Аслияб масъала — яхI бугеллъун куцай

Дагьал церегIан къоязда ниж дандчIвана эркенаб гугариялъул рахъалъ гIолилазда гьоркьоб дунялалъул ва Европаялъул чемпион, Тажикистаналъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ Азиялъул чемпион, Халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер Шамил ГIалиевгун. Гьес гугаризе лъимал куцалел руго МахIачхъалаялъул ХIамид ХIамидовасул цIаралда бугеб спортивияб школалда.

 

Байбихьуда гьев хьвадулев вукIана дзюдоялъе ругьун гьавулеб секциялде. Хадуб, гьалмагъасул гIакълуги къабул гьабун, хьвадизе лъугьана эркенаб гугариялъул рахъалъ секциялде. Заман балелдего гьев вахъана гIолилазда гьоркьов цин Дагъистаналъул ва хадув Россиялъул чемпионлъун. Тренерлъи гьабизе байбихьана 2006 соналдаса нахъе. Волгоградалда тренерлъун хIалтIана щуго соналъ. Гьанже хIалтIулев вуго МахIачхъалаялда.

— Шамил, цо заманалда 76 кг цIайиялда мун вукIана Россиялъул тIаса бищараб командаялъул бищунго къуватал спортсменазул цоявлъун. ХIатта Бувайсар Сайтиевгицин къезавулаан дуца. РакIалда буго 2000 соналда Россиялъул чемпионаталда нужеда гьоркьоб букIараб къеркьей…

 

— Цо-цояз абулеб букIана доб къеркьеялда дун бергьанин. Амма судияз квер борхана Бувайсарил. Доб заманалда дун вукIана 18 сон барав гIолилав. ГъалатI ккана цудунго Россиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъе вачIин. БачIинахъего хIал ккезабичIого, дагьабги заманалъ лъадаризе кколаан гIолилазда гьоркьов.

 

 

– Дур гьитIинав вац Жамалги вукIана лъикIав гугарухъан. Гьесги цудунго тана спорт. Кив гьев вугев?

 

— Гьев спорталдаса кивего ун гьечIо, дида цадахъ гьабула тренерлъи. Чанго соналъ цере ниж ма- шинаялда цадахъ унаго авариялде ккун рукIана ва гьелдаса хадубги хIалбихьана Жамалица профессионалияб спорталде тIад вуссине. Амма мугъзагьодалъе ккараб сакъа- талъ квалквал гьабуна ва професси- оналияб спорталъулгун къо-лъикI гьабизе ккана.

 

 

— ХIамид ХIамидовасул цIаралда бугеб спортивияб школалда тренерлъи гьабулезе кинал шартIал чIезарун ругел?

 

— Жакъа гьеб рикIкIуна бищун лъикIаб школалъун. Аслияб къагIидаялда нижеца ругьун гьару- ла гIолилал. Гьезие чемпионаллъун рахъине хIажатабщинабги чIезабун буго. 15 тренерасдаса гIуцIараб коллективги буго.

 

 

— Олимпиялъул хIаял лъагIали- ца нахъ рахъиялъул хIакъалъулъ щиб абилеб? Нилъер гугарухъабазе лъикIищ ккезе бугеб, квешищ?

 

— ГIолохъанал гугарухъабазе лъикI ккезе буго. ЛъагIалил болжалалда жаниб гьезул рес буго жидерго бажари-гьунар бихьизабизе. Гьединго, сахлъиялъул рахъалъ гIузраби рукIаразеги рес буго Олимпиадаялде нух бахъизе.

 

 

— Тренерасда цебе чIараб масъала щиб кколеб? Ругьун гьарулел спортсменал чемпионаллъун рахъинарийищ, ялъуни…

 

— Бищун цебе гьезда бичIчIизабизе ккола гIумрудул магIна. Залалдаса къватIире гIакълу-лъайги гьечIел, лъикIабги-квешабги тIаса бищизе лъаларел чагIи риччалел ругони, ниж щал кколел? Кинаб ахIвал-хIалалде кканиги, гIадамаллъун хутIизе малъизе ккола тренерас.