БахIарчиясул призалъе гIоло

Россиялъул БахIарчи Загьид Загьидовасул призалъе гIоло Гъуниб районалда тIобитIана шахматал хIаялъул рахъалъ къоабилеб (юбилеялъулаб) Дагъистаналъул чемпионат.

Нусгоялде гIагарун чи гIахьаллъараб гьелъул гIуцIарухъабилъун рукIана бакIалъулаб администрация ва Дагъистаналъул шахматазул федерация.
КIиго къоялъ халатрахъарал къецазда бергьенлъи босана МахIачхъалаялдаса МухIамад Рашидовас, кIиабилеб бакIалде вачIана ЦIияб Лак районалдаса Жогьар ШайхгIалиев ва лъабабилеб бакI ккуна МахIачхъалаялдаса Руслан ХIусеновас.
Лъималазда гьоркьоб тIобитIараб блиц-турниралъул чемпионаллъун рахъана Сулейман Рамазанов, Багьавудин Бутаев ва Пайзула МухIамадов.