Борхалъи цIунана къвекIаб ЦIудуца

Абу-Дабиялда, РечIчIухъабазул чIинкIиллъиялда, тIобитIараб UFC 254 турниралда «Дагъистаналъул ЦIум» ХIабиб НурмухIамадов дандчIвана СШАялдаса спортсмен Джастин Гэтжигун. Гьеб букIана нилъер речIчIухъанас рехсараб гIуцIиялъул рачел лъабабилеб нухалдаги цIуниялъул къеркьей.

Октагоналъул нуцIби къайги ХIабибица дандиясде гьужумал гьаризе байбихьиги цо ккана. ТIоцебесеб раундалъул ахиралде щвезегIан
спортсменал къеркьана эхетун. Киназдаго лъала гугаризе ХIабибиде вахарав речIчIухъан UFCялда гьечIеблъи, амма эхетун вагъунги гьес Гэтжи къезавилилан лъидаго ракIалде ккун букIун батиларо. Чанго нухалъ гьесул гьурмалъ зарги щвезабун, НурмухIамадовас Джастин октагоналъул чIарбида лъуна ва хIалбихьана гъеж бекулеб прием гьабизе. Гэтжил талихI ккана ва гьеб заманалда тIоцебесеб раунд лъугIана.
КIиабилеб раундалдаги гIодов лъуна ХIабибица америкаялъулав. Гьаб нухалъ дагъистанияс дандиясе гьабуна гъанкъулеб прием. Гьелдаса ворчIизе кIвечIев Джастин лъавудасацин ана. Гьеб лахIзаталъ судияс спортсменал ратIа гьаруна ва…

Эмен, мун вукIина
пикрабалъ цадахъ

Бергьараб заманалда ХIабибида цеве вачIун ватиларищха эмен ГIабдулманап. РакIалде щун батила гьес, кверги ккун, живго спорталде вачараб къо, гьеб даражаялде вахинегIан гьарурал малъа-хъваял, насихIатал. Гьедин, лъабабилебги нухалъ UFCялъул рачелги цIунун, Дагъистаналъул ЦIудуца лъазабуна жинца профессионалияб спорта-лъулгун къо-лъикI гьабулеб бугин. Эбелалъе къабуллъулеб гьечIин жив эмен аскIов гьечIого цеве вахъинеян лъазабуна спортсменас.
«Аллагьас хъвавухъе букIуна кинабго. АлхIамдулиЛлагь, жакъасеб бергьенлъиялъухъ. Баркала буго гIемерал соназ дида ва дир инсуда цадахъ гьаб халатаб, захIматаб нух нахъа тарал гьудулзабазе, командаялъе, тренер Хавьер Мендесие. Гьединго баркала буго, гьаб даражаялда къеркьезе рес кьураб UFC гIуцIиялъе, гьелъул президент Дана Уайтие. Гьалдалъун дица спорталъулгун къо-лъикI гьабулеб буго. Дун Джастингун къеркьезецин бокьун букIинчIо эбелалъе. Гьалдаса хадуб тIокIалъ октагоналде вахъинарин абун букIана дица гьелда. Эбелалъе кьураб рагIуе дун хилиплъуларо. Гьанжеялдаса микьго соналъ цебе, ай 2012 соналда тIоцебе UFCялъул турниралда цеве вахъиндал щивго божун вукIун ватиларо ахир гьадинаб ккелилан. Сон вацас абуна интернеталда бищунго цIикIкIун рехсолеб цIар ХIабибил бихьизабулеб бугин. Гьаб захIматаб гьир баччизе диде тIаде ккелин ракIалдецин кколароан. Нужер эбел-эмен ратани, гьезда аскIоб тIаме цIикIкIун заман, гьабе адаб-хIурмат», — ан абуна НурмухIамадовас. Бергьенлъиги гьес сайгъат гьабуна мунагьал чураяв инсуе.
Турнир лъугIун хадуб букIараб пресс-конференциялда UFCялъул президент Дана Уайтица абуна: «ХIабиб вуго кутакалда къуватав ва къвакIарав спортсмен. Гьеб гьедин букIин нилъеда жакъалъизегIанги лъалаан. Амма, эхетун вагъизеги гьесул бергьараб гьунар букIин гьанже гурого лъачIо. РекIее бокьухъе вагъулев вукIана гьев Гэтжигун. Цо-цо мехалъ Джастинида ракI гурхIизецин бачIунеб букIана. НурмухIамадов UFCялъул турниразда жеги цониги раундалда къечIо. Гьединал хIасилал рихьизаризе бокьа-бокьарасухъа бажаруларо. Гьединлъидал, ХIабиб дица рикIкIуна ММАялъул рахъалъ бищунго къуватав спортсменлъун. РакI къварилъана гьес спорталъулгун къо-лъикI гьабулеб бугин абидал. Бокьилароан чемпион лигаялдаса нахъе ине. Ахирисеб къеркьеялде вахъунелъул гьесул хIатIил килщал рекун рукIун руго. Гьедин бицана дие ХIабибил секундантаз. Профессионалияб спорт буго цIакъ захIматаб жо. Гьелда сакъатал камуларо, гьебго заманалда, захIмат-гIакъуба бихьула килограммал тIаса рехулагоги. ХIабиб дида жегиги вихьичIо. Хадуб бицина нижеца гьесул хIукмуялъул, дандбала гьабизесеб».

