Министрасул хIурматалда

МухIамадсалихI Гусаев ракIалдещвезавуна

 

Аграрияб университеталда тIобитIана 1990-2003 соназда миллияб политикаялъул, печаталъу­л ва къватIисел ишазул ми­нистрлъун хIалтIарав Му­хIамадсалихI Гусае­в ра­кIалдещвезавиялъул хIур­маталда гIолилазда гьор­кьоб теннис хIалезул къецал.
МухIамадсалихI хвана 2003 соналъул 27 августалда ккараб теракталъул хIасилалда. Исана 6 июналда гьев гьавуралдаса тIубалаан 68 сон.
15-абилеб нухалда тIоритIулел теннисалъул къецазда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул районаздаса 28 командаялъ ва 100-гIанасев гIахьалчияс. Къецал рагьулаго, МухIа­мад­салихIида цадахъ хIал­тIарав Россиялъул халкъазул ассамблеялъу­л рес­­публикаялда бугеб гIу­­цIиялъул председатель Зик­­рула Илясовас бицана Гусаевасул гIумрудул ва дол соназда республика­ял­да букIараб ахIвал-хIал лъикIлъизабиялъулъ гьес лъураб бутIаялъул хIа­къалъулъ.
Данделъиялда кIалъана Халкъияб Собраниялъул де­путат С. ГIалиев, респуб­ликаялъул ХIисабалъул палатаялъул аудитор А. МухIамадов, Агъул районалъул депутатазул собраниялъул председатель К. ХIажимухIамадов, МахIач­хъала шагьаралъул администрациялъул спорталъул ва туризмалъул управлениялъул нухмалъу­лев Марат Ибрагьимов, Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоя­лъул управлениялъул нухмалъулев М. Даидбегов ва МахIачхъала шагьаралъул администрациялъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев З. Каидов.
Къецазда гIахьаллъарал васазда гьоркьоб тIо­цебе­себ бакI ккуна МахIач­хъалаялъул командаялъ. КIи­абилеб бакIалде рачIана Гъизилюрталъул ва лъабабилеб бакIалде Гъизляралъул командаби.
Ясазда гьоркьоб тIоце­бесеб бакI ккуна Гъизилюрт шагьаралъул, кIиабилеб – Гъизляр шагьаралъул, лъабабилеб бакI – Гъуниб районалъул теннис хIалез.
Нижер мухбир