Гугари

Лъабазарго долларалъе мустахIикълъана

Олимпиялъул хIаязул призер Мурад ХIайдаровасул призалъе гIоло

МахIачхъалаялда, Елена Исин­­­­баевалъул цIаралда бугеб ста­­­дионалда тIобитIараб эрке­наб гугариялъул рахъалъ тIол­го­россиялъул турниралда, Му­рад ХIайдаров речIчIулев вукIараб 54 кг цIайиялда, бергьенлъи щва­­на Хасавюрталдаса АхIмад ГIусмановасе. Гьесие кьуна лъа­базарго доллар. Къецазда гIа­хьал­лъана Калининградалдаса, Санкт-Петербургалдаса, Казахстаналдаса ва Азербайжаналдаса речIчIухъабиги. КIиабилеб бакI щвана МухIамад Хизриевасе. Лъаб­абилеб бакI гьоркьоб бикьана Санкт-Петербургалдаса Тимур Богатиревас ва Хасавюрталда­са ХIажимурад ГIалимхаевас. КIи­абилеб ва лъабабилеб бакIал ккуразе кьуна 15000 ва 800 доллар.