ГьитIинаб Дагъистаналдаса кIудияв ХIабиб

Лъидаго къезавизе кIвечIев, къуватав, къвакIарав, гьунар тIокIав — гьединал эпитетаз цIун руго социалиял гьинал. Бищунго лъикIав абураб рагIуе синонимал ралагьулезда гьоркьоб къецал унел ругеб хIисаб буго интернеталда. ГIадатиял гIадамаздаса байбихьун машгьурал спортсменазде щвезегIан ХIабиб НурмухIамадовасул бергьенлъия-лъул бицунарев чиго ватиларо. Гъоркьехун кьолел руго цо-цоязул пикраби ва баркиял.
Даниэль Кормье — UFCялъул
экс-чемпион

Баркула UFCялъул тарихалда бищунго къуватав речIчIухъан ва дир вац ХIабиб НурмухIамадовасда бергьенлъи. Рехсараб гIуцIиялда гьесул гIадинаб гвангъараб карьера (хIасил) цониги спортсменасул букIинчIо. 29-0. Гьелда сверухъ дагIба базе бакIго гьечIо. ЧIухIарав вуго мун лъалев вукIиналдаса, дир гьитIинав вац.

Мэнни Пакьяо — профессионалияб боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпион

Дун вуго ХIабиб НурмухIама-довасул фанат. Гьалгощинал соназ гьесда хадуб халкквезе щвей букIана рохеллъун. Эбел-инсул адаб-хIурмат гьабизе кколеб къагIидаялъул мисал бихьизабуна дуца дунялалъулго халкъалда. Баркала, чемпион, кина-лъухъго!

Джордж Сент-Пьер — UFCялъул
экс-чемпион

Спорталъул тIогьиве вахиндал гьелъулгун къо-лъикI гьабизе кIвей бахIарчилъи ккола. Дун мукIурав вуго ХIабибил гьунаралъе. Джастин Гэтжигун къеркьолелъул бихьизабуна гьес унго-унгояб къуват. Гьединав НурмухIамадов цевеккун лъалев вукIинчIо. Гьесул гIадинаб карьера ккола бокьарав спортсменасул анищ.

Александр Шлеменко — Bellator гIуцIиялъул экс-чемпион

Россия, Дагъистан — киназдаго баркула ХIабибие щвараб бергьенлъи. Джастин гурев щив данде виччаниги къезавулаан НурмухIамадовас жакъа. Щайгурелъул, гьес бергьенлъи инсуе сайгъат гьабизе букIун. ГIабдулманапица абулаан ХIабибица профессоналияб спорталъулгун къо-лъикI 30 сон бараб мехалъ гьабизе бугин. Гьесул рухI бохун батила васасухъ балагьун.

Тарихалде ана НурмухIамадо-васулги UFCялъулги гьоркьоблъиялъул 12 сон. Дагъистаналъул ЦIудуца борхалъи босараб гьеб сапаралъул хIакъалъулъ дунялалъул спорталъул тарихалъул тIанчазда хъвала меседил хIарпаз. Жеги ХIабиб вуго гIолохъанго, гIумру буго цебе. Щиб лъалеб…
ХIабибил тренер Хавьер Мендесица абуна спортсменас хадубккун цIиял чемпионал куцазе жиндие кумек гьабизе бугин. Амма живго НурмухIамадовас ракIалда бугелъул хIакъалъулъ жеги халкъалъе загьир гьабичIо.
«ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ ракI-ракIалъ баркула ХIабиб НурмухIамадовасда щвараб къиматаб бергьенлъи. Россия, Дагъистан, магIаруллъи чIухIула дудаса.