ЦIияб тIехь

ЦIумаз роржен лъола борхалъудасан

КъватIибе бачIана ХIабиб НурмухIамадовасул хIакъалъулъ хъвараб тIехь

Москваялда Synergy Global форумалда тIобитIана жубараб ре­чIчIу­хъанлъиялъул рахъалъ UFC­-лигаялъул чемпион ХIабиб Нур­му­хIамадовасул хIакъалъулъ ДРя­лъу­л гIолилазул ишазул рахъалъ экс-министр Заур Къурбановас хъвараб «ХIабиб Тайм» абураб тIохьол презентация. Гьеб тадбир нухда бачана машгьурай журналист Тина Канделакица. «ТIехь хъвазе байбихьана кIиго соналъ цебе. Доб заманалда дун вукIинчIо UFCялъул чемпионлъун. Гьединлъидал гIемерал гIадамаз абулеб букIана жеги дир хIакъалъулъ тIехь хъвазе цудунго бугин. Амма нижеца дагь-дагьккун къалмикье росулел рукIана гIумруялъулъ ккарал гвангъарал ва къваридал лъугьа-бахъинал», — ан бицана ХIабиб НурмухIамадовас тадбиралъул байбихьуда. Хадуб гьес жавабал кьуна данделъиялде рачIарал батIи-батIиял информациялъул алатазул мухбирзабазул суалазеги.
— Мун гьабсагIаталда вуго дунялалда бищунго машгьурав Россиялъул речIчIухъан. Гьелъул тIадецуй букIунищ?
— Дица гьелъул пикруго гьабуларо. Амма хIакъаб жо, машгьурлъиялъул рахъалъ дун Расул ХIамзатовасда хадув вуго. Дов чIаго вугеб заманалда социалиял гьинал рукIаралани, гьенир гьесул гьудулзабазул сияхI диралдаса гIемерго цIикIкIараб букIинаан. Дида Расул чанго нухалъ вихьана. Гьесул гIагарай чIужу йикIана нижер росулъ росасдаги.
— Конорилгун букIараб къеркьеялдаса хадуб кинаб букIараб рекIел хIал?
— БитIараб бицани, Макгрегорица гIодоб квер кьабураб заманалда, пашманлъана. Щай абуни гьедигIан бигьаго гьев къелин ккун букIинчIо. Кидаго бергьине бокьула къуватав дандиясдаса. Конорицайин абуни рин­галда щибгIаги бихьизабичIо. ГIе­мераб къуватги кьун, гIетIги тIун, гьалдейищ дун хIадурлъулев ву­кIаравиланцин ккана ракIалде.
— Макгрегор дур тушман кколищ?
— Кколаро. ГIемер къваригIел гье­чIел харбал рицана гьес къеркьеялда цебе. Шоуялъул бутIа бугинги абун, бокьа-бокьараб бицине бегьуларо. Щибаб жоялъул гIорхъи букIуна. Амма гьабсагIаталда жив Россиялде гьоболлъухъе вачIун вугин ахIун бачIани, аэропорталде, гьесда дандчIвазе ине хIадурав вуго дун.
— Жубараб речIчIухъанлъиялъул тIогьиве вахана мун. Профессионалияб спорталъулгун къо-мех лъикI гьабизе ракIалда бугищ?
— Щибаб жоялъул букIуна авалги ахирги. Жиндир заманалда тараб лъикIаб буго кинабго. КъобахъанагIан нилъ херлъулел ругелъул, къаркъалаялъе гIазабги кьечIого тезе буго дица спорт. ГIемер рукIана ва руго къуватал, жидедаса щивго бергьинего бергьинарилан ккарал спортсменал. Амма, жиндир заманалда гьеб течIолъиялъ, чанги речIчIухъабазул малакьеги зарукьеги ккана гьел. Дир буго 30 сон ва гьабсагIаталда гьечIо киналгIаги гIузраби. Гьединлъидал жеги чанго нухалъ рингалде, октагоналде вахъине ракIалда буго.
-Дуца гIумру кьуна спорталъе ва дандчIвана гIемерал захIмалъаби. Гьединабго гIумру тIамизе бокьилищ дурго васас?
— БитIараб бицани, гьелда тIад ургъизе заманго букIинчIо. Абизе бегьула дица тIоцересел галаби спортзалалда рахъанин. ТалихI ккана эмен тренер вукIин. Гьесда лъалелъулха гьитIинал кин ва чIахIиял кин ругьун гьаризе кколелали. Амма, гIисинго ругеб мехалъ, захIмат-гIакъуба бихьизабизе бегьуларо лъималазда. КIиабизе бугони, дир гIумру батIаго квешаб гьечIо. Дунго ккола дирго хважаин, бокьани вахъина рингалде, бокьичIони вахъи­наро. Дунялалда гIемер рукIуна гIунгутIабиги захIмалъабиги. Амма гьел къулчIизе, тIасан гали бегьизе кIвезе ккола бихьинчиясда. Васасулгун гара-чIвари гьабила гьев лъай-гIакълу щвараб ригьалде вахиндал.
— КъотIи-къаялда рекъон, жеги чан нухалъ къеркьезе кколев мун UFC-лигаялъул турниразда?
— РакIалда гьечIо. ХIакъаб жо, цоги къеркьей букIина. Гьеб кида букIине бугебали ва дандиясул цIар баянлъила 10 декабралдаса хадуб, ай гьеб къоялъ букIине буго Невадаялда атлетикияб комиссиялъул данделъи, ва ахирисеб къеркьеялдаса хадуб ккараб лъугьа-бахъиналда бан къотIизе ккола гьез хIукмуги.
Заур Къурбановас бицана тIехь кинал бутIабаздаса гIуцIун бугебали. «ТIехьалъул буго 300-ялдасаги цIикIкIун гьумер ва гьеб буго ХIабибил автобиография хIисабалда хъвараб. Аслияб къагIидаялда гьелда руго живго ХIабибил ва гьесул эмен ГIабдулманапил ракIалдещвеял. Гьеб лъугIула Конорилгун букIараб къеркьеялдалъун», -ан абуна авторас.
Synergy Global форумалда ХIабиб НурмухIа­мадовас ва гьесул командаялъ лъабго сонил болжалалда цоцазе пайдаяб куцалда хIалтIизе къотIи-къай гьабуна спирт гъорлъ гьечIел гьекъолел жал къватIире риччалеб «Горилла» абулеб компаниялъулгун. Гьеб заманалда жаниб рехсараб компаниялъ спортсменазда тIад харж гьабизе буго миллион долларалдасаги цIикIкIун гIарац.