Спортги политикаги жубараб мехалъ

«Гугариялъ цолъизабураб дуниял» (UWW) гIуцIиялъ Дагъистаналдаса спортсмен ГIабдурашид Садулаевасе ункъо моцIалъ ургуялде вахъине гьукъана. Гьелъие гIиллалъун лъугьана дагьаб цебе Казахсатаналъул Нур-Султаналда тIобитIараб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда бергьиндал ГIабдурашидица журналисталгун гара-чIварулелъул Кавказалъул имам Шамилил сурат тIад бахъараб футболка ретIин.

 

Амма гьеб ишалда гъорлъ кинабниги политика гьечIилан ахIи балеб буго рехсараб гIуцIиялъул вакилзабаз. Регламенталда рекъон чIахIиял турниразда спортсменазул ихтияр гьечIила жидеца къотIи-къай гьабурал фирмабаз бихьизабураб гурого ретIел ретIинейиланги абулеб буго гьез. Амма социалиял гьиназда гьеб лъугьа-бахъиналда сверухъ унел руго «кор боркьарал» бахIсал. Гьениб гIемерисез рикIкIунеб буго гьеб Дагъистаналда ва Кавказалда данде балеб рагъ бугин.

           

 

Гьелда сверухъ гьадинаб пикру загьир гьабуна нижее Олимпиялъул категориялъул судияв, ДРялъул гугариялъул федерациялъул вице-президент ГIубайдула ГIусмановас:

 

 

«Гугариялъ цолъизабураб дуниял» гIуцIиялъул сайталда гьеб хабаралъул хIакъалъулъ кинабгIаги хъвай-хъвагIай дида батичIо. Лъаларо лъил политика гьеб кколебали, амма бичIчIулеб буго цо-цо чагIазул чIахIияб гIарцуде хьул лъун букIин. Эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул тIасабищараб командаялъул тренер Дзамболат Тадеевасдацин якъинго лъалеб гьечIо щиб сундуе гIолояли. Цойги нухалъ абулеб буго, ГIабдурашид Садулаев халкъазда гьоркьосел турниразда цевевахъине гьукъун гьечIо», — ян.