ПонцIозарурал харбал ва хIакъикъат

Гьал къоязда Россиялъул цо-цо информациялъул алатаз ахIи-хIур бахъинабун букIана ХIабиб НурмухIамадовас нухмалъи гьабулеб «Eagles» клубалда тIад жиндир заманалда налогал кьечIолъиялда бан гIакIа къотIун ва гьелъул банкалъул счет туснахъ гьабун бугилан. 
Хадуб баянлъана гьелъул налъи тIубараб улкаялдаго рагIизабизе ккарабгIанасеб гьечIеблъи. ГIицIго 9400 гъурущ гурого букIун гьечIо клубалда хадуб. Амма, кин букIаниги, гьелъул ахIвал-хIал беццизесеб хIалалдаги гьечIебха. 
Мекъи ккеларо, гьелъие кьучI лъурав миллиардер Зиявудин МухIамадов туснахъ гьавуралдаса нахъе клубалъул иш тIаса гъоркье анин абуни. ГьечIелъулха цере рахъунел спортсменазе харжал кьолев ва гьезие шартIал чIезарулев чи. 
ХIабиб НурмухIамадовги клубалде регIун гьечIо. ГьабсагIаталда гьесда цере чIарал масъалаби цогидал руго. 
Жубараб речIчIухъанлъиялъул «Eagles» клубалъул хIакъалъулъ рагIа-ракьанде щун бицине буго казияталъул хадусел номеразда.