ЗахIмат бекьаралъуб бергьенлъи бижула

Красноярскиялда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ Иван Ярыгинил хIурматалда санайил тIобитIулеб иргадулаб турнир. Спорталъул гьеб тайпаялда цере рахъунел машгьурал речIчIухъаби, ни­лъер ракьцоял ГIабдурашид Садулаев, ХIажимурад Рашидов, Заур Угуев ва Билал Махов гIахьаллъичIониги, кутакалда интересаллъун рукIана исанасел къецал.

Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул мухъилъ 50-гIанасев спортсмен гIахьаллъана гьелда, ва гьезда гьоркьоса 17-яв тIадвуссана батIи-батIияб даражаялъул медалалгун.
АнцIго цIайиялъул категориялда лъабгояcе щвана тIоцебесеб бакI. Меседил медалазе мустахIикълъана Къурбан Шираев (65 кг), МухIамад­расул ГъазимухIамадов (74 кг) ва МухIамад Рамазанов (79 кг).
Шираевгун Рамазанов тIоцебесеб нухалъ бергьана Ярыгинил мемориалалда. ГъазимухIамадовин абуни кIиабилебги нухалъ вахъана чемпионлъун.
Гьебго турниралда гIарцул медалал щвана нилъер командаялъул анкьго гугарухъанасе: АхIмад Идрисовасе (57 кг), Рамазан Ферзалиевасе (61 кг), Разамбек Жамаловасе (74 кг), АхIмад ХIажимухIамадовасе (79 кг), Даурен Куруглиевасе (86 кг), ГIалихан ЖабрагIиловасе (92 кг), МухIамадхан МухIамадовасе (97 кг).
Жегиги анкьго Дагъистаналдаса атлет мустахIикълъана мазгарул медалазе. Гьел щвана Рамиз ХIамзатовасе (57 кг), ГIабасхIажи МухIамадовасе (61 кг), МухIамад КъурбангIалиевасе (74 кг), Халил Аминовасе (79 кг), АрсенгIали МусалгIалиевасе (86 кг), Шамил Мусаевасе (97 кг) ва Шамил Шариповасе (125 кг).
Турниралъул бищунго берцинаб къеркьейлъун рикIкIана 65 кг цIайиялда Къурбан Шираевасдагун Олимпиялъул чемпион Сослан Рамоновасда гьоркьоб букIараб гугари. 20 сон барав Къурбаница ургуялде вахъараб секундалдаса нахъего байбихьана хIалбихьи бугев Сосланида дандечIей гьабизе. ХIаракаталъухъ ва дандиясде гьабулеб тIадецуялъухъ судияз баллгицин кьуна нилъерасе. КIиабилеб периодалъул байбихьуда цо балл щвана Рамоновасеги. Амма къеркьеялъул ахиралда кIиго баллалъул приемги гьабун, дандиясда тIад бергьенлъи босана Шираевас.
Дагьаб цебе Владикавказалда букIараб «Аланы» турниралдаги дандчIван вукIана гьев кIиявго гугарухъан. Доб къеркьеялда бергьенлъи босун букIана Сослан Рамоновас.
Къеркьей лъугIун хадуб гьадин бицана Къурбан Шираевас:
— Дагьаб цебе букIараб «Аланы» турниралда Рамоновасдаса дун къун вукIана. Гьев гугарулеб къагIида, техникиябгун тактикияб рахъ хIи­сабалдеги босун, хIадурлъун вукIана гьаб нухалъ. ЦIакъ вохарав вуго цебе лъураб масъала тIубазабизе, Олимпиялъул чемпионасда тIад бергьенлъи босизе кIвеялдаса. Гьанже хIадурлъизе вуго февралалда букIине бугеб Европаялъул чемпионаталда гIахьаллъизе, тренераз гьенив цеве вахъине ихтияр кьуни.
Тренер МахIмуд МахIмудовасул рагIабазда рекъон, Къурбан Шираев вуго цIакъ захIмат бокьулев, гъираялда залалде хьвадулев, цогIаги тренировка гьоркьоб биччачIого ругьун гьавулев спортсмен.
