ХIадур вуго бокьаравгун къеркьезе

МухIамад ИсмагIиловасул иргадулаб бергьенлъи

 

Гьал къоязда Москваялда тIобитIана АСА лигаялъул иргадулаб турнир. Гьелда церерахъана Дагъистаналдаса речIчIухъаби МухIамад ИсмагIиловгун Расул Мирзаев. ИсмагIилов дандчIвана Артем Фроловгун. Регламенталда бихьизабураб лъабго раундалда къеркьана спортсменал. Дандияв чанго нухалда нокауталде витIизе рес букIана дагъистаниясул. Амма щибаб нухалъ МухIамадил гьужумаздаса ворчIулев вукIана гьев. ПалхIасил, судияз бергьенлъи кьуна МухIамадие. Къеркьей лъугIун хадуб букIараб пресс-конференциялда журналистаз ИсмагIиловасда гьикъана гьев турниралъул аслиялда гурев цебеккунисеб кадралда щай цеве вахъаравилан. «Нужеца гьеб суал кьезе ккола АСАялъул нухмалъиялъе. Гьезул бихьизабиялда рекъон гурого цевевахъине дир ихтияр букIунаро», — ян абуна дагъистанияс. Журналистаз Владимир Минеевасул цIар бахъидал, гьадин абуна МухIамадица: «Владимир Минеев гьабсагIаталда къеркьолев вуго цогидаб промоутеразул компаниялъул турниразда. Дир къотIи-къай буго АСАялъулгун. Гьединлъидал гIагараб заманалда ниж дандчIвазе рес гьечIо. Амма лъикIаб гIарацги бакIги бихьизабуни, бокьараб букIине бегьула. Амма гьев вуго цIакъ къухьаб гIамалалъул спортсмен. Дие Артем Фролов гIадинал бихьинал спортсменалгун бокьула къеркьезе», — ян.
2010-2011 соназда тIадагьаб цIайиялда Россиялдаго бищунго къуватал спортсменазул цоявлъун рикIкIунев вукIарав Расул Мирзаев гьеб сордоялъ къуна. Кинавниги октагоналде гьев вахъана 19 нухалъ, 18-ялда бергьун ва цо нухалъ гурого къунги вукIинчIо. Гьаб нухалъ Мирзаевасул дандиявлъун вукIана Чачаналдаса речIчIухъан Шамил Шахбулатов. Гьес Мирзоев, кьабураб заралъ, нокауталде ккезавуна.