Лъабго улкаялдаса ункъо дагъистанияв

Гьал къоязда эркенаб гугариялъул рахъалъ Рималда букIараб Европаялъул чемпионат Россиялъул речIчIухъабазе лъугьана унго-унгояб байрамлъун. Щайгурелъул, улкаялъул тIаса бищараб командаялъул цо-цо хIалбихьи бугел, къуватал спортсменалги ВатIаналдаго тун, тренераз гIолохъанал спортсменазе рес кьун букIиндалха континенталъул чемпионаталда гIахьаллъизе.

 

БачIинахъего абила, эркенаб гу­га­риялъул рахъалъ Европаялъу­л чемпионаллъун рахъана ункъо дагъистанияв. Гьелги ккола ГIаб­дулрашид Садулаев, Къурбан Шираев, Польшаялъул тIаса бищараб ко­мандаялда гъорлъ цеве вахъарав МухIамадмурад ХIажиев ва Беларусиялъул байрахъалда гъоркь цеве вахъарав МухIамадхIабиб Къади­мухIамадов.
Гьединаб даражаялъул турниразда тIоцере цере рахъунел рукIаниги, жидеде гьабураб божилъи улкаялъул тIаса бищараб командаялъул спорстменаз ритIухъ гьабуна. Бищунго рохизе ккараб хIужалъун лъугьана 20 сон барав Къурбан Шираев Европаялъул чемпионлъун вахъин. 65 кг цIайиялда гугарулев Дагъистаналдаса речIчIухъан финалияб къеркьеялда дандчIвана Беларусиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ цеве вахъунев Якутиялдаса Нюргун Скрябингун.
Къеркьеялда цебе цо-цояз абулеб букIана захIматаб къокъаялда гьоркьоса финалалде ворчIарав гьес гIолохъанав дагъистаниявги тезе гьечIин, къезавизе ватилин. Амма гьезда Шираевас жал мекъи рукIин бичIчIизабуна къеркьея­лъул тIоцересел секундаздаго. Цогидазда релълъинчIеб гьесул гугариялда нахъ гIунтIичIо Скрябинги. ПалхIасил, 5:0 хIисабгун ракIчIараб бергьенлъи босана Хасавюрталдаса спортсменас.
Бищунго тIадагьаб 57 кг цIайиялъул финалалда Россиялъул тIаса бищараб командаялъул спортсмен Азамат Тускаев дандчIвана Турциялдаса гугарухъан Сулейман Атлигун. Цебеккун чIахIиял турниразда цеве вахъинчIев Тускаевасги бихьизабуна гугаризе бугеб махщел. Сулейман Атли Тускаевас къезавуна 2:1 хIисабгун.
Европаялъул чемпионаталда тIо­це­бесеб къоялъ гугарана Россиялъул тIаса бищараб командаялъул капитан ГIабдулрашид Садулаевги (97 кг). Цебеккун дандиязе баллги кьечIого ворчIулаан Европаялъул щуцIул чемпион финалалде. Гьаб нухалъин абуни данде рахъарал спортсменалги риччалел рукIана Садулаевас ургуялда жидерго гьунарал рихьизаризе. Бихьулеб букIана гьев Рималде ахирияб рухI кьун гугаризе вачIун гьечIеблъи. Гьенир къуватал рахъал загьир гьаричIого тей батизе бегьула Олимпиялъул хIаязда цебе спортсменасул сихIирлъилъунги стратегиялъунги. Амма финалияб речIчIиялда хIалбихьи бугев ракьцояв, Олимпиялъул призер Альберт Саритов ГIабдулрашидица къезавуна цониги баллги кьечIого. Гугари лъугIана 6:0 хIисабгун. Гьелдалъун «Россиялъул танк» щуабилеб нухалдаги вахъана Европаялъул чемпионлъун.
Россиялъул тIаса бищараб командаялъе гIарцул медал босана Дагъистаналдаса гIолохъанав гугарухъан МухIамад Рамазановас (79 кг). Хасавюрталдаса речIчIухъан финалалда дандчIвана Беларусиялъул байрахъалда гъоркь цеве вахъунев ракьцояв МухIамадхIабиб КъадимухIамадовгун. 10:3 хIисабгун МухIамад гьеб къеркьеялда къуна.
Нахъисеб къоялъ 61 кг цIайиялда Европаялъул чемпионлъун вахъана Александр Богомоев. Россиялъулав финалалда 3:2 хIисабгун бергьана Грузиялдаса хIалбихьи бугев гугарухъан Бек Ломтадзедаса.
Турниралда хадуб хал ккурал ки­назего интерес букIана 74 кг цIайиялда финалалде рорчIарал Дагъистаналдаса спортсмен МухIамадрасул ГъазимухIамадовасдагун Италиялдаса атлет Франк Чамизода гьоркьоб букIараб къеркьеялъул. Кутакалда берцинаб гугари бихьизабуна спортсменазги. Къеркьеялъул тIоцересел секундаздаса нахъего хIалуцараб ахIвал-хIал букIана ургуялда. Цин балл босана Чамизоца. Хадуб 3:1 хIисабгун бергьунев вукIана ГъазимухIамадов. Къеркьеялъул ахиралда кIиго баллалъул приемги гьабун, цеве арав италиялъуласухъа бажарана гьеб хIисабги ккун судияс гьищтIизегIан гугаризе.
86 кг цIайиялдаги россиялъулав вахъана Европаялъул чемпионлъун. Северияб Осетиялдаса гугару­хъан Артур Найфоновас финалалда балл кьечIого къезавуна (4:0) Сан-Мариноялдаса спортсмен Майл Амин.

