Къеркьолебги «Анжи», къолебги «Анжи»

МахIачхъалаялъулаздаса «Краснодар» бергьана 5:0 хIисабгун

 

Футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталъул 21-абилеб туралда МахIачхъалаялъул «Анжи» хIана «Краснодар» командагун. Чемпионаталъул тIоцебесеб горсвериялда нилъер команда краснодаралъулаз къезабун букIана 4:0 хIисабгун. Голал кьабун рукIана Игнатьевас, Классоница, Вандерсоница ва Мамаевас. Гьезул лъабгояв, туснахъалда вугев Мамаев хутIизегIан, гьаб нухалъги рукIана Краснодаралъул аслияб къокъаялда гъорлъ. Классоницагун Вандерсоница голалцин кьабуна нилъеразе тIоцебесеб таймалдаго. Жеги чанго гол кьабизеги рес букIана майданалъул хважаинзабазул «Анжиялъе». Амма МахIачхъалаялъул команда щибаб нухалъ хвасар гьабулеб букIана гьелъул голкипер Дюпиница. КIиабилеб таймалдаги хIаялъул сценарий букIана тIоцебеселдаго гIадинаб, гьеб хисизабун нилъеразухъаги бажаричIо. Жеги лъабго гол кьабуна Краснодаралъул футболистаз. Дюпинил кавабахъе торгIо кьабуна Игнатьевасгун МухIамад-Шапи Сулеймановас. КIиабилев ккола Дагъистаналдаса. Гьес ракьцоязул голкипер къварид гьавуна кIиго нухалда.
Гьеб туралдаса хадуб «Анжи», 18 очкогун, буго 14-абилеб бакIалда.
Хадуселда, ай 22-абилеб туралда «Анжиялъ» къабул гьабизе буго Москваялъул «Динамо» команда.
«Краснодаралъулгун» букIараб хIаялдаса хадуб, «Анжиялъул» тренер МухIамад Адиевас лъазабуна жинца командаялъулгун къомех-лъикI гьабулеб бугин. «Ахираб заманалда «Анжиялъ» лъикIал хIасилал рихьизарулел гьечIо ва гьелъул аслияб гIайиб кидаго букIуна тренерасда. Дихъа бажарулеб гьечIо командаялъе букIине кколеб къагIидаялда нухмалъи гьабун. Баркала. Къо-лъикI», — ан абуна Адиевас хIаялдаса хадуб букIараб пресс-конференциялда.
Заман иналдего тIибитIана исанасеб сезон лъугIичIого «Анжиялъу­л» президент ГIусман Къадиевас гьев командаялдаса нахъе ине виччалев гьечIин абураб хабар. «Дун дандчIвана ГIусман Къадиевгун ва сезон лъугIизегIан хIалтIеян гьарана гьес дида. Гьебго мурадгун кIалъан вачIана Къурбан Бердиевги. Гьезул гIакълуялъухъги гIенеккун, ракIалде ккана сезон лъугIизегIан хIалтIизе. Хадубккунисеб къисмат бараб буго командаялъул хIасилазда», — ян бицана «Анжиялъул» бетIерав тренерас.
«Анжиялъул» президент ГIусман Къадиевасги лъазабуна Адиев гIа­гараб заманалда командаялдаса нахъе ине гьечIин. Гьелда бан гьадинаб махсараги гьабуна: «МухIамад Адиевас «Анжиялъулгун» гьоркьоблъи къотIизе тезе гьечIо гьев «Ювентусалъ» жиндирго тренерлъун воси­зе­гIан», — ан.
Нилъее бокьаниги бокьичIониги, ахирал соназ «Анжиялъ» бихьизабулеб бугеб хIаялдаса расги рази гьечIо я жалго футболистал, я гьелъухъ балагьулел. Амма, пайда щиб, гIарцул рахъалъан захIмалъаби ратанигицин, гьеб хIалалда клуб тей рекъараб гьечIо. Гьениб цо щиб бугониги ургъизе, гьабизе тIадаб буго клуба­лъу­л нухмалъулездаги. Гурони, нилъ хутIизе руго «Анжиги» гьечIого.