Квешлъиялда данде лъикIлъи

КъурамухIамад КъурамухIамадовасул цIаралда бугеб спортивияб школалде щвана спорталъул министр

 

ДРялъул спорталъул министр МухIамад МухIамадов Каспийскалда дандчIвана КъурамухIамад КъурамухIамадовасул цIаралда бугеб «Энергия» спортивияб школалда ругьун гьарулел гIолилалгун. Спорталъул министрасда цадахъго гьенире щвана Каспийск шагьара­лъул администрациялъул вакилзаби, муфтияталъул хIаракатчагIи, низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби, Олимпиялъул чемпион ХIайдарбег ХIайдарбегов, ХIажимурад МухIа­мадов, боксалъул рахъалъ лъабцIул дунялалъул чемпион МухIамадрасул Мажидов, эркенаб гугариялъул ра­хъалъ дунялалъул ва щуцIул Европаялъул чемпион КъурамухIамад КъурамухIамадов ва цогидалги. ДандчIваялъул аслияб мурад бу­кIана гIун бачIунеб гIелалда терроризмгун экстремизм щиб кколебали бицин, гьелда сверухъ бичIчIикьеялъул хIалтIи гьаби. Саламги кьун, МухIамад МухIамадовас данделъаразда гьадин абуна: «Нуж ккола республикаялъул ва улкаялъул букIинесеб. Спорталъ чи куцала къвакIаравлъун, къуватавлъун, лебалавлъун вукIине, хадусеб гIумруялде бихьизабула битIараб нух. Амма камулел гьечIо спортивияб залалда щвараб къуватги къвакIиги квешлъиялде буссинабулелги. Нужецайин абуни мисал босизе ккола лъикIаздаса, гьале жакъа нужехъе рачIарал спортсменаздаса. Спорталдаго гIадин, гьаз лъикIал хIасилал рихьизарулел руго республикаялъул гIумру тIадегIанаб даражаялде бачиналъулъги», — ян абуна ДРялъул спорталъул министрас.
ДандчIваялда гIахьаллъарал цогидазги гIолилазе бицана жидерго гIумруялда ккарал лъугьа-ба­хъиназул, ахIана гьел квешлъи гьабурасецин лъикIлъи гьабизе, улкаялъе мунпагIаталлъун рукIине, чIахIиязул адаб, гIисиназул хIурмат гьабизе. Диниял хIаракатчагIаз ра­кIалдещвезаруна МухIамад аварагасул хIадисал, гьесул гIумруялдаса цо-цо хIужаби.

Гьумер хIадур гьабуна
Темирхан ХIасановас.