Болъихъ тIобитIана гугариялъул турнир

ГIабдусаламовасул призалъе гIоло

 

21-22 октябралда Болъихъ районалда тIобитIана Олимпиялъул хIаязул гIар­цулав призер Юсуп ГIабдусаламовасул призалъе гIоло эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб турнир.

Микьабилеб нухалъ тIо­би­тIараб гьеб турниралда гIа­хьаллъана Дагъистаналдаса, Северияб Кавказалъул республикабаздаса, Россиялъул цогидал регионаздаса, гьединго Турциялдаса, Польшаялдаса, Перуялдаса ва Румыниялдаса гугарухъаби. Гьезда гьоркьор рукIана Олимпиялъул хIаязул гIахьалчагIи, Россиялъул чемпионаталъул призерал ва юниоразда гьоркьор дунялалъул къецазда бергьарал гугарухъаби.
Къецазул чемпионаллъун рахъана дагъистаниял Муслим Садулаев (57 кг), Абакар ГIабасхIажиев (65 кг) ва Якъуб Шихжамалов (74 кг); Польшаялдаса гугарухъаби Збигнев Барановский (86 кг) ва Роберт Баран (125 кг); туркав Юнус Эмре-Деде (97 кг).