Татамиялдаса — больницаялде

Санкт-Петербургалда грепплингалъул рахъалъ дунялалъул кубокалъе гIоло тIоритIулел  къецазда цеве вахъарав Дагъистаналдаса речIчIухъан Пайзудин ГIалиевасул мугъзагьодалъе сакъатлъи ккана.
Дандиясе прием гьабулеб лахIзаталда ккун букIараб гьесул гъежги кодоса борчIун, татамиялда кIалагъоркье речIчIана 26 сон барав дагъистанияв. Лъугьа-бахъин ккарабго, тренералги цадахъ рукIарал спортсменалги Пайзудиние кумек гьабизе журана. Амма, спортсмен больницаялде вачиндал, тIатана мугъзагьод бекун букIин. 
Пайзудинида цадахъ вукIарав Арслан Батировас гьадин бицана: 
— Жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ турниразда ккола лугбазе жагъаллъи ккеялъул хIужаби. Амма грепплингалъул цониги къецалда гьединаб сакъатлъи кканин рагIун букIинчIо. Пайзудин гIодов ккедалго, бичIчIана гьесул иш лъикI гьечIеблъи. Щайгурелъул, гьев бигьаго къуркьулев спортсмен гуро. Гъеж-квер, бох бекун букIанигицин, тIадеги вахъун, къеркьезе вукIана Пайзудин. 
Операция гьабун хадуб гьесул ахIвал-хIал квешаб гьечIо. Амма рукьабигун бохдул рагъарулел гьечIо. Тохтурзабазул рагIабазда рекъон, гьабсагIаталда гьев захIматаб хIалалда вуго. 
Дагъистаналъул грепплингалъул федерациялъул вице-президент МухIамад Къурбановас бицана Пайзудиние кумек гьабизе бокьарал чагIи гIемер ругин, хIатта цо-цояз абулеб бугила гьев сах гьавизе къватIисел пачалихъазде витIизе кумек гьабилингицин. Гьикъулеб бугила гьесул лъимал-хъизан ругищинги.
— Пайзудинил я эмен, я хъизан-лъимер гьечIо. Гьес гIумру гьабулеб букIана эбелалда цадахъ. ГьабсагIаталда гьейги васасда аскIой йиго. Ахираб лъабго соналда жаниб спортсмен хIалтIулев вукIана Санкт-Петербургалда. ЧIахIиял турниразда цеве вахъинчIониги, Пайзудин вуго лъикIав атлет. Дагьаб цебе Fight Spirit клубалъ тIоритIарал къецаздаги вахъун вукIана гьев чемпионлъун, — ан бицана М. Къурбановас. 
Гьесул рагIабазда рекъон, бокьараб профессионалияб спорталда ккезе бегьула сакъатлъи. Гьес ракIалде щвезабуна Америкаялъул Цолъарал Штатазда цеве вахъунелъул Дагъистаналдаса боксер МухIамад ГIабдусаламовасул ва гьединго ушу-саньдаялъул турниралда ботIролъ зар щун хадуб къадаралде щварав спортсменасул ккарал лъугьа-бахъиналги.
P. S.
Ахирисел баяназда рекъон, Пайзудин ГIалиев, лъавудеги вачIун, кIалъалевцин вуго. Гьединго спортсменасда кIолел руго бохдулгун гъажаби рагъаризаризеги. Тохтурзабаз бицаралда ре­къон, гьесул къаркъалаялъу­л ахIвал-хIал дагь-дагьккун рукIа­ли­де бачIунеб буго. Амма гьев тIу­банго сахлъизе вугищали лъалеб гьечIо. Гьеб бараб букIунила спортсменасул къаркъалаялъул хаслъиялда.