Халкъиял къецал

Гьал къоязда МахIачхъалаялдаги Буйнакскиялдаги гьоркьоб бу­геб Атлибуюналъул свералабазда аскIоб тIобитIана, вузазул спорти­вияб фестиваль. Гьел къецал тIоритIиялъул аслияб мурад букIана сахлъи щула гьабулеб къагIидаялъ гIумру тIамизе, спорталъулгун гIадамаз бухьен щула гьаби ва гIолилал гъункизари.

 

 

Къецал тIоритIана гьал хадур рехсарал спортивиял тайпабазда гьоркьор:

  1. Гиря рехи.
  2. Гиря борхи.
  3. Турникалда цIай.
  4. 1000 метралъ рекери.
  5. ЧIараб бакIалдаса кIанцIи.
  6. Квар цIай.

 

Фестивалалъул хIурматиял гьалбаллъун рукIана: эркенаб гу­гариялъул рахъалъ Олимпиялъ­ул чемпион Сайпула Абсаидов, квержубараб рагъул рахъалъ ду­нялалъул чемпион МухIамадхан ХIамзатханов (Волк-Хан), тIада- гьаб атлетикаялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосел къецазул чемпион ХIайбула Арбулиев, ушу- саньдаялъул рахъалъ дунялалъул чемпион Мурад Ахадов, квержу­бараб рагъул рахъалъ дунялалъул чемпион МухIамад ЖабрагIилов, ММАялъул рахъалъ дунялалъул чемпион Мурад ГIабдулаев ва цо­гидалги. Гьединго, гьенире рачIун рукIана республикаялда ругел спортшколазул тренералги ва маш­гьурал спортсменалги.

 

Къецазул аслияв судиявлъун вукIана Атай ЖабрагIилов.

 

 

Лъималазул командаялда гьор­кьоб 1-себ бакI ккуна «Лидер» спортшколалъ. Квар цIаялъул къецазда дандчIвана кIиго къу­ватаб команда: МухIамадхан ХIамзатхановасулги ХIайбула Арбулиевасулги тIаса рища­рал спортсменазул кIиго къокъа. ХIалуцарал къецазда бергьана «Волк-Ханил» команда.

 

Гиря рехун 1-себ бакI ккуна ТIагьир ГIалиевас. Гиря борхун бергьана Шамил Таймасханов. Рекерун, кIанцIун ва турникалда цIан бергьана «Лидер» спортшко­лалъул вакилзаби.

 

ЧIор рикIкIаде рехиялъул рахъ­алъ мастер-класс бихьизабуна ХIайбула Арбулиевас.

 

 

Гьединго, гьес бицана тренер Атай ЖабрагIиловасул нухмалъ­иялда гъоркь, сентябрь моцIалда, Сочиялда тIобитIизе бугеб чемпи­онаталда гIахьаллъизе хIадурулев вукIиналъулги.

 

Аллагьас хъван батани, 32-аби­леб нухалъги чемпионлъун вахъи­не къасд бугин абуна ХIайбулаца.

 

— ГьабсагIаталда дун хIалтIулев вуго имам Шамилил цIар кьу­раб, Северияб Кавказалъул гу­манитарияб колледжалда, — ян бицана гьес «ХIакъикъаталъе». — Газета гьоркьобккун барка­ла кьезе бокьун буго колледж гIуцIарав Тавлу Казакбиевасе ва Жавид ХIажиахIмадовасе. Щи­баб нухалда республика бахун къватIир тIоритIулел къецазде дун нухарегIизеги, тIад вуссунелъул дандчIвай гьабизеги рачIуна гьел кIиялго. Гьединго, гIарцул рахъал­дасан кумекги гьабула гьез.

 

Гьал къоязда ХIайбулагьил гIумруялъул тIубана 71 сон. «ХIакъикъат» газеталъул кол­лективалъ баркула гьесда гьаву­раб къо ва гьарула бергьенлъабиги, гIолеб гIелалъе мисалияб куцалда сахаб гIумру тIамизе тавпикъги.