Турниралъул хIасилал гьаруна

Къецазда гIахьаллъана 960 команда

 

«ТIомол торгIо — 2017» абураб, фут­болалъул рахъалъ шагьара­лъулаб къоло цоабилеб турниралда бергьарал командабазе ва при­зеразе шапакъатал кьеялъул тад­бир тIобитIана ичIабилеб но­яб­ралда МахIачхъалаялда. Лев Яшин ракIалдещвеялъе, «Динамо» спортивияб жамагIаталъ 95 сон ва МахIачхъалаялъ 160 сон тIубаялъул хIурматалда тIоритIана исана гьел къецал.
Дагъистаналъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул республикая­лъул лъималазулгун гIолилазул спор­тивияб школалъул базаялда анкьабилеб августалдаса микь­абилеб сентябралде щвезегIан тIо­ритIарал гьел къецазда гIахьаллъи гьабуна гIумруялъул батIи-батIиял ригьазул 10 азарго чияс – 960 командаялъ. Турниралда бер­гьа­разе ва призеразе саламги кьун, гьезда бергьенлъи баркана Ма­хIач­хъала шагьаралъул бетIер Му­са Мусаевас. Гьес абуна гьенир данделъарал гIолохъанал футболистал ругин жидерго кьерилазда гьоркьор бищунго къуваталилан. Мэрас гьел ахIана сахаб гIумру гьабиялъу­л къагIидаби цIунизе, спорт бокьулеллъун, ва Дагъистан машгьур гьабурал цIар рагIарал атлетаздаса мисал босулеллъун рукIине. Мэрас бихьизабуна «ТIо­мол торгIо» абураб исанасеб турниралда, цересел соназулалде дан­деккун, цIикIкIун лъималаз гIа­хьаллъи гьабунилан. Гьелъ нугI­лъи гьабула спорт бокьулезул къа­дар цIикIкIунеб букIиналъеян абу­на Мусаевас.
Турниралъул хIасилазда ре­къон, призалъулал бакIазе муста­хIикълъарал киналго командабазул гIахьалчагIазе кьуна къиматал сайгъа­тал, грамотаби ва кубокал. Судьябаз ва къецал гIуцIараз цIар­чIвана батIи-батIиял номинаци­язда бищунго лъикIал футболистазда. Гьезул гIемерисезул анищ бу­го хадубккун профессионалиял фут­болисталлъун рахъине ва Россия­лъул тIасабищараб командаялда гъорлъ хIазе.
ГIолохъанал футболистазе призал кьуна МахIачхъалаялъул мэр Муса Мусаевас, эркенаб гугариялъул рахъалъ олимпиялъул чемпион Загъалов ГIабдулбеговас, РДЮСШа­лъул директор Александр Маркаровас ва эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпион ГIабдусалам ХIадисовас.

Россиялъул инкъилабалъ 100 сон тIубаялъул юбилеялъул хIур­маталда «Цогояб Россия» партиялъул Дагъистаналъул комитеталъ шашкаби хIазе бокьулезе сай­­гъат гьабуна унго-унгояб байрам – гьелъул гIарцулаб квербакъи­ялдалъун МахIачхъалаялъул Ро­­до­палъул бульваралда бугеб шах­­ма­тазул павильоналда, шагьа­ра­­лъул шашкабазул федерация­лъул президент Адзиев Арсенил ва Дагъистаналъул шашкабазул фе­­дерациялъул пресс-секретарь Исма­гIилов ИсмагIилил жигаралдалъун тIобитIана гIурус шашкаби хIаялъул рахъалъ рагьараб турнир. Къецазда гIахьаллъана 30 чи, гьезда гьоркьов Чачаналдаса ва Ингушетиялдаса лъабго чиги.
ХIаял тIоритIана Швейцариялъул къагIидаялда рекъон, 9 туралдасан. Щибаб доскаялда унел рукIана хIалуцарал хIаял. Къецазул хIасилалда рекъон, 8 очкогун ракIчIараб бергьенлъи босана Хасавюрталдаса гIолохъанав шашист Юнусов Салманица, кIиабилеб бакI щвана МахIачхъалаялдаса МахI­мудов Сабирие, лъабабилеб при­залъулаб бакIалде вачIана 6 очко босарав хIалбихьи бугев шашист Гъизилюрталдаса Алданов ГIаб­дулагь.
ТIоцебесеб бакI босарав Юнусо­васе кьуна кубок. Киналго приза­лъулал бакIал ккуразе кьуна гра­мотаби, медалал ва гIарцулал сай­гъатал.
Спорталъул тайпа хIисабалда шаш­каби хIай гIолилазда гьоркьоб маш­гьурлъизабиялъе республи­кая­­лъул спорталъул идарабаз кIвар­­кьеялъе, гьел кантIизариялъе ми­­сал­лъун букIине биччанте, рехса­раб комитеталъ, гьеб хIай бо­кьулезул гьариги тIубазабун, жидерго ре­салда рекъон гьабураб ирга­дулаб квербакъи.
АхIмадудин ГьитIинамухIамадов,
МахIачхъала шагьар

