Хисана лъай кьеялъул къагIидаби. Гьезул пайда бугищ, дур пикруялда?

 

  — Гьелъул пайдаялъул хIасил гьабун бажарила гIицIго кIиябго системаялда хIалтIарав чиясухъа. Дир пикруялда, Болоналъул конвенция къабул гьабиялъ кьучIдасанго биххизабуна советияб заманалъул лъай кьей. Щиб лъалеб, гьелда хъвачIого тарабани, хIасилал лъикIал ккезеги рес букIун батила. Хьул буго гьел хиса-басиял гьарияздаса ракIги бухIун, инкар гьабиялдеги. Масала, цебе гIелмиял центразухъ букIараб аспирантура кьуна тIадегIанаб лъай кьеялъухъе. Дагь-дагьккун аспирантура тIад буссинабулеб буго букIарабго бакIалде.

 

Гара-чIвари гьабуна Кавсарат Сулеймановалъ.