Холеб буго мугIрул чан…

 

 

   Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана ЛъаратIа районалда бугеб заказникалда мугIрул бисал холел рукIиналъул хIакъалъулъ суал.

  Гьениб бицухъе, гIансиял тIеялда хIинкъи бугеб ахIвал-хIалги букIун буго гьеб мехалда заказникалда сверухъ. Амма гьебищ гьелъие гIилла яги кинаб бугониги унти тIибитIийищали жеги мухIканго абизе кIоларо.

  Гьезул, ай хварал бисазул къадарги цин 60, цинги гьелдасаги цIикIкIун бугин хъвалеб буго социалиял гьиназдаги. 

  Гьединго Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Султан ХIамзаевас ДРялъул прокуратураялде битIун буго «БагIараб ТIехьалде» росарал мугIрул бисал ЛъаратIа районалда хвеялда хурхун цIех-рех гьабеян хъвараб гIарза. 

  Амма гьел бисал «БагIараб ТIехьалде» росун гьечIин мухIкан гьабуна нижергун букIараб гара-чIвариялда ЛъаратIа заказникалъул кIудияв инспектор Бадрудин Мусаевас. Жибго заказникалда гьезул къадар лъабазарго, тIолабго республикаялда абуни 15 азарго бугилан бицана гьес. БукIаниги, цадахъго гьебгощинаб къадар бисазул хвеялъ рахIатхвезабулеб буго гIадамазул.

— Бадрудин, дур хIисабалда, бисал хвеялъе гIилла щиб букIине бегьулеб?

     — ЦIоралдаса бахараб унтиян тола дица гьеб. Гьедин гIадамалги холелъулха. Унтула, загIиплъула. Гьебго жо хIайваназулги букIинарищха. Хасало гIонсокье ккунги хола гьел. Бугониги, гьадин цадахъго, кIудияб къадаралда бисал хвеялъул хIужа букIинчIо нижер доба.  

      Бисал гурони, цогидал хIайванал хун ратичIо. Масала, багIнасалги руго, ритIучIалги руго (гьезул гIемерисел хасел тIамизе ЦIоралдеги уна). Къамилухъ дир гьудуласул руго гIиялъажал. Гьесги абуна гьезие щибго къварилъи гьечIилан.

        Хасало бацIаз чIвачIогоги хутIуларо бисал. Гьедин чIварал жал ратилин тун рукIана тIоцере нижеца гьелги. Бащдал бацIаз тIутIун, хIанчIаз кванан ругоан гьел. Хадусеб къоялъги ана балагьизе. Гьеб мехалдаги тIутIураб ункъо бис батана. Амма бацIаз чIванищ гьел хварал яги унтунищали лъазе кIвечIо. Лъабабилеб февралалдаги хвараб 14 бисалде тIаде ккана ниж. Амма гьезда бацIил кIал хъван яги гулла щун гьечIоан. ХIанчIазги тIутIурал бакIалги рукIинчIо. Риххел щун букIараб къагIидаха бисазде – гьезда аскIоса гIебеде ратана риххалил мухъал.

       Гьеб мехалда тIубанго щаклъизе бачIана цощина унтигицин тIибитIун гьечIодай абун. Гьединлъидал нижеца гьелъул хIакъалъулъ хехаб куцалда лъазабуна МахIачхъалаялде, нижерго заповедникалъул нухмалъиялде (ФГБУ «Государственный заповед­ник «Дагестанский»). Гьенисан ритIун рачIана ветеринаралги оперативияб къокъаги. Гьез ва нижерго заказникалъул инспектораз росана хварал бисазул анализал. Россельхознадзоралде ритIун ана гьел. Гьенисан Владимир шагьаралда бугеб лабораториялдеги ун руго — щибаб лагаялдаса цо-цо кесек.

    Ветеринараз нижедаги сверухъ ругел росабазул гIадамаздаги лъазабуна бисал хвеялъе гIилла лъазабизегIан, вореги, гьезда аскIоре къагейин. Нагагь бахунеб унти батизеги рес бугелъулха. 

      Дида байбихьуда халлъана цо загIипаб бис. ЧIаралъубго хутIун букIана гьеб. Амма букIаниги, анцIго метралъул манзилалъ дун аскIове виччачIо гьелъ. КIкIалахъе тIурун ана. Ахирги гьеб бацIица чIвалеблъи лъан букIана дида. Гьедин чIванги батана нахъисеб къоялъ. Хадуб жеги лъабго бисги бихьана дагьаб тIадегIан. 

      Сахаб мехалда гIадамасухъе кквезе чIолел жал рукIунаро бисал, кутакалда тириял жал рукIуна. Ралъдал гьумералдаса кIиазарго метралъ тIадехун бугеб бакIалда гурони гъоб чIоларо.

     Гьанже гьел хвеялъе гIилла загьирлъичIого, нилъеца гьел бисазе гьабизе бегьулеб кумекги гьечIо. Кьурабалъги хъитIазулъги рукIунел гьел кквезеги ккун укол гьабизе, дару кьезе санагIалъиги гьечIо, рукъалъул хIайванал гурелъулха гьел. ГIицIго рии-риидал гьел хIайваназе кьолеб хасаб цIам букIуна нижер, батIи-батIиял унтабазда данде чIараб даруги гъорлъ бугеб.

— Цереккун рукIанищ гьединал хIужаби?

     — ЛъаратIа рукIинчIо. 2018 соналда Къурущ росулъги, 2014 соналда Закаталаялдаги рукIанилан рагIана. ГьабсагIаталда нижер доба тIубараб заказникалда жанибги гьечIо гьеб унти. Буго тIасияб участокалда, ЦIоралъулгун гIорхъода. Гуржиязулгун гIорхъода гъоб гьечIо. ЧIарада рахъалдехунги гьечIо – кIиго-лъабго къоялъ халгьабуна гъобаги.

— Ахираб заманалда нилъер гьанир гьел бисал гIемерлъулелищ ругел, дагьлъулелищ?

    — ГIемерлъун руго гьел. Дун заказникалда хIалтIизе лъугьараб мехалда 1800 бетIер букIана гьезул. ГьабсагIаталда лъабазаргоялдаса цIикIкIун буго.

Федералияб заказник букIиналда бан, ЛъаратIа гьукъун буго бисазде чан гьабизе, амма Дагъистаналда цогидал бакIазда гьелъие изну кьун буго. Республикаялда буго 15 азарго бис.

— Кин гьел рикIкIун бажарулеб?

    — МахIачхъалаялдаса, Нальчикалдаса, Майкопалдаса гIелмиял хIалтIухъаби ритIун рачIуна гьел рикIкIине. Видеокамерабиги аппараталги росун, цо-цо кIкIалахъе чанго чиги ун, суратал рахъун, хадуб компьютералдасан хIисаб гьабула хIайваназул къадар кигIан бугебали.

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIажиевалъ.