Чемпионасе – 300 азарго гъуруш

Араб гьатIанкъоялъ МахIачхъа­лаялда «Труд» стадионалъул Волейболалъул централда тIобитIана, Пекиналда рукIарал Олимпиялъул хIаязул гIарцулав призер Мурад ХIайдаровасул призазе гIоло, эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб анкьабилеб турнир.

 

Цебехун анлъго нухалъ гьел къецал тIоритIана машгьурав гугарухъанасул ракьцояз – Гумбет районалдаса гIадамаз гIумру гьабулеб ЦIияблак районалда. Хадуб, гьелда гIахьаллъулезул ва гугариялъухъ балагьизе бокьарал гIадамазул къадар цIикIкIиндал, суал бачIана турнир тIобитIизе гIатIидаб зал балагьиялъул хIакъалъулъ, ва гьеб тIобитIана «Труд» стадионалда. Исана гьеб турнир гIуцIиялъул ва гьеб тIобитIиялъул киналго масъалаби жиндего тIаде росана эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер Марат Ибрагьимовас нух­малъи гьабулеб МахIачхъала ша­гьаралъул спорталъул рахъалъ ко­митеталъ. Гьеб турниралъу­л хаслъилъун букIана гьелда гIицI­го 74 кг цIайиялъул гугарухъаби гIахьаллъулел рукIин. Гьеб цIайи­ялда гугарун щвана Мурад ХIайдаровасеги аслиял бергьен­лъаби. ЦохIо цIайиялъул гугарухъабазда гьоркьоб турнир тIо­битIараб цIияб къагIида киназего бокьана.
Гьелда бан жиндирго пикру загьир гьабуна улкаялда тIори­тIу­лел гугариялъул рахъалъ кинал­го чIахIиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ передачаби рачунев, диктор хIисабалда турниралде ахIун вукIарав Феликс Премиль­скиясги. «Дагъистаналда тIо­ри­тIула гугариялъул рахъалъ гIеме­рал турнирал. Щай бегьулареб цо­хIо цIайиялъул гугарухъабазда гьоркьор гьадинал турнирал тIо­ри­тIизе? Гьелъул квегIенлъи бу­го турнир гIуцIулезеги гьелъул гIа­хьалчагIазеги, гьайгьай, турниралъухъ балагьулезеги. Рес буго киналго гугариязухъ балагьизе», — ян абуна гьес.
Турниралъе гьарулел харжа­зул суал тIубазабуна Мурад ХIай­даровас ва гьесул гIага-божараз. Бищунго лъикIал гугарухъаба­зе кьезе призалъулаб фонд чIезабун букIана 500 азарго гъуруш, гьелдаса 300 азарго гъуруш кьуна турниралъул чемпион Тажу­дин Акаевасе. Тренер Мирза МутIа­лимовасул нухмалъиялда гъоркь «гугариялъул къебелъухъ» куцалев МахIачхъалаялдаса 22 сон барав гугарухъанасе гьеб тохлъу­кьегояб бергьенлъи букIанин аби­зе бегьула. Щайгурелъул, цере­хун гьесул бищунго лъикIал хIа­силал рукIана улкаялъул юнио­ра­зул къецазда щвараб лъаба­билеб бакI ва гъоркьиса Бугленал­да тIобитIараб турниралда босараб бергьенлъи. Турниралъул 25 гIа­хьалчиясда гьоркьор бергьи­не рес бугеллъун рикIкIунел ру­кIана Рио-де-Жанейроялда ру­кIарал Олимпиялъул хIаязул при­зер, Азербайжаналдаса гугару­хъан ЖабрагIил ХIасановги Россия­лъул экс-чемпион, Аланиялдаса Ка­хабер Хубежтыги. Акаев гугара­на гьев кIиявгогун. Лъабабилеб горсвериялда гьев бергьана Хубежтыдаса. Гьебго къо­къаялда гугарулев вукIана Хаса­вюрталъул Ш. ГIумахановасул цIаралда бу­­геб спортшколалдаса Мурад Къу­ра­мухIамадовги. Исана халкъаз­да гьоркьосеб ункъо тур­ни­ралда гIахьаллъарав Мурад М.ХIайдаровсул призазе гIо­ло къецазда бергьана лъабго данд­чIваялда ва бащдабфиналалда 3:0 хIи­сабгун къуна Тажудин Акаевас­даса.
КIиабилеб къокъаялдаса финалалде вахъана ЖабрагIил ХIасанов. Финалалда гугарулаго хIетIеялъе жагъаллъи ккарав ХIасановасухъа бажаричIо гьеб лъугIизегIан гугарун ва судьяяс бергьаравлъун рикIкIана Акаев. Лъабабилел бакIал щвана Кахабер Хубежтые ва турниралъул бищунго гIолохъанав гIахьалчи, 2016 соналъул Европаялъул гIолилазул къецазул финалист Сайпула ГIали­булатовасе.

 

«Анжиялъ» гали цебехун тIамуна
«Амкар» командаялдаса бергьана 2:1 хIисабгун

Премьер-лигаялда футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталъул 16 – абилеб туралда щуабилеб ноябралда МахIачхъалаялъул «Анжи» Пермь шагьаралда хIана турниралъулаб таблицаялъул 12 – абилеб бакIалда бугеб «Амкар» командагун.

«Амкаралъул» кавабахъе кIиябго торгIо кьабуна «Анжиялъул» гьужумалъулав Иван Маркеловас. Гьеб матчалда цо торгIо «Анжиялъул» кавабахъе кьабуна «Амкар» командаялъул футболист Михаил Костюковас.
16-абилеб туралъул хIасилазда рекъон, МахIачхъалаялъул команда, 16 очкогун, турниралъулаб таблицаялъул 14-абилеб бакIалда буго. Чемпионаталъул бащдаб лъугIараблъиги хIисабалде босун, цересел сезоназда букIараб ахIвал-хIалги цебечIезабун, абизе бегьула, Премьер-лигаялда хутIиялъе чемпионаталъул кIиабилеб горсвериялда хутIараб 14 матчалда «Анжиялъ» 28 очко босизе кколилан.

Волейбол

ТIатIалаго — кIиабилеб бергьенлъи
Анкьабилеб туралдаса
хадуб 37 очко

ТIадегIанаб «А» лигаялда волейболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталъул анкьабилеб туралъул кIиябго матчалда «Дагъистан» волейболалъул клуб бергьана Пермь шагьаралъул «Прикамье» командаялдаса.

Матчал тIоритIана 4-5 ноябралда Каспийскалда ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб Спорталъул ва гIолилазул кIалгIаялъур. ТIоцебесеб матчалда «Дагъистаналъул» волейболистал бергьана 3:0 (25:19, 25:20, 25:13) хIисабгун, кIиабилелда – 3:2 (26:28, 23:25, 25:18, 25:23, 15:11) хIисабгун.
Гьеб туралдаса хадуб «Дагъистан» команда 37 очкогун чемпионаталъул турниралъулаб таблицаялъул кIиабилеб бакIалда буго.
Микьабилеб туралда Дагъистаналъул команда хIазе буго Москваялда, Москваялъул пачалихъияб техникияб университеталъул командагун.