РечIчIухъанлъи

ЦIияб масъала — UFCялъул рачел

Забит МухIамадшарипов бергьана Джереми Стивенсонидаса

Жубараб речIчIухъанлъиялъул олимп ккола UFC. Амма цо-цо цогидал гIуцIабазги яхI бахъулеб буго рехсараб компаниялдаса нахъе ккечIого рукIине. Гьединаз жидерго мухъилъе къуватал спорт-сменал цIазелъун хIалтIизабулеб буго гIемераб гIарацги. Мисалалъе, гьал къоязда Азиялъул Road FC гIуцIиялъ тIобитIараб турниралъул
аслияб къеркьеялда бергьаразе кьолеб букIана миллион доллар. Гьеб чвантиниб лъезе рес букIана Да-гъистаналдаса речIчIухъан Шамил Завуровасул. Нилъерасда данде гьеб къоялъ вахъана Франциялдаса
спортсмен Мансур Барнауи. ТIоцебесеб кIиго раундалда Шамилица рингалда тIокIлъи бихьизабулеб букIана. Амма, лъабабилеб раундалда, дандияс Шамил, гьурмалъ накуги кьабун, нокауталде ккезавуна. ПалхIасил, щвечIо чачаназул «АхIмат» клубалда ругьун гьавулев 35 сонил ригьалде вахарав дагъистаниясе миллион доллар.
Гьебго къоялъ Прагаялда тIобитIараб UFCялъул иргадулаб турниралда цевевахъана кIиго дагъистанияв — Рустам Хабиловгун МухIамад Анкалаев. Рустам Бразилиялдаса спортсмен Диего Ферейродаса къуна. Анкалаевасин абуни гьебго Бразилиялдаса речIчIухъан Клидсон Абреуда тIад босана ракIчIараб бергьенлъи. Гьеб сордоялъ октагоналде вахъаралъухъ Рустамие щвана 43200 доллар, МухIамадие — 29500 доллар.
Лъабабилеб марталда Лас-Вегасалда тIобитIарав UFCялъул турниралдаги гIахьал-лъана Дагъистаналдаса спортсмен. Рехсараб компаниялъул
рейтингалда 12-абилеб бакIалда вугев Забит МухIамадшарипов дандчIвана анлъабилеб бакIалда вугев американав Джереми Стивенсонгун. «Дагъистаналъул ниндзя» абун тIокIцIар гIадада кьураб гьечIеблъи бихьизабуна Забитица рингалда. Чанго нухалда гьес кIанцIун кьабураб мал щвана американасул гъванщилъ. Гьединго заруцаги вухулев вукIана Забитица гьев. ПалхIасил, киналго судияз ракIчIараб бергьенлъи кьуна дагъистаниясе.
Къеркьей лъугIун хадуб гьадин абуна Забит МухIамадшариповас: «Дун лъикI хIадурун вукIана къеркьеялде. Амма, кин букIаниги, цо жо гIолареб гIадинги вукIана, кIвар кьезе кколел рахъал ричIчIана. Гьаб бергьенлъиялдаса байбихьулеб буго UFCялда дир цIияб нух, рачелалъе гIоло нух», — ан.