Бокс
ТIатIалаго — микьабилеб бергьенлъи
11 ноябралда рингалде вахъана Колумбиялдаса боксергун

Профессионалиял спортсменазда гьоркьов къецазда гIахьаллъулев Дагъистаналдаса боксер Ражаб Бутаевас рингалда тIатIалаго микьабилеб бергьенлъи босана.
Хасавюрталъул Шамил ГIумаха­но­васул цIаралда бугеб спортивияб школалъул «къебелъухъ» куцарав Р. Бутаев 11 ноябралда рингалда дандчIвана Колумбиялдаса боксер Ханер Гонсалесгун. Бутаевгун рингалда дандчIвазегIан Гонсалес къун вукIинчIо цониги профессионалияв боксерасдаса. Гьесул букIана 19 бергьенлъи. 66,7 килограмм цIайиялда Бутаевасда ва Ханерида гьоркьоб букIараб микьгораундалъулаб къеркьеялда ракIчIараб бергьенлъи босана дагъистанияс.

Рамазание — Кубок
Чуниса тIоцевесев
дунялалъул чемпион

Ноябралъул анкьабилеб къоялда Лаваша районалъул Чуни росдаца кIодо гьавуна ММА спорталъул тайпаялъул рахъалъ дунялалъул кубок босарав Расулил АхIмадил вас Рамазан. Гьениб школалда цебе бугеб майданалда тIобитIана Рамазан кIодогьавиялъул тадбир.
Гьев ккола нижер росулъа вахъарав тIоцевесев дунялалъул чемпион. Рамазан гьавуна 1993 соналда Чуни росулъ, лъугIана росдал гьоркьохъеб школа, хъулухъ гьабуна Россиялъул армиялда. Гьениса тIадвуссун хадув машгъуллъана спорталде.
Ноябрь моцIалда Белгородалда ру­кIа­рал ММАялъул рахъалъ дунялалъул кубокалъе гIоло къецазда 86 кг цIайиялда бергьана Рамазан ва щвана Дунялалъул Кубок.
Нижер росу гIуцIаралдаса нахъе буго 80 сон. Гьебгощинаб заманалда жаниб тIоцеве вахъарав дунялалъулго чемпион ккола ХIасанов Рамазан.
Рамазан жеги гIолохъанго вуго, бо­жула жиндирго бергьенлъабаз­да­лъун гьес ниж жеги рази гьаризе рукIи­налда. Гьев тренировкабазде хьвадула МахIачхъалаялда бугеб «Аманат» спортивияб клубалде. Гьесул тренер ккола Султан Ибрагьимов. Тадбир ана рохалида, Рамазание кьуна сайгъаталги. Росдал жамагIаталъ гьарула Рамазание сахлъиги рохелги, хаду-хадурги спорталъулъ ва гIумруялъулъ бергьенлъабиги. Чуни росдал бегавул ХIайбулаев ТIалхIатица, Рамазанил бергьенлъиги кIодо гьабун, гьеб къоялъ хъвезе басиги кьуна.
Тадбиралъул ахиралда Рамазанил инсул яц ПатIиматица баркала кьуна гьесул бергьенлъи кIодо гьабизе бачIараб росдал жамагIаталъе. ЖамагIаталъги баркала кьуна росуго чIухIарав гьединав вас гIезавуралъухъ Рамазанил эбел СагIдиятиеги эмен АхIмадиеги.
Рамазание къецазде ине гIарцул рахъалъ кумек гьабуна Москваялда чIарав Чуниса Абубакарил вас Къурбанов Русланица.
МухIамад Мусаев