РечIчIухъанлъи

ГъалатIал такрарлъизе гьечIо

Сталлонее къваригIун буго НурмухIамадовги Конорги цоги нухалда речIчIизе тIамизе

Голливудалъул актер Сильвестр Сталлонеца рикIкIунеб буго, гIагараб заманалда жубараб речIчIухъанлъиялъул рахъалъ цевевахъунев Конор Макгрегор ХIабиб НурмухIамадовасдаса бергьинчIони, гьес спорталъулгун къо-лъикI гьабизе бегьулилан. «Дица рикIкIуна, бигьаяб масъала гьечIониги, ХIабиб къезавизе Конорихъа бажарилин. Амма, тIоцебесеб иргаялда, ирландия­лъулас жиндилъго къезабизе ккола дандияв рикIкIунгутIиги гIамал кIодолъиги», — ян абуна Америкаялъул киноактерас.
Сильвестр Сталлонее бокьун буго гьеб къеркьеялда Конор Макрегор бергьине. Конорица абулеб буго ХIабиб гьедигIан къуватав спортсмен ватилин ракIалдего ккун букIинчIилан. «НурмухIамадовасул гьунар букIун буго, гугаризего гIадин, эхетун вагъизеги. Амма гьесдаса дир техника щулияб буго. Гьаб нухалда тIоцебесеб къеркьеялда риччарал гъалатIал такрарлъизе гьечIо», — ян лъазабуна Ирландиялдаса спортсменас.

Дзюдо