— Къурбан залалде вачIуна цогидаздаса цеве ва уна бищун ахиралда. Гьев вуго тIадкъараб иш рагIа-ракьанде щун тIубазабулев спортсмен. Мисалалъе, канаталде тIаде вахаян абуни, гьев гъажабаздаса рухI лъугIизегIан харула гьениве. Жакъасеб бергьенлъиги буго чанго соналъ бихьараб захIмат-гIакъубаялъул, тIасабищараб пишаялдехун унго-унгояб рокьи букIиналъул хIасил.
86 кг цIайиялда Даурен Куруглиевасулгун Артур Найфоновасул дандчIваялъулги букIана киназего интерес. Амма Северияб Осетиялдаса гугарухъанас гьаб нухалъ нилъерасда тIад бергьенлъи босана 2:1 хIисабгун.
74 кг цIайиялъул категория­лъул финалалда гугарана кIиго да­гъистанияв, МухIамадрасул Гъа­зимухIамадов дандчIвана Разамбек Жамаловгун. ХIалуцараб къеркьеялда 3:1 хIисабгун чIел босана МухIамадрасулица. Лъаларо гьеб цIайиялда Россиялъул тIасабищараб командаялъул гьабсагIаталда бищунго къуватавлъун рикIкIунев Се­верияб Осетиялдаса спортсмен Заур­бек Сидаков турниралда гIа­хьаллъун вукIаравани, хIасил кинаб ккезе букIарабали. Амма, хIакъаб жо, гьеб цIайиялда Токиоялда рукIине ругел Олимпиялъул хIаязда гIахьаллъизе ихтияр тIалаб гьабун кIиявго спортсменасда гьоркьоб букIине буго кутакаб дандечIей.
Турниралда ккарал хIасилазул хIакъалъулъ гьадин бицана нижее эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул тренер ХIайдар ХIайдаровас:
— Ярыгинил турниралда ккарал хIасилаздаса ниж рази гьечIо. Цересел соназда къвал цIун меседил медалалгун ва тIоцебесеб бакIгун тIадруссунаан ниж гьениса. Исана­йин абуни лъабго гурого щвечIо меседил медаль ва гьеб рахъалъ къуна кидагосел дандиял Северияб Осетиялъул спортсменаздаса.
Абизе бегьула, ГIабдурашид Садулаев, ХIажимурад Рашидов ва Заур Угуев рукIаралани, меседил медалал цIикIкIун щвелаанин. БитIараб буго. Амма хьул букIана гьениб гIахьаллъараб къокъаялъ жегиги лъикIал хIасилал рихьизарилин.
— Ярыгинил турниралъул чемпион Къурбан Шираевасул рес бугищ Европаялъул чемпионаталда гIахьаллъизе?
— КIочене бегьуларо гьебго цIайиялда цеве вахъунев нилъер ракьцояв ХIажимурад Рашидовги. Жакъаялдаса нахъе Новогорскалда тIоритIизе руго эркенаб гугария­лъул тIасабищараб командаялъу­л сборал ва гьезда рихьизарурал хIа­силазда рекъон баянлъизе буго 10 февралалда Рималда букIине бу­геб Европаялъул чемпионаталда гIахьаллъизесел спортсменазул сияхI. Шираевасе буго 20 сон ва гьеб къагIидаялда цевехун унев вуго­ни, щаклъи гьечIо, гьесие бищунго тIадегIанал бергьенлъаби щвезе рукIиналда.
ГIолохъанав гугарухъан Къурбан Шираевас Олимпиялъул чемпион къезави гьеб Дагъистана­лъул тIасабищараб командаялъул тренеразул кIудияб бергьенлъи кколин абураб пикру загьир гьабуна Олимпиялъул категориялъул судияв ГIубайдула ГIусмановас.
— Шираевас бихьизабуна Рималда букIине бугеб Европаялъул чемпионаталда гIахьаллъизе жив мустахIикъав вукIин. Амма Россиялъул тIасабищараб командаялъул тренераз гьев гьениве вачине вугищали лъаларо. Цо-цо мехалъ дун гьезул политикаялда хадув гъоларо, гIунтIуларо. Европаялъул чемпионаталда бергьани гьесул цIарги 65 кг цIайиялда Токиоялъул Олимпия­лъул хIаязде ине бегьулезул сияхIалда гъорлъе ккола. Гьединлъидал Олимпиялъул хIаязде ворчIизе гьесул ресги заманги буго.