Аэропорталда дандчIвай

Рималдаса тIадруссун рачIунел гугарухъабазда дандчIвай гьабизе МахIачхъалаялъул аэропорталде щвана ДРялъул физкультураялъул ва спорталъул министр МухIамад МухIамадов, гьесул заместителал ХIайдарбег ХIайдарбегов, Зайнал Салаудинов, Халитбег МахIачев, спортсменазул гIага-божарал, гьудул-гьалмагъзаби, журналистал.
Дагъистаналъул къадруги цIу­нун кIудияб спортивияб тадбирал­да лъикIал хIасилалги росун Ва­тIаналде тIадруссарал спортсменазе баркала загьир гьабуна МухIамад Му­хIамадовас.
— Нуж руго нижер чIухIи. ЦIакъго разилъана Къурбан Шираевасе щвараб бергьенлъиялдаса. Дир хIи­сабалда, ГъазимухIамадовги Ча­мизокьа къечIо. Гьеб букIана су­диязул гъалатI. Жакъасел бергьенлъаби ккола нилъер цадахъаб хIалтIул хIасиллъун. Ахираб заманалда Дагъистаналъул нухмалъиялъги кIвар кьолеб буго спорталде, батIи-батIиял къецазда, туниразда гIахьаллъизе унелъул гьабулеб буго кумек. Нижецаги хIаракат бахъулеб буго гугарухъабазе ва гьединго цогидал спортивияб тайпабазде хьвадулел гIолохъабазе республикаялда лъикIал шартIал чIезаризе.

Дагъистаниял – бищун къуватал

Европаялъул чемпионаталда Да­гъистаналдаса спортсменаз рихьизарурал хIасилазул хIакъалъулъ нижее гьадин бицана ДРялъул спорталъул министрасул заместитель, Олимпиялъул чемпион ХIайдарбег ХIайдарбеговас:
— Нилъер гугариялъул школа дунялалда бищунго къуватаб букIиналъул бицуна Рималда щварал хIасилаз. Щибаб цIайиялда эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъе вачине бегьулев лъаб-лъаб спортсмен вуго Дагъистаналда. Ярыгинил турниралда Олимпиялъул чемпион Рамоновги къезавун, Европаялъул чемпионаталда хIалбихьи бугев Скрябинида тIад бергьенлъиги босун вачIарав Къурбан Шираевасул мисалго гIеларищ. Дир хIисабалда, гьаниб министрасги абуна, МухIа­мадрасул ГъазимухIамадовги Чамизокьа къечIо. Рокъоб къадазги кумек гьабулин абухъего, Чамизо бергьинавизе хIаракат бахъана судияз.

Олимпиадаялде босараб ишан

ГьитIинабго гара-чIвари ккана нижер Къурбан Шираевасулгунги.
Къокъаб заманалда жаниб ХIажимурад Рашидов, АхIмад Ча­каев, Сослан Рамонов гIадал къу­ватал дандиял ругеб 65 кг цIайи­ялда Россиялъул тIаса бищараб командаялъул цевехъанлъун лъугьана мун. Гьеб кин ккараб?
— ГIицIго цебе лъураб масъалаги цIунун, кIвахI тун ругьун гьави гуреб цоги балъголъи гьениб гьечIо. Гьединго гIинтIамизе ккола тренеразул малъа-хъваязухъ, гьез бицуне­лъухъ.
— Европаялъул чемпионаталда бищунго захIматав дандиявлъун щив вукIарав?
— Финалалда Скрябингун гуга­рулаго букIана дагьаб захIмат­го, цогидалгун къеркьолаго цо кIуди­яб гIакъуба бихьичIо. Хьул букIа­на Грузиялдаса Олимпиялъул чемпион Владимир Хинчегашвилигун гугаризе, Венгриялъул командаялъул мухъилъ цеве вахъунев ракьцояв ИсмагIил Мусукаевасул хIалбихьизе, амма гьел финалалде рорчIичIо.
— Олимпиялъул хIаязде ворчIизе рес бугищ?
— БукIинарищха. Гьеб буго гьаб­сагIаталда цебе чIараб аслияб масъа­ла. Ункъо къоялъ хIухьбахъиги гьа­бун байбихьизе буго залалде хьва­дизе. ЧIезе заман гьечIо.
Европаялъул чемпионаталда меседил медаль босарав Къ. Шираев кIодо гьавуна Хасавюрталдаги. ДРялъул промышленносталъул ва энергетикаялъл министр Сайгидпаша ГIумахановас гьесие сайгъат гьабуна «Лада- Веста»машина.