ГIумар НурмухIамадов цеве вахъине бегьула 18 апрелалда СШАялъул Бруклиналда тIобитIизе бугеб UFC-249 турниралда

ХIабиб НурмухIамадовасул вацгIал ГIумар НурмухIамадов цеве вахъине бегьула 18 апрелалда СШАялъул Бруклиналда тIобитIизе бугеб UFC-249 турниралда. Гьедин лъазабуна Америкаялъул информациялъулал алатаз.

Амма НурмухIамадовазул социалиял гьиназда гьелъул хIакъалъулъ биценго гьабулеб гьечIо.
Рехсараб гIуцIиялъул турниразда ГIумарица гIахьаллъиго гьабун букIинчIо. ГьабсагIаталда дагъистанияв вуго Америкаялъул Сан-Хосеялда «АКА» клубалда ХIабибгун цадахъ ругьун гьавулев.
Бруклиналда букIине бугеб UFCялъул иргадулаб турниралъул аслияб къеркьеялда ХIабиб НурмухIамадов дандчIвазе вуго СШАялдаса Тони Фергюсонгун.