ХIорлъарал хьулал

«Анжи» иргадулаб туралдаги къуна

 

Футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталъул 22-абилеб туралда МахIачхъалаялъул «Анжи» дандчIвана «Уфа» командагун. Турниралъулаб таб­ли­цаялъул рачIчIал­да ругел махIачхъалаялъулазе, хадусеб се­зо­нал­даги премьер-лигаялда хутIизе ккани, гьеб хIаялда чара гьечIого хIажат букIана бергьенлъи. Гьелде тIадеги, хадусел туразда дандчIвазе ругел командабаздаса «Уфа» загIипабги букIана. Амма хIаялъулин абуни «Анжиялъул» рахъкколезе бокьараб сурат букIинчIо, гьужумал цIикIкIун рукIана уфаялъулазул. Гьедин, 57-абилеб минуталда голги кьабуна майданалъул хважаинзабаз. 64-абилеб минуталда махIачхъалаялъулаздаги кIвана дандиязул каваби «рорлъизе». Гол кьабуна Лесканоца. Хадуб уфаялъулазги тIатIалаго кIиго гол кьабуна «Анжиялъе».
Абизе ккола, хIай унеб букIанин майданалъул хважаинзабазе бокьараб къагIидаялда. ТаргIида тIад кверщел махIачхъалаялъулаз гьабулеб букIаниги, гьужумал уфаялъулазул цIикIкIун рукIана. Кин букIаниги, хIаялъул ахиралда, ай 81-абилеб минуталда нилъеразухъа бажарана уфаялъулазе гол кьабун. ПалхIасил, 3:2 хIисабгун «Анжи» гьеб хIаялда къуна ва турниралъулаб таблицаялда 14-аби­лелдаса 15-абилеб бакIалде ккана. МахIачхъалаялъулаздаса хадуб буго гIицIго Хабаровскалъу­л «СКА Хабаровск» команда.
Хадусеб, ай 23-абилеб туралда «Анжиялъ» Анжи-Аренаялда къабул гьабизе буго Санкт-Петербургалъул «Тосно» команда.
Турниралъулаб таблица
1 Локомотив 22 49
2 Спартак 22 41
3 ЦСКА 22 41
4 Краснодар 22 40
5 Зенит 22 39
6 Уфа 22 31
7 Арсенал Тула 22 31
8 Рубин 22 27
9 Ахмат 22 26
10 Ростов 22 26
11 Урал 22 25
12 Динамо 22 24
13 Тосно 22 23
14 Амкар 22 22
15 Анжи 22 20
16 СКА Хабаровск 22 12

Нухал къалел руго
Майрбек Тайсумовасе Америкаялъул Цолъарал Штатазде
ине виза кьолеб гьечIо

Жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ цеве вахъунев Россиялдаса спортсмен Майрбек Тайсумов гIахьаллъизе ккола анкьабилеб апрелалда Нью-Йоркалда букIине бугеб UFCялъул иргадулаб турниралда. Амма, СШАялде ине виза щолеб гьечIолъиялда бан, гьесда ва американав Эван Дэномида гьоркьоб букIине букIараб къеркьей нахъе бахъизе бегьулин лъазабуна речIчIухъанасул промоутерас. Цебеккунги, Америкаялде ине виза щвечIолъиялда бан, UFCялъ Европаялъул пачалихъазда тIоритIулел турниразда гурого цеве вахъине рес щун букIинчIо Тайсумовасе. UFC гIуцIиялъейин абуни хIажат букIуна жиндирго мухъилъ ругел къуватал спортсменал Америкаялъу­л зрителазда цере рахъине. Щайгурелъул гьенир ругелъул рехсараб гIуцIиялъул бищунго цIикIкIарал фанаталги дунялалдаго турнирал рихьизарулел телеканалалги. Америкаялде нух къан буго Дагъистаналдаса машгьурав тренер ГIабдулманап НурмухIамадовасеги. ЧанцIул хIалбихьаниги, кьечIо гье­сие рехсараб пачалихъалде ине виза. Гьесул вас ХIабиб Нур­му­хIамадовги къеркьезе ккола анкьабилеб апрелалда Нью-Йоркалда букIине бугеб гьеб UFCялъул турниралда. Рехсараб гIуцIиялъул рачелалъе гIоло гьев дандчIвазе вуго американав Тони Фергюсонгун. ТIадагьаб цIайиялда цеве вахъунев Дагъистаналдаса цоги речIчIухъан Забид МухIамадшариповги гIахьаллъизе вуго гьебго турниралда.

50 соналъ халатбахъунеб бугеб гьудуллъи
МахIачхъалаялда тIобитIана АхIмадудин ГьитIинамухIамадовасул хIурматалда шашкабазул рахъалъ турнир

Родопалъул бульваралда, шахматазул павильоналда, тIобитIана Шамил районалъул ГьентIа росулъа АхIмадудин ГьитIинамухIамадовас 75 сон тIубаялъул хIурматалда шашкабазул рахъалъ турнир. АхIма­дудин ккола рехсараб спорти­вияб тайпаялъу­л рахъалъ СКФОялъул ва Дагъистаналъул чанго нухалъ чемпион. 50-ялдасаги цIикIкIун сон кьуна гьес бокьулеб хIаялъе. Родопалъул бульваралда тIоритIарал къецазул гIуцIарухъанлъун вукIана ДРялъул шашкабазул федерациялъул президент, Табасаран районалъул бетIер ГIалавудин Мирзабалаев. 30-ялде гIагарун спортсмен гIахьаллъараб турниралда бергьенлъи босана Гъарабудагъкенталдаса спорталъул мастерлъиялде кандидат МустIапа МухIамадовас, гьесие кьуна 5 азарго гъуруш. 2 бакI щвана Дербенталдаса спорталъул мастерлъиялде кандидат ГъазиахIмад ХIасратовасе (ункъазарго гъуруш) ва 3 бакIалде вачIана Каспийскалдаса Батирай Зулпукъаров (лъабазарго гъуруш). ГIарац гуребги бергьаразе ва призеразе кьуна грамотаби ва гIарцулал жетоналги. ЦIикIкIараб ригьалъул гIахьалчи хIисабалда шапакъат кьуна Батирай Зулпукъаровасеги бищунго гIолохъанав Сиражудин МухIамадовасеги.
Къецал лъугIун хадуб Дагъистаналда шашкаби хIай цебетIезаби мурадгун гIемерал соназ гьабураб хIалтIухъ ДРялъул шашкабазул федерациялъул рахъалдасан АхIамаду­дин ГьитIинамухIамадовасеги кьуна грамота, ханжар ва цогидалги къиматал шапакъаталги сайгъаталги.